Бугелда шукру гьабизе лъаларо

 

   Халкъалъул гIумру лъикIлъизабизелъун чанго батIияб миллияб проект, программа хIалтIизе биччан буго нилъер улкаялда. Ахирал соназда гIезегIанго хIалтIи гьабун рагIалдеги бахъана республикаялда.

   КвегIенлъаби цIикIкIанагIан араб заманалъухъ угьдилел рукIуна нилъ, жакъа бугелда шукру гьабизе лъачIого.

   Дица гьаниб мухIканал баянал кьеларо щиб бутIаялда кигIанасеб хIалтIи гьабулеб бугебали. Пикру гьабулев чиясда гьеб цебетIей бихьула. Амма щибаб рахъалда жанире лъугьун халгьабуни, гIунгутIабиги камилищха.

  БитIахъе хIикмалъула нилъер бусурбабазул кIвахIаллъи, кIигьумерчилъи бихьидал. Дагьаб цIикIкIун заманалъ цого бакIалда хIакимлъун хутIарав чиясда гьеб бакI жиндирго магIишатлъун бихьула. Дагьавниги нечечIого хIукуматалъул чвантинибе гьес квер бегьи — гьебги гIадатияб жолъун гьечIищха. Гьединазул чангоязул кверазда маххалги рана ахирал соназда, амма кинго кантIуларо, цIитараздаги ратула бикъа-хъамиялъе батIи-батIиял нухал. Хадургъун ругеб куц, халкъалъул гIумру лъикIлъизабиялъе биччараб, хIукуматалъул буголъи хIулизе, гьел намуслъуларел куц тIадчагIазе хIелизе. Пачалихъалъул гIуцIиялда гIайиб чIвазе гIедегIула, гIунгутIаби цIехола, нилъецаго гьабулебщинаб борцунаро щивасул намусалъ.

ГьитIинавниги кIудиявниги чан хIакимдай вуго, Къуръаналда квер лъун, жиндир ритIухълъиялъул рацIцIен кьезе кIолев. Бусурбабиянги рукIуна нилъ.

 

Маданияталде цо-цо бакъул чIор

   Миллиял проектазе риччарал миллиардаздаса культура цебетIеялъе бихьизабураб бутIаялъул цо­-цо къатIраби щолел руго магIарухъеги.

 Дагъистаналъул гьумер, тарих, гIасрабазул лъалкIал рагьула маданияталъул гьунарчагIаз. Росдал гьумер райцентралда, районалъул хаслъи республикаялда, республикаялъул бечелъи улкаялъеги рагьулел кIудияб рагIдукь руго гIемерал соназ.

 Лъиего балъголъи гуро, руго росабалъ чIунтарал клубал, гьенир «хIалтIулин» абун харж босулел «гьунарчагIи». Гьел рукIинцин кIочонеб буго жалго жамагIатазда, гьечIелъул жаниб тIобитIулеб щибго тадбир. Гьединаб цо идараялде щолеб буго бакъул чIор ­ гьунаралъул махI, росдал маданияб хаслъи гьечIеб бакIалде миллионалги риччан къачIалеб буго культураялъул кIалгIа.

Щибизейин бижулеб буго суал. Кинаб комиссиялъ, сундул хIисаб гьабун гьеб хIукму къотIараб? Гьебго заманалда буго цоги росдал маданияталъул рукъ, чIунтизе течIого санайил бегавуласул хIаракаталъ къачIалеб, районалъул гуребги, республикаялъул рухIияб хазиналъун бугеб хаслъи жаниб цIунараб, цо гьоркьор течIого байрамазул тадбир жамагIаталъе гIуцIулеб. Гьеб жамагIаталъул гьечIо росулъа рахъарал министрал, чемпионал, чIахIиял трибунаялде рахунел депутатал. ГIарац бикьа­къотIулел тIадчагIазда гьеб хIаракатчилъи би­хьуларо. Гьеле гьеб буго миллиял проектазул кумек бищунго хIажа­талъубе щунгутIиялъе, гIарац унеб бакIалда хадуб мухIканаб халкквей гьечIолъиялъе хIужалъун. Цоги мисал ­ лъикIаб, кIудияб жамагIаталъе щвана культураялъул кIалгIа цIи гьабун къачIазе миллияб проекталъе биччараб гIарац. Бахилаб хIалалъ къачIала маданияталъул мина. Гьез- ги гьелъухъ баркала кьола жидерго росулъа хIакимасе, хIукуматалъе гуро. Пуланав чиясул баракат бугилаха гьаб. Гъосул чвантинисайищ бачIараб гIарац клуб къачIазе?

  ХIукуматалъ халкъалъе гьабулелъулги цIар хIакимасе щвезе кколеблъиялде ругьунлъун руго нилъ.

Гьединал мисалазин гIадатияб хал къалъул божилъиги холеб тIадча­гIазде.

 

Чорокаб квералъ хъубаб квер чурулаго…

 

  Грантал, проектал, программаби, субсидиял ­ кьун ругелщинал ресал магIишат-­яшав лъикIлъизабизе бокьаразе! Амма пайда щиб, гьел хIалтIизарулел гIемерисезул ният бацIцIадаб гьечIолъиялъ чIунталиде ккун буго росдал магIишат. Буго цо тайпа гIадамазул гьел киналниги программабазда рекъон жидеего пайда тIалаб гьабулел. Кагътида кутакалда мухIканго бихьизабула гьез жидеца росдал магIишат борхулеб иш гьабизе бугин. Йохъ, гьезул анцIгоязда гьоркьоса цоясги гIезабуларо ах, хьихьуларо боцIи, рекьуларо хурзал! Гьеб гIарцухъ гьез росула машинаби, багьаяб холодильник, эхетула чIухIараб каву-­къед, кьучI лъола шагьаралда мина баялъе. Ахги фермабиги кагътида рукIуна, ракьулъ седаралги гъутIби хъулухъ гьабичIого ракъвала. Хадур актал гьарула, гьава­-бакъалъул битIгьечIолъиялъ хIайванал, ах­-хур «хола» ва. гь. ц. Кагътица кинабго хIехьолелъул, гъулбас гьабулев чи нилъерго вугони. ХIукуматалъул кумек щун лъикIаб магIишат гIуцIаралги камун ратиларо, гьебги щвечIого магIарухъ лъикIаб яшав гьабулезулги мисалал жеги цIикIкIун руго.

  Гьадинал макъалабаздаса хадуб, дуца чорокаб политикаялъул хIукумат беццулеб бугин, халкъа­лъул масъалабазул бицунеб гьечIин гIайибал чIвалел чагIи камуларо.

   Политикаялъул иш лъаларо, лъазе тIалабги гьабуларо. КIудияб гIелму хIажалъиларо «хIалтIулес хIанчIулеблъи» лъазеги.

  Кутакалда къапун оппозициялда вугин живан рикIкIунев чи вукIана хIукумат какун зигардизе вачIун. «Динги гьукъун гьечIо, гIелму­-лъай тIалаб гьабизеги рес буго, магIишат­-яшав гьабизе бокьаразе хIукуматалъул кумекги буго. Сунцаха квалквал гьабулеб бугеб дур яшав цебетIеялъе? Кидаго какдолев вукIинчIого, гIезабе ах, бекье хур, лъица гьукъун бугеб умумузул кулиги цIи гьабун гьениб дурго магIишат гьабизе?» ­ ян гьесдаса «сурав» босизе лъугьана дун.  «Щиб багьана батунги дие нух кьолеб гьечIо цевехун ине, гранталги, лъикIалщинал программабазда рекъон щолебщинабги цого къавмалда гьоркьоб бикьулеб буго. Гьезул чамалиго ригьзалги руго, рагьтIа чIухIарал машинабиги руго», ­ ян абулев «оппозиционерасда» тIуянго разилъичIогоги рес гьечIо. Чорокаб квералъ хъубаб квер чурулаго хIабургъинабулеб буго лъикIабщинаб.

 

Гьаниб гурищ бугеб алжанул гIаркьел

 

   Нилъер заманалда рес буго къватIисел улкабазул гIумру бихьизе, гьелда данде нилъерабгоги кквезе. ГIемериселъул хIисаб гьабидал, Дагъистан алжанул гIаркьел бугин шукру гьабула. Къварилъиялда бугеб халкъалъул захIматаб яшав телевизоралдасан, жамгIиял гьиназдасан бихьидал, ракIалде щола хъахIцIахIилал, тIогьилал автобусазда рекIун магIарухъа шагьаралде рачIунаго, нухда микьго сагIат балеб букIараб заман. ХIалтIулаб сапаралъ унаго гьанжеги Дагъистаналда гIезегIан ратула горбода мусру бухьун машина бачунел бакIал. Шоферлъиялъул махщел цIаличIониги щолеб гьаб заманалда, цIакъго кIудияб хIинкъи буго гьел нухаздаса хьвадулезе. Гьединал нухал ратана исана БежтIе унагоги.

  Шамил районалде церегоялдаса нахъе лъикIал нухал рукIана, заруца хIакимзабазул остол бухун халкъалъе гIоло кIалъалев Суракъат Асиятилов депутатлъул вукIиналъги батилаха. Гьанже гьел шагьранухал гьенибе гуребги, киналго районазде лъикIлъун руго. Мисалалъе, ракIалде щола гьаб гIасруялъул байбихьуда ЧIараде, ЛъаратIе, Гумбет районазде рукIарал захIматал нухал. Жакъайин абуни гьенире унаго ракI бохула ­ бергьун кIудияб хIалтIи гьабулеб буго гьеб рахъалъ республикаялда.  Руго цо­-цо кепал мисалалги. Къого цIараки гьечIеб росулъе нух гIатIид гьабун буго гIемерал миллионалги риччан. Гьебго нух, росдал бегавуласул хIаракаталдалъун, машина бачине щибго квал-квал гьечIеб къагIидаялъ къачIан мех бан букIинчIо. ГьитIинаб росулъе сверулеб бакIалде щвезегIан бугеб аслияб, чамалиго росулъе машинаби хьвадулеб, хIинкъи цIикIкIарал бакIал гIемераб нухде цо гъурущ биччалеб гьечIо. Проекталда рекъон жидер гьелъие изну гьечIила. Лъил интересазе гIоло бахъараб нух гьеб?

   Гьелъие жаваб щоларо квералъ квер чурулезухъа. Релъулаго гIодизе бегьулеб суал гьечIищха.

ХIукумат какизе лъугьуна нилъ

 

   Лъай кьеялъул бутIаялда, сахлъи цIуниялъул мухъда гьабураб хIалтIиги цIакъ гIемераб буго. Гьел бутIабазда хадуб, цебеялде данде ккун, цIикIкIараб халкквейги гьечIищха.  Нилъеца гьелъул бицуна- ро, гьеб хIукуматалда тIадаб жо бугинги абун. Цебесеб хIукуматалъул гIуцIиялдаги тIалъуларого букIун батиларо гьеб.

 СанагIат рекъарабгIан, квегIенлъи цIикIкIанагIан гIорогунеб буго гIадамасул намус, чучулеб буго жа- вабчилъи, хъантIиялъ кверде босулеб буго ракI.

  Школлъимал раччизе машина босизе биччараб гIарцухъ жиндиего «Джип» босулев, ремонталъе би- хьизабуралъухъ жиндирго ригьзал къачIалев директорги, гьебго намусалъул бегавулзаби, бетIерал тохтурзаби, яслиязул, клубазул заведующиял рукIараблъи лъиего балъголъи гуро. Гьанжеги камун ратиларо гьединал. Къуватаздаса байбихьун туснахъалъур лъолел рукIин бихьаниги, кантIуларо законалъе.

   МагIарухъе щвараб мехалъ бихьула гIумруялъул церетIурал ва нахъеккарал рахъал. Руго лъикIал нухал, санагIалъи рекъарал рукъзал, тарбия­лъай кьеялъе, сахлъи цIуниялъе, спорт цебетIеялъе шартIал. Ратила росаби гIемерал соназ басралъарал масъалаби жанир тIепарал. Гьеб жибго жамагIаталъул гIайиб буго, тIоцебесеб иргаялда.

   Щай хIехьезе кколев анцI­анцI соназ росдал масъалаби тIуразарун бажаруларев бегавул? Щибизе ри- щулел, роботаз гIадин хIакимасе хIажаталъуб гурони квер борхуларел, жамагIаталъе гIоло рагIи абизе бахIарчилъи жиндилъ гьечIев депутат?

   Гьаб эркенлъигун гIатIилъи гIоларого хIукумат какизе лъугьуна нилъ. Жавабчилъиги цIикIкIинабун, гIорогараб нилъерго намус буго бацIцIад гьабизе ккун.

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА