Сунде машгъуллъун вукIинев пенсионер?

 

   Жакъа херал чагIазул гIемерисел хутIун руго лъиего хIажаталлъун гьечIолъиялъул ва гIадамазул тIалаб-агъазалдаса махIрумлъиялъул асаралда гъоркь. Экспертазул пикруялда рекъон, гIемерисел харабазул буго цIияб хIукуматалъул гIуцIиялъ жал гукканин абураб ракIхвейги. Гьез кинго къабул гьабулеб гьечIо гIумру гьабиялъул цIияб къагIида. Ва гьеб киналъулго хIалуциналда дугъдан чIезарун руго нерваби. Харабазе чара гьечIеблъун ккола сверухъ ругезул, хасго гIагарал чагIазул адаб-хIурмат ва тIалаб-агъаз. Гьезие кванил, ратIлил къварилъи биччачIониги, гIагарал чагIазулги, жидерго яшав-магIишаталде риххун, кидаго гуро заманги, ресги, къуватги букIунеб херал чагIазде тIаде-гъоркье ине, гьезулгун бухьен гьабизе.

 

Херлъиялъул адаб гьечIо

   Хераллъун рикIкIуна 60-ялдаса тIаде араб ригьалъул чагIи. ХIатта жидерго лъималазе гьел хутIулел руго хIаракатаб гIумруялъул хьолбохъ. Намус тIагIарал ва яхIалде мугъ рехарал цо-цо лъималаз херал ва унтарал умумул щвезарулел руго херазул рокъоре, ресалда ругез – хасал пансионатазде.

   ГIадамазул агьлуялъул рухIияб даражаялъе къимат кьола херал чагIаздехун гьезул бугеб бербалагьиялъул хIисаб гьабун. Гьайгьай, чIахIияб гIел букIинчIебани, букIинароан нилъер бахIарчияб тарих ва жакъасеб къоялъул рес буголъи.

   Умумузул абиги гьечIищха, тамахал буртинадул хьиталги ретIун, лъидаго рагIулареб хIалалъ, гьабугьин щивасда тIаде гIунтIулин херлъиян. ТIаде гIунтIана захIматалъул книжкаялда ахирисеб хъвайхъвагIай гьабураб къо. БокьанагIан хIухьбахъе, босе гIумруялдаса кеп. Амма щибаб къойилаб гIадада чIеялдаса хIалтIун ругьунлъарал пенсионерал хехго свакала, гьел ургъула щиб ишалдедай машгъуллъилаян. Узухъда, ракIгъеялъе ва заман инабиялъе, пенсионераз гьаризе бегьулел ишал гIемерал руго. ХIаракатаб иш-пишаялъ халат гьабула гьезул гIумру. Пайдаял ишазде машгъуллъарав херасда чIалгIунаро гIумру ва гьев къанагIат гурони унтуларо. ХIалтIулев херас жиндаго хадуб хъулухъги гьабула. Гьесул букIуна гIадамазе жиндаса пайда бугин абураб рохалил асар. Гьелъ квербакъула гьесул сахлъи ва рекIел хIал лъикIлъизабиялъе.

67 сон барав пенсионер Арсланица бицана: «Лъабабилеб сон буго пенсиялде аралдаса. Анищ букIана пенсиялде ине, къойил хIалтIуде гIедегIизе кколареб, бокьанагIан кьижизе ва паркалда нардал хIазе рес кьолеб заман щвезе. Киданиги кколароан пенсиялъул заман чIвай дие гIакъуба-гIазаблъун лъугьинилан. Цо-цо мехалъ дун хутIула гьабизе жо лъаларого. Радал вахъуна ва байбихьула иргадулаб, гIададисеб, чIобогояб, ай пайда гьечIеб къо. Рихана телевизор, чIалгIана диван. Сахлъи-чIаголъи жеги лъикI бугониги, хIалтIудеги восулев гьечIо. Лъади йикIуна васасул лъималгун, дидаса абуни, лъиего пайда гьечIо. Щиб гьабилеб!? Дие хутIараб жо буго хвалихъ балагьун чIей», — ян.

  Ингилисазул гIалимзабазул цIехрехаз тIатинабун буго, пенсиялде арал руччабазул гIумру бихьиназдаса халатаб букIиналъе бугеб аслияб гIилла. Рокъой лъади йикIуна нусго батIияб ишалде машгъуллъун (квен гьаби, ретIел чури, рукъ бакIари, росасда ва лъималазул лъималазда хадуб хъулухъ гьаби…), ай гьелда лъала жий хIажатай гIадан йикIин. Кьурабги кванан, кванарабги беццун, диваналъеги телевизоралъеги командирлъи гьаби гуреб, росас рокъоб щиб гьабилеб?! Щибаб къо гьедин тIамулев бихьинчиясда бичIчIула жиндаса пайда-хайир гьечIолъи. Гьеб асаралъ жагъаллъизабула бихьинчиясул сахлъи, хасго нерваби, къокъ гьабула гIумру.

 

Пенсиялде ин: талихI къосин яги…

 

«Пенсиялъулаб хIалуцин» цIакъго захIмалъула жигараб творческияб ишалда рукIарал чагIазе, гьединго лъималаздаса ва гьезул лъималаздаса рикIкIад ругел харабазе. Пенсиялде ин гьезие лъугьуна унго-унгояб талихIкъосинлъун.

Кинха гьел ругьунлъилел цIияб социалияб ахIвал-хIалалде, гьоркьоса къотIизе течIого, кин пенсионерас жиндирго сахлъи щула гьабилеб ва гIумруялдаса лазат-кеп босилеб? Щивасул букIуна жинди-жиндир къагIида. Масала, рагъул гIахьалчи ва жигарав жамагIатчи МухIамад Батирхановас шагьар бакьулъ гIемертIалаяб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда бугеб квартираялда цебе гьабун букIана цIакъ лъикIаб ах ва бахча. Рокъосезе гьес гьукъулаан гьениб кинабгIаги хIалтIи гьабизе, кинабго гьабулаан жинцаго. Кисанго гIадамал рачIунаан гьес ах къачIан бугеб куц бихьизе.

Ахикь бараб хасаб минаялда Батирхановас гIуцIун букIана, жинца нухмалъи гьабулеб букIараб полкалъул рагъулаб нухлул ва Дагъистаналъул бахIарзазул бицунеб музей. Экскурсиялъ гьенире рачIунаан гIадамал, хасго школлъимал. Республикаялъул нухмалъиялъ МухIамадида тIад къалаан гIемерал жавабиял жамгIиял ишал. Гьесул гIарз букIунаан киналго ишал тIуразе жиндие заман гIолеб гьечIин. Гьелъги батила, Батирхановас бана 102 сон.

Херав чиясе аслияб жо ккола рекIее бокьулеб ишалде машгъуллъи. Шагьаразда ругониги, гIемерисел пенсионеразул кьалбал руго росабалъ. Гьезие бокьула ракьалда хIалтIизе. Гьединлъидал херав чиясе кинабго рахъалъ лъикIаб къагIида ккола дачаялда, ахикьбахчаялда хIалтIи. Дача гьечIезе рес буго сверухълъи берцин гьабизе. Масала, гIемертIалаяб минаялъул квартираялда гIумру гьабулей Анисатица жиндирго горда цебе гьабун буго цIакъ берцинаб бахча. Гьеб берцинлъи бихьизе, гьелда цереги чIун, суратал рахъизе рачIуна аскIор ругел минабаздаса гIадамал. Гьеб минаялда Анисат лъугьун йиго цIакъ машгьурай гIаданлъун. Гьелдаса мисал босун, мадугьалзабазги чIолел руго тIугьдул ва хъархъал.

Цоги мисал, гъоркьиса ихдал Афгъаназул паркалда ХIажияв абулев чияс, живго лъикIав лъугьун (жиндирго харжазда, жинцаго бухъунхъван), чIун букIана 200 гъветI. Гьезул бащдал ракъвана, ва гьезул бакIалда исанаги гьес чIана 100 гъветI. Гьеб ккола ХIажияс жиндиего лъолеб памятник ва ракьалда толеб лъалкI. Гьединал чагIаздаса мисал босун, щивав пенсионерасе рес буго жиндирго рукъалда цебе цо-кIиго гъветI яги хъарахъ чIезе, гьезда хадуб хъулухъ гьабизе, гьел берцинлъулел ва кIудиял гIолеб куцалда хадуб халккун, жиндирго рекIее рахIат гьабизе.

Черх лъадаре

  Сонал анагIан загIиплъула херал чагIазул гIакълу-пикру, гьезул «гьудулзабилъун» лъугьуна палгъай, пикраби риххин, ракIалда жо чIунгутIи… Гьел гIунгутIаби тIатинчIого рукIиналъе чара гьечIого кидаго хIалтIизабизе ккола бетIер. Гьеб мурадалда херав чи куцазе бегьула Къуръан цIализе, хIалбихьизе бегьула кучIдул яги харбал хъвазе, компьютер лъазабизе, суратал рахъизе… Масала, Культураялъул хIалтIухъабазул профсоюзалда хIалтIулев вукIана 81 сон бараб тумав АхIмад Ибрагьимович. Жиндирго гIакълу-пикру камилго цIуниялъул мурадалда АхIмадица рекIехъе лъазарулаан гIурусазул ва тумазул кучIдул, абундачал.

Мукъсанаб гурони пенсия щоларел нилъер пенсионеразул рес гьечIо дунял бихьизе ине. Амма, бетIерги квералги хIалтIизе тIамуни, гIемерисезул рес буго, хIалакъаб бугониги, бизнес гьабизе; гьеб бокьичIони, гIадамазе пайдаял ишазде машгъуллъизе. Мисалалъе, щай бегьулареб, жидерго сайтги гIуцIун, «гIолохъанал» пенсионераз рекламаялъул хIалтIаби гьаризе. РакIгъейги букIина, гъурщалги щвела.

МугIрузул районазул росабазул пенсионеразе рес буго наял хьихьизе. Гьелъие цIализе кколаро, наязул хIакъалъулъ киналго балъголъаби руго Интернеталда. Гьединго, цIакъ хайираб ишлъун рикIкIуна гIанкIал ва чIоролаби гIезари.

  ГIемерисезул букIуна лъимерлъудасанго бугеб, амма, рес ккечIолъиялъ, тIубачIого хутIараб анищ (квералъ яги фотоаппараталъ суратал рахъи, кучIдул хъвай, музыкалиял алатазда бакънал рачине, кечI ахIизе, кьурдизе ругьунлъи…). БокьанагIан эркенаб заман бугев пенсионерасе рес буго жиндирго пагьму цебетIезабиялда тIад хIалтIизе.

  Херал чагIазул аслияб масъала ккола сахлъи щула гьаби, гьелда хадуб халкквей. ЦIадаса ХIамзатил «Бегун хвараб къаркъала, къо ккани, хьадарлъула» абураб малъиги гIадахъ босун, нилъее – херал чагIазе – лъикIаб жо ккола, бажарараб куцалда чорхое «гIакъуба» кьей. Гьайгьай, сахлъиги гIумруги нилъее кьола Халикъас. Амма Къуръаналда хъван буго, щивав чияс жиндирго сахлъи цIунизе кколин абун. Аллагьас дие кьун буго лъикIаб сахлъи, гьайгьай, дицаги хIаракат бахъула гьеб цIунизе ва щула гьабизе. Радал мачIикьаго гьекъола ражидул яги лимоналъул хинаб лъел кIиго гьитIинаб кружка. Щибаб къоялъ радал анкьгоялде бащдаб хIалтIараб мехалъ щола паркалде, росулъ вугони – накIкIил рохьове. Гьенив хьвадун, нахъа тола 3-3,5 км; унаго, гьарула батIи-батIиял упражнениял, гьединго беразе гимнастика. Вахуна турникалде, брусьябазде, хIала торгIо. Гьениса рокъове щведал кванала кIиго-лъабго гIеч. МаркIачIудаги добго парк, добго рохь (къойида жаниб 10000-11000 гали, ай 7-8 км). Гьеб киналъго квербакъула чорхол сахлъи щула гьабиялъе, беразул канлъи лъикIлъизабиялъе ва къватIул унтабаздаса цIуниялъе. Амма лъикIаб хIасил ккеялъул мурадалда гьеб кинабго гьабизе ккола гIужда, ай гьоркьоб къо биччачIого.

Нури НУРИЕВ

 Макъала хъвана тохтур-психолог Исрапилов ГIарипилгун букIараб гара-чIвариялдаса пайдаги босун