Руччаби цIунулеб цIар берцинаб рукъ

 

      Дагъистаналда гIуцIун буго ГIиса аварагасул эбелалъул цIар кьу­раб «Марьям» абураб рухIияб центр. Гьелъул проекталъул презента­ция букIана араб анкьалда МахIачхъалаялда ГIурус театралда. Гьеб тадбиралде рачIун рукIана жамгIиял хIаракатчагIи, хIукуматалъул хъулухъчагIи, депутатал, цIар рагIарал спортсменал, тохтурзаби, хъвадарухъаби, тIадегIанал цIалул идарабазул нухмалъулел.

     Къокъго абуни, презентаци­ялъул программаялъ жанибе ба­чана нилъер улкаялъул кIодолъи, Дагъистаналъул хаслъи, исла­малъул кIвар. Гьеб киналъулъ­го аслияблъун букIана жакъасей чIужугIаданалъул гIумру, гьелда дандчIвалел захIмалъаби, гьездаса цIуниялъе нухал рати.

ЛъарагIазул театралъул актераз рихьизаруна жакъасеб гIумруялъул хIакъикъат — талихIкъосараб къис­маталъул руччабазул, балагьаб ахIвал-хIалалде ккарал хъизамазул мисалал рагьулел, гIурус мацIалда лъурал сценкаби. Гьединго гьал­бал рази гьаруна лазералдалъун хIадурараб, исламалъул темаялъул гвангъараб шоуялъ, нилъерго ва къватIисел улкабаздаса рачIарал артистаз ахIулел ватIан бокьиялъул кучIдуз, нашидаз, «Лезгинка» кьур­дул ансамблялъул церерахъиназ.

Дагъистаналъул муфтияталъул руччабазул отделалъ гIуцIараб гьеб тадбир лъугьана рухIалъе хIалхьи кьолеб байрамлъун,

     Гьенибго бихьизабуна «Марьям» социалияб централъ гьабулебщи­налъул бицунеб видеороликги.

    — Руччабазда абула рукъалъул тIохилан. Гьеб тIох кколеб къадал­лъунин абуни бихьиналги руго.     

     Щулияб кьучIги лъун, бахIарчиял васал гIезаризе ккани, чIужугIадан йикIине ккола квешабщиналдаса цIунарайлъун, — ин абуна кIалъазе яхъарай муфтиясул хъизан ПатIимат ХIамзатовалъ. – Гьаб социалияб рухIияб центр гIуцIиялъул мурад буго талихIкъосарал ручча­базе, захIмалъиялде ккарал хъиза­мазе квербакъи гьаби. ГIиса ава­рагасул цIаралда бугеб кIудияб централъул бутIаги буго гьаб. «Марьям» центр — гьеб гуро дица бетIерлъи гьабизе яги дир наслу­ялъе пайдаялъе гIуцIулеб бакI. Гьеб буго щияй чIужугIаданалъул гIумру берцинлъиялъе квербакъулеб, гьелъие хIажатаб лъайги гIакълуги кьолеб рукъ. Проек­талъ кьочIое босун буго рухIияб язихълъиялдаса, балагьаб ахIвал- хIалалдаса чIужугIадан цIунизе, гьелъие батIи-батIияб рахъалъул квербакъи гьабизе.

      Рес бугел, лъикIаб даражаялда ругел гIадамалги ахIун, гьеб презен­тация тIобитIиялъул магIналъунги бихьана, бечедасда ресукъал, за­лимасда загIипал, битIккарасда талихIкъарал ракIалде щвезарун, гьезие кумекалъул квер битIизе рекIеда ратизари. Гьеб «кумекалъул кверлъун букIине буго киналго ца­дахъ лъугьун руччабазе гIуцIулеб «Марьям» рухIияб центр баялъулъ щивас гьитIинаб бугониги бутIа лъей.

     ЗахIматаб ахIвал-хIалалде кка­разе кумек гьабулеб централъ гIемерал руччаби хIалтIудалъунги хьезаризе руго. Гьелъие байбихьи­ги лъун буго, централъул мина ба­леб бакIги бихьизабун буго. Гьебги буго тахшагьар бакьулъ, кIудияб мажгиталдаса гIемер рикIкIад гьечIого, цебе муфтияталъул мина букIараб бакIалда. Берци­наб гIумруялда ругел гIемерисел руччабазда ракIалдецин кколаро цойги жийго гIадин чIужугIадан кIудияб къварилъиялда ятилин. Щияй чIужугIаданалъе рес буго гьеб центр гIуцIиялъулъ жиндирго бутIа лъезе, гьелдалъун Аллагьасул рахъалдасан кириги, гIадамазул рахъалдасан баркалаги щвезе.

 

   БукIинеселде ургъун

 

 

     Пикру гьабураб мехалъ, «Ма­рьям» центр лъугьине рес буго, республикаялъе гуребги, тIолабго улкаялъего пайдаяблъун. Гьениб хIажатаб кумек щвезе рес буго бокьараб миллаталъул руччаба­зе. БукIинеселде ургъун гIуцIулеб, нилъер наслаби рухIияб рахъалъ къуваталлъун гьариялъе хIадурулеб бакI буго гьеб.

    Исламалъул тIалабалда рекъараб, гьанжесеб цебетIеялда гIуцIараб руччабазул централъул проекталъ жанибе бачун буго: психологасул, юристасул кумек; хъизан-рукъ гIуцIиялъул, нухда бачиналъул малъа-хъвай; Къуръан цIализе, как базе, исламалъул лъай гъварид гьа­бизе бокьаразе ресал; данделъаби тIоритIулеб зал, жанибго гостини­ца, кваназе санагIалъи; рос гьечIого лъимал гIезарулей эбелалъе лъи­мадул тIалаб гьабизе бакI; Дагъи­станалъул чIужугIаданалъул рукIа- рахъин, ретIа-къай бихьизабулеб музей.

    Исламалда рекъон чIужугIаданалъ жамгIияталда жаниб ккола хIурматияб бакI, иман бугес кIодо гьарула руччаби, хIалихьатас, лъавукъас хIакъирги гьарула. ХIакъирлъиялда гIумру уней чIужугIаданалъ щиб лъайги тарби­яги кьелеб лъимадуе, кинаб пайда гьел лъималаздаса жамгIияталъе букIинеб?

    Кидаго гуро руччаби жидерго захIмалъиялъул бицун хIукуматалъул идарабазде гIарзалъ унел. ГIемерал руго ригьнаде ун хадур талихIкъарал руччаби. Росасул зулму хIехьезе кIвечIого чIвай- хъвеялде ккеялъул хIужабиги да­гьал гьечIо. Росасул зулму кигIан хIалуцараб бугониги, гIемерисел руччабаз бахчула. Гьелъ лъукъула лъималазулги чIахIиязулги гIумру.

     Жиндир заманалда кумек гьа­рун рачIаразе битIараб нух бихьи­забулеб бакI — гьеб буго балагьал­даса цIунизе сабаб. Гьеб сабаблъун букIине ниятгун гIуцIулебги буго руччабазул рухIияб центр «Ма­рьям».

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА

 

P.S. Руччабазул рухIияб центр баялъулъ бутIа лъезе бокьаразе баяналъе:

Банкалъул карта бухьинабун буго гьаб номералда: 8 938 789 77 71.

Картаялъул номер: 2202 2011 6148 7778

ИсмагIилова Загьра Мухтаров­на.

МухIканал баянал щвезе рес буго телефоналъул гьаб номерал­де ахIани:

8 (988) 775-77-77.