Гъаримал киоскалги, согIав эксперт Бисавги, «Басманалдаса» Салман Дадаги

 

   Араб щамат къоялъ тIобитIана МахIачхъала шагьаралъул бетIер Салман Дадаевасулги республикаялъул газетазулгун журналазул бетIерал редакторзабазулги дандчIвай.

   Рехсараб дандчIваялъул аслияв «гIайибияв», «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор ва машгьурав блогер М. БисавгIалиевас чанцIулго тIад-тIад вуссун, социалиял гьиназда борхун букIана бищунго цIикIкIун гIадамал хьвадулел бакIаздаса газетазул киоскал нахъе рахъиялъул ва гьезул къадар МахIачхъалаялда дагьаб букIиналъул хIакъалъулъ кIвар бугеб суал.

   Шагьаралъул бетIерас жиндирго кIалъай байбихьана рехсараб суал борхарав ва «цо хасаб кунчIигун, рекIее асар гьабулеб чIаголъигун» хъвадарулев журналист БисавгIалиевасе ракIракIалъулаб баркала кьеялдаса.

   Хадуб мэрас загьир гьабуна газетазулгун журналазул киосказда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда тIасан жиндирго пикру.

   — Коммерциялъулаб рахъ босани, киосказухъа бажарулеб гьечIо аскIор ругел дармилал точкабазулгун сахаб къец гIуцIизе ва жакъа къоялде гьездаса цо бихьулеб, загьираб пайда-хайирги гьечIо, — ян абуна С. Дадаевас. — Гьединго расги лъикIаб гьечIо жалго киосказул гьумер-куцги. ЛъикI букIинаан гьеб хисизабизе ва берцин гьабизе тадбирал гьаруни.

   КIалъазе рахъарал ДРялъул печаталъул ва информациялъул министр ГI. ХIажиевас, «Дагъпечаталъул» нухмалъулев Ю. Хайдакъовас, журналистал М. Камаловас, М. БисавгIалиевас, Г. МалагIалиевас, Б. ГIабдулаевас, шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей З. ГIалимирзаевалъ, батIи-батIиял мисалалги рачун, хIужабиги рехсон, бихьизабуна киосказул суал кутакалда кIвар бугеб ва хехал болжалазда жаниб тIубазабизе кколеб букIин.

   Аслияб суал киосказул бугониги, гIемерал батIибатIиял темаби рорхана гьеб дандчIваялда мэрасги журналистазги. Масала, гьаб соналъул бюджеталъул бицунаго, данде ккуна, МахIачхъалаго гIадал, Воронеж ва Казань шагьаразулги нилъер шагьаралъулги бюджетал.

  Воронеж шагьаралъул лъагIалил бюджет бащалъулеб буго 22 миллиардгун 408 миллионалда, Казаналъул — 28 миллиардгун 135 миллионалда. Нилъер абуни, гIицIго 10 миллиард гурони гьечIо. Гьелъулги 9 млрдалда квер хъвазе жиндир ихтияр гьечIин абуна мэрас. ХутIараб кинабго гIарац жинди-жиндие бихьизабураб статьяялда рекъон хIалтIизабизе кколила. ЦохIо лъай кьеялъе унила 6-7 млрд. гъурущ.

  Мэрас тIадчIей гьабуна налогал ракIариялъул иш кутакалда квешаб букIиналдаги.

    КIудияб божилъи-хьулгун бицен гьабуна гьес шагьаралъул гьумер кьучIдасанго хисизабизе жиндирго ругел анищазул, къасдазул, амма гьеб киналъего гьечIел сурсатазул…

   ЦIодораб пикруялъул, роцIараб гIакълуялъул, жиндирго иш щвалде щун лъалев ва бокьараб суал тIубаялъе чIванкъотIарал нухалги ресалги ратизе кIолев чиновник вугилан тана дица Салман Дадаев.

   Амма гьенирго цо рекIкIал, пашманал пикрабиги паркъана ботIролъ.

   ГIемерал соназ Москваялда лъикIаб хъулухъалда, къадру-къиматалда вукIарав, жиндирго чIара-хьараб пикру-позиция бугев, ришватчилъиялъул чоде вахинчIев ва бигьаго щолел гъурщазул кIичIикье ккечIев, гьелъул гьацIулаб тIагIам цIцIуйчIев цIияв, вацIцIадав, гIолохъанав мэр жакъасеб Дагъистаналъе, МахIачхъалаялъе хIажатго вугодай?

   ГIемерал унтабаз, гIузрабаз кIвекIулеб, рухIалдаса квер босун, къаси-къад чIечIого хIалтIаниги, гIадамазда цо кIудияб хIасил бихьулареб, бичIчIулареб, ритIухълъигун рацIцIалъиги зулмуялъ квегъулеб Дагъистаналде вачIинго гъалатI ккечIодай?

  Гьел дирго пикраби ритIухъ гьаризе бокьун буго дагьа-макъалго мисалаздалъун ва хIужабаздалъун.

  Жакъа чиясе бищунго хIажатаб жо щиб кколеб — токги, газги, лъимги, лъикIал нухалги. Ругищха гьел рахъал МахIачхъала шагьаралда роцIун? Цо хъван бихьизеги гьечIо.

   Щалха гьелъие гIайибиял? РакIчIараб жо, гIемерисез абизе буго киналго гIунгутIабазул бетIер шагьаралъул нухмалъулев Салман Дадаев вугилан.

  Бугищха гьеб гьедин? АскIобе къанги гьечIо.

   Москваялдаса нилъехъе вачIарав цо тележурналистас шагьаралъул къватIазда гIадамазда гьикъулеб буго мэрасул хIалтIул хIакъалъулъ. АскIовго мэрги вуго, амма гIеме­ рисезда гьеб лъалеб гьечIоан.

  — Щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо мэрас, шагьарги рищни-къулалъул цIун буго, гьури бахъанщинахъе токги ссуна, лъимги букIунаро, газалъул тарифалги зодире рахинарула, — ян абулеб буго цо чIужугIаданалъ. Гьелдаго релълъарал пикраби загьир гьарулел руго цогидазги.

  Амма гьел пакъирзабазда лъалеб гьечIо цо дагьабниги гьури бахъарабго ссунеб токги, гьаваялде тарихал рахараб газги шагьара­ лъул къайимлъиялда гуреб, цо хасал, хIажатаб заманалда хIажатаб бакIалда рукIине лъарал чагIазул кверщаликь букIин. Гьел руго мунги, дунги, хIукуматги, хIатта Аллагьгицин кIочарал кIарчамал чагIи. АнцI-анцI соназ хисичIел турарал хIубаздаги, нус-нус бакIалъа тIутIурал, хIуларал токалъул кваразда- ги кIолищха нилъ разияб хIалалда канлъиги хинлъиги рукъзабахъ букIинабизе?

  Салман Дадаевасул хIалтIу­ хъабазул рес гьечIо я цо кваралда, я цо хIобода квер хъвазе. Законал- да рекъон, киналго ремонталъулал хIалтIаби тIаде ккола, щулаго токалъул магIишатги кодоб ккун чIарал, гIарцуца ццулъарал хважаинзабазде. Амма гьез килщида килищ хъван хIалтIи гьабулеб гьечIо. ГIайибазул гъегъ абуни, гъаримав Салманиде балеб буго.

  Гьединабго хIал буго рищни-къулалда сверухъги. Дунялалдаго рагIана МахIачхъалаялда букIараб рищни-къулалъул пашманаб къиса, амма гьенивги «рацIцIалъи рихарав» чиновниклъун довго Дадаев ккана. Конкурсалдаги бергьун, рахIаталда ругел операторал щибго мунагь гьечIел малаикзаби хIан чIолел руго.

   Киса-кибго гьединаб ахIвал-хIал бугеб мехалда, хвезейищха вегилев, халкъалъухъги шагьаралъухъги кигIан ракI унтаниги, гьел суалазда сверухъ щибниги гьабизе рес гьечIев мэр?

   Пормаялъе чу Салманида гъоркь буго, амма чIолорхъжо чияхъ буго ва гьединлъидал гIемер хъамулеб буго сверудаса гьеб.

  ГIемер рагIула шагьаралъул бетIер «слабый» чи вугила, гьесул ишазулъ къвакIи бихьулеб гьечIила, Москваялдаса витIун вачIарав интеллигентас гьабулеб жо гурила Дагъистаналъул бищун кIудияб шагьаралъе нухмалъи абурал харбал.

  ЛъикI буго, уйин тела, разилъила. Амма чанго суал кьела гьединал чагIазе.

  РекIелъ иманги, чорхолъ ияхIги бугев, цониги чиясул бидул хIакъги жинда тIад гьечIев, тамахав интеллигентищ нилъее лъикIав, гIундул гъурарал, яргъид гIуцIарал анцI-анцI гIолилаз цIунарав къвакIарав зулмучийищ?

  КигIан хехго нилъеда кIочараб доб вахIшияб заманги, зулмудул бакIлъиги, бакI-бакIазда кколел рукIарал, ракI гъанцIизабулел чIвай-хъвеялги? Чан ругел МахIачхъалаялда жеги чIегIер бахъичIел нилъер улбул, яцал, ясал?

  Жакъа Салман гIадин, эркенго, автоматалъул бакIалда кодоб телефонгун, хьолбохъ ракълилав цо гьалмагъгун шагьаралда тира-сверулев мэр ракIалда вугищ нужеда? Дида гьечIо. ЦIакъго къвакIи гIоларез ГIамиров ракIалде щвезавеха.

   ТIубараб шагьар бичун тана гури цере рукIарал шагьаралъул бутIруз, хIатта тротуаразде гIунтIунцин. Ралелго ралел рукIинчIищ, гьересиял документалги гьарун, шагьаралъул бокьараб точкаялда гIемертIалаял минаби. «Тамахав интеллигент» Салманица тIубараб лъагIалида жаниб цо гурони изну кьун гьечIо мина баялъе. Минаби учителас, тохтурас, журналистас раларо, гьел ралел чагIи щиб ресалъул, цIаралъул, цIайиялъул рукIунелали нужедаги лъикI лъала. Гьеб хайираб доход гьукъарав мэрасул ботIрода, молодецилан квер бахъулареблъиги якъинаб жо буго.

   Тамахав вугищха шагьаралъул бетIер, ун вугищха гьев, цогидал гIемералго гIадин, магIишатиял хиялаз хадув цIан?

   Гьебищха доб, киназго бицунеб, Салманил «слабость»? Дие нусго нухалъ гьединаб бацIцIадаб «слабостго» бокьила, бокьараб бакIалда минаби разе гIарцухъ изну кьолеб чанкIкIараб «силаялдаса».

   Лъицаниги абулеб рагIанищ гьесда «тротуар Салманилан» яги «бордюр Дадаевилан». Дида рагIичIо, рагIизе гьечIолъиялда ракIги чIола…

    ПалхIасил, гьеб букIана лъикIаб, ракI рагьараб, гъира-щавкъалъ куркьби гъурав гIолохъанав мэрасул хIакъикъияб гьумер журналистазеги загьирлъараб, журналистазул согIаб перо гIаммаб пайдаялъе хIалтIизе букIиналда Салман Дадал божилъиги бижараб, дандчIвай.

   Нахъе унелъул нижер цоясул бер речIчIана, шкафалъуб лъураб, тракторалъул берцинаб макеталда.

   Нижер интерес бихьарав мэрас баян гьабуна гьеб бугила жиндие Москваялъул бакIал ралез, гье-динаб тракторалъ цо кIудияб нух бахъун лъугIараб мехалда, кьураб сайгъат.

   Божи буго гьединал сайгъатал МахIачхъалаялъул бакIал ралезги кьелин нилъер гIолохъанав мэрасе, шагьаралда кIуди-кIудиял социалиял объектал ран хадуб.

 

ГIумахан ГIАНДИЙСКИЙ