ЧIужу лъикIав лъикI ватила

 

   Араб рузман къоялъ, МахIачхъалаялъул Дахадаевасул къотIноб бугеб руччабазул лъай кьеялъул «Гьидаят» идараялда данделъараз бицана, чIужугIадан рухIияб рахъалъ къуватайлъун йигони, жамгIияталъего бугеб лъикIлъиялъул. «Гьидаят» ккола Дагъистаналъул шайих МухIаммад-ГIарифил цIаралда бугеб исламияб университеталъул цо гIаркьел.

 «Мир и согласие — основа духовно-нравственного потенциала» — гьединаб букIана конференциялъул ахIи. Гьебги букIана, «Гьидаят» ва ДРОО «Союз женщин Дагестана» гIуцIиязул нухмалъулезул хIаракаталдалъун хIадурараб, ДРО ОЖ «Муслимат», Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул ва цогидал идарабазул вакилзаби гIахьаллъун тIобитIулеб данделъи.

 — Дагъистаналъул муфти АхIмад- хIажил (къ.с.) «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехь щивасул столалда тIад букIине мустахIикъаб буго, — ян абуна данделъиги рагьулаго, Дагъистаналъул руччабазул гIуцIиялъул нухмалъулей Интизар Мамутаевалъ.

— Масъалаби жамгIияталда гIемер руго, гьездаса бергьине ккани, чIужугIадан рухIияб рахъалъ цеетIурайлъун йикIине ккола.

 «ЧIужугIадан гуро инсанияталъул загIипаб бутIа, чIужугIадан йиго щулияб тIох»

   — Дагъистаналъул муфтиясул гьел рагIаби кьочIое росараб букIана «Гьидаят» централъул нухмалъулей Загьра ИсмагIиловалъул саламалъулаб калам. — ЗагIипайин абуниги, кIудияб къуват, хIалкIолъи кьун буго БетIергьанас чIужугIаданалъе. Гьелда тIадаб буго бихьинчи цеветIеялъе хIаракат бахъизе. ТIох гIеккеялъул мисалалги цIикIкIунел гьечIищха нилъер заманалда. Гьединал гIузраби лъугIизари буго нилъ данделъиялъул мурадги.

  — Дир хIисабалда, хъулухъалда йигей чIужугIадан тIоцее жийго йикIине ккола мисал босулеб гIамалалъул, — ан абуна ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул председателасул заместитель, МахIачхъалаялъул №9 лицеялъул директор Шамсият Насрулаевалъ.

   Бокьилаан нилъер руччабаз жалго хIалтIулеб бакIалда ватIан бокьи цIикIкIун загьир гьабуни, кидаго гIунгутIаби рехсечIого, лъикIал мисалазул гIемер бицани. Нилъер мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялдаса босизе бегьила мисал. Гьез киданиги къватIир чIваларо жидерго гIадамазул загIипал рахъал. Аслияблъун дида бихьула Аллагьасда божи, гьединав чияс кидаго зарал гьабуларо. Кутакалда рекIее гIуна филологиял гIелмабазул доктор, профессор, ДГИялъул ректор Расулова ПатIиматица загьир гьарурал пикраби. Жиндирго хIалтIул хIалбихьиялъул, хIакъикъияб гIумруялъул хIисаб гьабураб кIалъай гIатIидго халкъалъе рагьизе мустахIикъаблъун бихьана. Риххулел ригьнал, рухIияб язихълъи, лъимадул лъавукълъи, заманаялъул карачалабазулъ гъанкъизе жиндирго наслу тей — гьеб кинабго гьукъизе къуват гIола рухIияб рахъалъ цеетIурай чIужугIаданалъул. Заман хисунилан хиси гьечIеб бугелъул имангун ислам, адабгун намус. Узухъда, гьелъие мисалал гIунги тIокI руго. «ЧIужугIаданалъул кверщаликь буго рос тахиде вахинавиги, гьесул къадру малакье бортизабиги», — ян тIибитIараб абиги чIобогояб бакIалда бижараб батиларо.

   ГIумру бихьарал, гIелму босарал, цIи-цIиял гIелазе тарбия-лъай кьеялъул бутIа лъолел руччабиги рукIана гьенир.

    КIалъаязулъ рехсана Макаренко, Зоя Космодемьянская, Америкаялда тарбия кьолел къагIидаби, Ксения Собчак, хIатта Ленинцин.

   КIалъаязулъ букIана рухIияб рахъалъ язихълъулел рукIиналъул, мугIалимасул къимат гьечIолъиялъул, хъизамалда рекъел цIуниялъул, лъималазе тарбия кьеялде кIвар чучун букIиналъул, нилъер заманалда чIужугIаданалъ борхулеб бакIлъиялъул бицен.

  Исламалъул бичIчIи битIун кьеян малъулелги рукIана. Гьелъулги бегьунгутIи букIинаро «битIун» абураб рагIулъ лъураб магIна жидедаго бичIчIулеб батани. Масъалаби иргадал рехсейги, гьездалъун лъугьарал гIузраби сах гьариялъе нухал ратизе хIаракат бахъиги — гьеб батIи-батIияб иш буго. Гьереси щай, кIицIул кIигогIанги лъалел масъалабазул бицун гьез гьарурал цо-цо кIалъаяз щибго цIилъи кьечIо. ХъулухъчагIи-руччабаз бицана жидерго хIалбихьиялъул хакъалъулъ, цоцаца реццана, рикьана тIугьдул, кьуна шапакъатал. МустахIикъал ратиларин щаклъиги гьечIо, бицанщиналда щибго дагIбаги гьечIо.

  Дие цIакъго бокьун букIана гьеб конференциялда «Щиб гьабилеб?» «Кинал нухал ратилел?» абурал суалалги рагIизе, гьелъие жавабалги ратизе, жибго конференциялъул ахIиялъе дандерижи кьолел пикрабиги рагIизе. ГIемерисезулъ рагIичIо. Жибго тадбир жаниб тIобитIараб идараялъул кьучIда рихьана дида гьел. Дагъистаналъул муфти АхIмад- хIажил (къ.с.) «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехь, щибаб къоялъ жанире раккулеб, къойил берги кверги щолеб бакIалда букIине кколин абураб пикру такрарлъана гьениб. Нилъецаго гьеб пикру загьир гьаби цо рахъ буго, бицунелда рекъараб гIамал гьабун бажарунгутIи — жеги цIикIкIараб жавабчилъиги батила, хасго жамгIияталда вихьуледухъ вугев чиясе.

  Чи вуго жинцаго абураб рагIиялъул лагъин абула, рагIул лагълъун гурев, ханлъун вукIине тавпикъ кьеги Аллагьас.

   ЛъабцIул квер борханиги цониги суал кьезе изну кьечIо данделъи бачунез, жидерго гьалмагълъиялъе гурони регламентги букIинчIо. Цо цеетIурай бизнесменалъ лъикIаланго заманалъ бицана япониязул къуватаб дармил, тIадго рекъон цогидаз бицунеб букIана гьебго. Гьеб чIандаялдаса гIуждаса унеб бакъаникакго бан лъикIин, гьаругьин къватIие лъугьана. Сабруги букIаралъул лъугIулеб.

«Какин» абун дир ишара бихьидал, хIурулгIин гIадай ясалъ ячана гIатIидаб, гьайбатаб как балеб рокъое. КъватIие унаго, «гьанийго йикIайиланги» букIана ракIалъ абулеб. Бахиллъана гьенир цIалулезда, хIалтIулезда. «Гьидаяталда» куцарал ясал руссараб свериялдаги баракат букIина.

  Лъабго сагIаталъниги халатбахъараб данделъиялъул хIакъалъулъ щибдай бицине ккелаян ургъел букIана гьенибго. Масъалаби гIемер рорхана, гьезул цонигияб тIубаялъе чIванкъотIараб нух бихьичIо: гIаммаб хабар, киназго бицараб, рагIараб, цIакъ гIемер нижецаги хъвалеб. «ЛъикIал тIабигIатазул ах» — гьеле гIоралъ унесе квербазе тIоцебесеб гамачI, рухIияб язихълъиялдаса рорчIизе бокьаразе хвасарлъи. БатIияб жаваб щвечIо данделъиялдаса.

   Кин бугониги, рекIелъ хутIана рахIаталъул асар — АльхIамдулиллагь, нилъер хIукуматалда рес кьун буго иман-исламалъул кьучI лъолел, гъира бугес лъай босулел цIалул идараби рагьизе. Цогидал республикабазда дандеккун, нилъер гьаниб гьел ресаздаса цIикIкIун пайдаги босулеб буго.

 Махщел-лъаялъе куцан гуребги, гьениб щолеб буго чIужугIадан жанисан къуватайлъун гьаюлеб рухIияб «квенги».

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА