Дагъистан-тIоцебесеб бакIалда

 

 

  Россиялъул шагьаразда гьоркьоб хIухьбахъиялъе туристаз бищунго цIикIкIун тIаса бищулеб шагьарлъун рикIкIана МахIачхъала. Август моцIалда туристал хIухьбахъизе ине ругел бакIазул цIех-рех гьабун хадуб гьединаб баян кьуна «OneTwoTrip» гIуцIиялъ. КIиабилеб ва лъабабилеб бакIалда буго Геленджик ва Ставрополь. МахIачхъалаялда ва Геленджикалда хIухьбахъи Сочиялдаса ва Ялталдаса къадараб гьечIин хъвалеб буго сапаразде хIадурлъизе кумек гьабулеб гьеб гIуцIиялъ.

 

 

Ресал ва шартIал

       ДРялъул Туризмалъул министерствоялъул баяналда рекъон, республикаялде рачIунел туристаз аслияб къагIидаялда тIаса рищула Сулахъ къварилъи, Дербенталъул хъала, Шамил, Гъуниб, Хунзахъ, Дахадаев ва цогидалги районазда ругел тарихиялгун тIабигIиял бакIал.

        Республикаялда туризм цебетIолеб букIин ва туристазе санагIалъаби гIуцIулел рукIин бихьулеб буго. 15 августалдаса байбихьун, лъикIал автобусазда туристал раччулеб маршрут хIалтIизе биччазе бугинги лъазабуна ДРялъул Экономикаялъул министерствоялъ. Гьединго республикаялъул Туризмалъул ва художествиял промыслазул министерствоялъ туристал хьвадулел бакIазда рагьулел руго информациялъул централги.

 

Туристал рази ругищ?

 

         Рази ругищха туристал нилъер республикаялда гьабулеб рукIарахъиналъул хъулухъалдаса? Туристаздаса пайда босулеб буго туризмалъул компанияз, квана-гьекъолел бакIазул хважаинзабаз. Амма жидеего хайир щвей гуреб, инсанасул гIумру ва сахлъи цIуниялъе шартIал чIезарулел гьечIо. Дагьаб цебе Сулахъ къварилъухъ гьулакалда рекIарал, гьелъул кварги тIун, лабаллъуде рортиялъул цIех-рех гьабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Туристазул гIумруялъе хIинкъи гьечIолъиялъе кинабгIаги техника ч1езабун гьечIин абулеб буго турфирмабазул вакилзабаз.

      Дагьал церегIан къоязда инстаграмалда тIибитIун букIана Сулахъ къварилъухъе щварай туристкаялъ гьабураб видео-хитIаб. «Гьалгощинал гIадамал рачIунеб бакIалда, ай кьурал рагIаллъи сверун къачIого кин толеб? Гьанире рачIунеб нухги квешаб буго. Туристал хIадурал руго гьаб берцинлъи бихьизелъун гIарац харж гьабизе. Амма квеш ккараб жо буго шартIал гьечIолъи. Сулахъ къварилъи гIадал бакIаздецин, шартIал гьечIони, гIадамал хьвадизе гьечIо», — ян абулеб буго гьелъ.

 

 

Туристаздаса рази ругищ?

 

     Цо-цояз гьеб видеоялда гъоркь хъвалеб букIана, Сулахъ къварилъиялъул рагIаллъи хьуриялъ къани, тIабигIаталъул берцинаб сипат хвезабулин, гьанжелъизегIанги гьеб къачIого тIуралел рукIанин. Цогидаз хъвалеб буго шартIал къваригIарал туристал цогидал бакIазде ине бегьулин, гьел нилъее хIажатал чагIи гурин.

      Кин батаниги, къойидаса къойиде гIемерлъулел руго республикаялде рачIунел туристазул къадар. Цоял рачIунел руго турфирмабазул кумекалдалъун, цогидал жидерго транспорталда рекIун. Гьединаз, цо-цо мехалда, кIвар гьабулеб гьечIо нилъер гIадатазул ва диналъул. Гьединлъидал, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамал рази гьечIо туристазул хьвада-чIвадиялдасаги.

 

      ГIайиб буго гидазда «Дагьав цевегIан зигараялъ росулъе унаго, нухда бихьараб сураталъ хагазавуна дун. Зирани росдада дандбитIун бугеб хIорихъ гъоркьан ратIлилъ чвердолел ругоан гьалбал. ХIисаб гьабе, мугIрузул районазда гьединал «чвердолел бакIал» рагьани, ахир-къадги кинаб хIалалде нилъеца нилъго рачине ругелали?

     Россиялъул шагьаразда дагъистаниял кьурдани, гьеб рикIкIуна низам хвезабилъун. Нилъер республикаялде рачIарал гьалбалин абуни жидеего бокьухъе рукIунел руго.

    Нилъеца цIунула щибаб халкъалъул культура. Гьелдаго рекъон, туристаздаги тIадаб буго нилъер гIадатазулги диналъулги адаб гьабизе. Цо рахъалъ гьелъул гIайиб буго туристазда бакIалъулаб низам бичIчIизабизе лъаларел гидаздаги. Туристазда бицине ккола нилъерго рукIа-рахъиналъул ва гIумру гьабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ». Гьадин хъвалеб буго динияв хIаракатчи, гIалим ГIалихIажи СайгидхIусеновасул инстаграм-гьумералда.

   Дагъистаналде щварал цо-цо туристазги гьарула жидерго ракьцоязе малъа-хъваял. Масала, Псковалдаса туристаз хъвалеб буго: «Дагъистаналде унаго кIвар кьезе ккола ратIлиде. Гьеб букIине ккола рекъечIеб жо жиндилъ гьечIеб, гъорлъан канлъи бихьулареб, гъежквер бахчараб. Бихьиназги къокъал тIажал ретIине рекъараб гьечIо. ГIаракъи гьекъезе, чорокаб мацI бицине, руччаби къаси мехалъ цадахъ бихьинал гьечIого къватIире рахъине, хъалиян цIазе лъикIаб гьечIо. Къаси къватIахъе рахъунин абун руччабазул гIумруялъе хIинкъи гьечIо, амма бакIалъулал гIадамазда гьоркьоб гьединазул хIакъалъулъ лъикIаб гуреб пикру бижизе рес буго. ТIабигIаталда рацIцIалъи ва низам цIуне», — ян.

   Гьединал малъа-хъваяздаса нилъеразгоги пайда босани лъикIаб букIина.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА