Кьурулъ рижарал тIугьдул

 

    31 маялда МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIана «Нилъер къуват – цолъиялъулъ» абураб Дагъистаналъул руччабазул иргадулаб форум. Гьенир гIахьаллъизе рачIун рукIана республикаялъул районаздаса ва шагьараздаса гурелги, Россиялъул цогидал регионаздаса руччабиги.

 

    ЖамгIияталда гьоркьоб жакъа чIужугIаданалъул бугеб кIваралъул бицана республикаялъул миллиял ишазул рахъалъ политикаялъул министрасул ишал тIуралев Энрик Муслимовас, Дагъистаналъул руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ ва тадбиралда кIалъазе рахъарал цогидалги руччабаз.

    Дандеруссин байбихьана ГТРКялъ бахъараб «Цветы на скалах» абураб видеофильмалдалъун. Гьениб бицунеб букIана республикаялъул маданияб, адабияб гIумруялда ва тарихалда лъалкIал тарал руччабазул хIакъалъулъ. Масала, ракIалде щвезаруна Фазу ГIалиева, ХIапизат ХIамзатова, Мариям Ибрагьимова, ПатIимат Чурланова ва цогидалги. Гьединго бицана жакъаги республикаялъул гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулел руччабазул хIакъалъулъги. Гьединаздасан ккола республикаялъул культураялъул нухмалъулеллъун хIалтIарал Наида ГIабдулхIамидова, Зумруд Сулейманова ва цогидалги.

    Форумалъул гIахьалчагIазе видеороликалдасан салам кьуна Россиялъул руччабазул союзалъул председатель Екатерина Лаховалъги. Тадбиралъул хIурматиял гьалбаллъун рукIана Ставрополь краялдаса Людмила Горовенко ва Александра Гусева.

    — Жакъасеб гIумруялъулъ кIудияб кIвар буго чIужугIаданалъул. Гьелъул хIеренлъи-хIалимлъиялдаги недегьлъиялдаги кIола кигIан согIаб рагIиги къезабизе. ЧIужугIаданалъул ракI даим гьалделеб букIуна. Гьелъул пикрабазе бакIлъи кьолеб буго жакъа дунялалда кколел ругел рагъулал тункагIусиязги сабру тIагIараз ракьалда бекьулеб вахIшилъиялъги. Гьелъул гIанчIал анищазда гIумруялъ лъолел руго согIал ругънал. Амма чIужугIаданалъул ракI гьелъ чараналде сверизабулеб буго.

    Гьединай йиго жакъасей дагъистанияй – кигIан захIматалги къуватазда асир гьайизе кIоларей. Кьурабазда рижарал тIугьдул – гьеле гьединаб берцинаб сипаталъе мустахIикъай йиго жакъа Дагъистаналъул чIужугIадан. СогIал, хъачIал кьурабалъан баккизе ккани, кигIан кIудияб лъадари къваригIунеб тIогьое. Гьеле гьединаб лъадаригун, къо хIехьейгун ячIуна чIужугIадан ракьалде. Ва гьелъул буго цIакъго багьа тIадегIанаб борчги — ракьалда гIумру тIегьазаби ва гьеб цIуни – гьединаб букIана тадбиралда киналго кIалъаязул магIнаги.

   Форумалъул кIиабилеб бутIа сайгъат гьабун букIана руччабазул шалазе. Тадбиралде рачIарал гIемерисел руччаби берцин гьарун рукIана чIварал шалаз. Щибаб шалалъул — жиндирго тарих, жиндирго къисмат.

    Аслияб къагIидаялда гьел цIунун рукIуна улбуз жидерго ясазе ва гьезги жидерго ясазе кьезе. Гьедин, наслабаз наслабазухъе кьун, цIунула чIужугIаданалъ жиндирго шалалъул къадру-къимат. Гьединаб букIана МахIачхъалаялъул Ленинил цIаралда бугеб майданалда тIобитIараб руччабазул шалазул фестивалалъул магIнаги.

   Гьенирго рихьизарулел рукIана, ботIрода чIолеб хIалалда, берцинго шалал чIвазе малъиялъул мастерклассалги.

Ш. ХЪАЗАНБИЕВА