Цадахъ рекъон хIалтIи – аслияб мурад

 

    Араб анкьалда «ХIакъикъат» газеталда тIобитIараб дандеруссинал­да гIахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членал, шагIирзаби, журналистал, магIарул миллиябгун маданияб автономи­ ялъул цIивищарав нухмалъулев Айтемир Сатираев, имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул председатель ГIалиасхIаб Хархачаев.

   Данделъи рагьана ва нухда бачана Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев, профессор МухIамад МухIамадовас.

 

    Тадбиралъул аслияб мурадги букIана цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ бицин.

   — Нилъер мурадги, масъалабиги, гьабулеб хIалтIиги руссинаризе ккола цо мурадалде – миллияб мацIги, маданиятги, адабиятги, гIадатал-гIамалалги цIунизе ва гIун бачIунеб гIелалда гьезул тIагIам бичIчIизабизе. Гьеб цIуниялъе гIоло нилъгун цолъизе ккола Авар театрги. Цадахъ рахъине ккола гIолилалгун, лъималгун магIарухъе сапаралъ. ДандчIвазе ккола магIарулалгун, гIенеккизе ккола гьез бицунелъухъ. Гьезухъ гIенеккизе нилъеда лъачIони, гьезулгун бухьенги загIиплъани – гьебги ккола нилъер хIалтIул загIиплъи. Гьелъие планги хIадур гьабун букIана. Амма коронавирусалъ квалквалги гьабун, нахъбахъизе ккана. Гьеб цIи гьабизе ракIалда буго, — ян бицана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас.

   Дагъистаналъул Хъвадарухъаба­ зул союзалъул председатель МухIа­ мад АхIмадовас бицана магIарул адабияталда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ.

  — ЛъикIаб хIал гьечIо тIахьал рич- чаялъул тартибалдаги низамалда- ги. ГIарацги ресги бугевщинав чияс рахъулел руго гъалатIазулги цIурал, цохIого темаялда хъварал тIахьал. Гьелъ бечелъизе гьечIо авар адабият. КечI хъвалевщинасда кколеб буго жив шагIир вугиланги. Жалго бетIергьанал басмаханабазда риччалел гьел риччагейилан абизе нилъерги ихтияр гьечIо. Амма гьадин тезеги бегьуларо. Нилъеца хадусел наслабазе кинаб адабият тезе бугеб? Миллионалдаса цIикIкIун къадар бугел магIарулазе телевидениялда бихьизабураб заманги, дир хIисабалда, цIакъго дагьаб буго. Гьелъулги пикру гьабизе заманги некIого щун буго, — ян абуна гьес.

    МухIамад МухIамадовас бицана авар секциялъ гьабизе бугеб хIалтIул хIакъалъулъги.

   — Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъун ккола 47 магIарул шагIир ва хъвадарухъан. ГIуцIизе буго хасаб план. Гьелда рекъон тIоритIизе руго гьезул юбилеялги. Гъоркьиса букIараб ахIвал- хIал сабаблъун тадбирал тIоритIизе санагIалъи ккечIезулги исана тIоритIизе руго. Щвезе руго гьезул гьитIинаб ватIаналдеги. Гьединабго тартиб чIезабизе буго Дагъистаналъул тIахьазул издательствоялда тIахьал риччаялъул рахъалъги, — ян абуна М. МухIамадовас.

     Гьелъул хIакъалъулъ бицана рехсараб басмаханаялда хIалтIулей йигей магIарул мацIалда рахъулел тIахьазул редактор ГIайшат ГIалиевалъги.

      Айтемир Сатираевас бицана автономиялда церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.

      — ЦохIо гьаниб бицун гьеб тIубазе гьечIо, — ян абуна гьес. — Данделъи­зе ккола хас гьабун гьеб кинабго рукIалиде ккезабизе. ТIахьал ричча­зеги, гьайгьай, букIина кумек. Амма тIахьал риччазе ккола мустахIикъазул. Гьединго щибаб районалда рукIине ккола автономиялъул вакилзаби, миллаталъул ургъел бугел чагIи. Гьелги рукIине ккола районалъул гIолилазда ва лъималазда гьоркьоб хIалтIи гьабулеллъун. Хонжрол, хвалчадул къуваталдасаги цIикIкIараб букIуна рагIул къуват. Гьединлъидал нилъеца рахъулел тIахьазулги букIине ккола гьединаб къуват. ГIуцIизе руго фондал. Гьезул щибалъулги букIине буго жинди-жиндир мурад. Гьедин гурони хIалтIи цебехун билълъунаро.

   КIалъазе рахъарал шагIирзабазги бицана къватIире риччазе ругел тIахьазулги, риччарал тIахьал ричиялъул ругел захIмалъабазулги хIакъалъулъ. Цо-цояз цIалана жидерго цIиял кучIдулги.

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА