ЦIилъана некIсияб Яхсаялъул ракь

 

 

 

 

Хасавюрт районалъул Аксай росулъ гIумру гьабулеб буго Дагъистаналда ругел миллатазул вакилзабазул 12000-гIан чияс. Гьеб буго бечедаб тарихалдалъун ва цIар рагIарал гIадамаздалъун машгьураб росу. Чанго соналъ цебе аксаялъулаз кIодо гьабуна росдае кьучI лъуралдаса 1500 сон тIубаялъул юбилейги. Гьелъул хIакъалъулъ бицунаго, мугIалим, рагъулгун захIматалъул ветераназул советалъул председатель, краевед Анварпаша Байсунгъуровас гьадин бицана:

 

 

 

    — 1722 соналда, Персиялде гьабураб сапаралдаса тIад вуссун вачIунев Россиялъул император Петр ТIоцевесев лъалхъун вуго Каспиялъул рагIаллъуда, Аграханалъул жаниблъиялда. Гьениб гьесда дандчIвай гьабун буго Яхсаялъул гиназ СултIан-МахIмудица ва сайгъаталъе кьун буго лъабго чу, нусиялда кIикъоялда анцIго оц ва лъабкъого гьоко. Россиялъул ханасе кутакалда рекIее гIун руго гIакъилав, цIодорав ва букIинеселде лъикIаб хьулгун валагьулев Яхсаялъул гиназ СултIан-МахIмудил сайгъатал. Петр ТIоцевесес СултIан-МахIмудие кьун буго грамота. Гьелда хъванги букIун буго: «Доналъул ва Терекалъул атаманазда ва хъазахъазда лъазабулеб буго гиназ СултIан-МахIмудие ва гьесул доре-гьанире гочунел улусазе кинабгIаги къварилъи гьабуге», — ян.

— Анварпаша, дуца бицунеб рагIун букIана некIсияб Яхсай росу цогидаб бакIалда букIун бугин. Гьелъул хIакъалъулъги лъазе бокьилаан.

    — Жакъасеб Аксай ккола 200-гIан соналъ цебе бижараб росу. 1825 соналда гочана гьанире нижер умумул. Картаялда цIияб росу бакканин абун Россиялъул пачаясда лъазабун буго Кавказалда вукIарав гьесул наместник, генерал Ермоловас. «Ермоловасул хъвай-хъвагIаял» абураб тIехьалдаги хъван буго гьадин: «Аксай росу цIияб бакIалде, ай Аксай гIурул рагIалде анцIила щуго версталъ «Ташгечуев» щулалъиялде аскIобегIан бахъун буго», — ян. Аксай росу цIияб бакIалде бахъиялъе гIиллалъун ккун буго Россиялъул пачаясул гIадамал инжит гьарулеб политикаялдаса рази гьечIолъи.

   Гьеб росулъа рахъана Россиялъул армиялъул анлъго генерал, къогоялдасаги цIикIкIун полковник ва штабс-капитанасул чинал ругел гIемерал рагъул офицерзаби. Динияб цебетIеялъеги тIоцебесеб гали тIамуна шайих ГIали Яхсайлияс. ХVII гIасруялъул ахиралда гьес лъугIизабун буго «Аль-Азгьар» университет. Теологиялъул гIелмуялъул рахъалъ гъваридаб лъай букIиналъ машгьурлъун буго шайих ГIали Яхсалиясул цIар, Дагъистаналда гуребги, тIолабго Северияб Кавказалдаго. Гьединлъидал Аксай росдал гIалимзабазул советалъул хIукмуялда рекъон, шайих ГIали Яхсайли витIун вуго гьанжего гьанже бусурбанлъизе байбихьарал гъарачаязулгун чергесазул ракьалде.

   Гьале «Вестник Карачаево-Черкесии» абураб казият. Гьелъул цо номер сайгъат гьабун буго ГIали Яхсайлил тухумалъ 300 сон тIубаялъе. Гьаб казияталъул номер нижехъе босун бачIана Аксай росдал 1500 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIараб байрамалде ахIун вачIарав гъарачаязулгун чергесазул ракьалда бугеб ГIали Яхсайлил тухума­лъул гIуцIиялъул президент Къазим ГIалиевас.

   ТIоцебе Аксаялда мадраса рагьиялъ ва гьениб мугIалимлъи гьабиялъ машгьурлъана ГIабдул-Вагьаб Дидимовасул цIар. Гьесул мадрасаялда цIалана машгьурав драматург ГIалимпаша Салаватов, Дагъистаналъул халкъияв шагIир, ЦIадаса ХIамзатил лъикIав гьудул ГIаб­­дула МухIамадов, гъарачаязулгун чергесазул республикаялъул хIукуматалъул бетIерлъун вукIарав ГIумар ГIалиев ва гIемерал цогидалги.

   Аксаялдаса ккола «Молния-I» спутникалъул генералияв конструктор, нилъер ракьалъулгун спутниказул бухьен чIезабиялъе хIалтIи гьабурав техникиял гIелмабазул доктор Мурад Капланов. Гьев мустахIикълъана ЗахIматалъул Байрахъалъул кIиго орденалъе, гьесие кьуна СССРалъул Пачалихъияб премия. Жиндир заманалда Мурадил эмен Рашидханги вукIана МугIрузул хIукуматалъул бетIерлъун ва жанисел ишазул министрлъун. Гьеб росулъа рахъана лъабгониги Дагъистаналъул халкъияв шагIир. Гьелги ккола ГIабдула МухIамадов, ГIабдулвагьаб Сулейманов ва МухIамад Атабаев. Аксаялда гьавуна ва гIуна Совет Союзалъул БахIарчи, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи Исай Илизаров. Гьаниб тамашалъи гьабизе бакIги гьечIо. ЖугьутIазул тIубараб авал букIана Аксай росулъ, жакъаги гьелда «ЖугьутI-аул» абула. Кин жугьутIал гьанире рачIаралали лъалев чи гьечIо. Амма аксаялъулаз жугьутIал лъикI къабул гьаруна. Гьезул цояс жиндир заманалда, ай араб гIасруялъул 60-абилел соназ «Яхсай вальс» абураб кечIги хъван букIана.

   Росулъ цо хъизамалъул вакилзабаз гIадин гIумру гьабулеб буго батIи-батIиял миллатазул гIадамаз. Масала, Аксай росдал бакътIерхьулгун северияб рахъалда гIун рачIана гIандадерил ва тIиндадерил росабалъа гочун рачIаразул микрорайонал.

    Аслияблъун рикIкIунеб, ай машгьурав драматург ГIалимпаша Салаватовасул цIар лъураб къотIнор руго росдал администрациялъул, гьоркьохъеб школалъул, почалъул, библиотекаялъул минаби, лъималазул творчествоялъул рукъ, мажгит.

   Росулъ буго шайих Баширил цIар лъураб къватI. Югалъулаб рахъалда бугеб росдал рагIалда руго шайих Башир вукъарал, гьесул зиярат бугел хабалаби.

    — ТIоцебе росулъ школа бана жамагIаталъул хIаракаталдалъун, — илан бицана росдал №1 школалъул директор Зугьра Гебековалъ. — Доб мехалда цо мугIалим вукIун вуго 35-50 сонил ригьалда ругел гIадамазда цIализеги хъвазеги малъулев.

   — 1920-абилел соназда рагьана росулъ тохтурасулаб амбулатория, — ян абуна участкаялъулаб больницаялъул бетIерав тохтур АхIмадула Къазиевас. — 1984 соналда бана больницаялъе цIияб, кIитIалаяб мина. Гьанже гьаниб буго 50 чи вегизе бакI. Гьанибго амбулатория рагьиялъги рес кьола 120 унтарав къабул гьавизе. Гьеб кинабго хIалтIи гьабиялъе росдал больницаялда хIалтIулев вуго 11 тохтур, руго анализал гьарулел кабинетал, махщел бугел лаборантал.

   Росдал магIишаталъул экономика цебетIезабиялъе гьабулеб хIалтIиги мухIканаб буго Аксай росулъ. ГIемерал тIорщел гIезабулел гIуцIабазда гьоркьоса нижеца тIаса бищана росдал магIишаталъул производственнияб кооператив «Гранит». Лъабазарго гектаралда хьала хасалихъ могьолал культураби ва бакIарула бечедаб бачIин. Гьел киналго хурулал хIалтIаби гьаризе кооперативалъул буго гIураб къагIидаялда техникаги махщел бугел механизаторалги.

    КIудияб ВатIанияб рагъул майданалдаги, тылалдаги, захIматалъул фронталдаги бергьун кIудияб хIаракатчилъи бихьизабуна Аксай росдал гIадамаз. «РакIалде щвеялъул тIехьалда» цIар хъван буго 1000-ялдасаги цIикIкIун чиясул. Рагъдаса тIад руссаразул цониги рагъул ветеран жакъа чIаго гьечIо.

Гирай ХIайдаров