МухIканлъи — шартI, щулалъи — мурад

Гьал къоязда ниж дандчIвана «Гильдия строителей СКФО» ассоциациялъул президент, ДРялъул «МустахIикъав бакIал ралев», РФялъул «ХIурматияв бакIал ралев», Болъихъ районалъул Шодрода росулъа ГIали ШагIбановгун. Гьесулгун букIараб гара-чIвариялда ГIалица гьадин бицана «Гильдия строителей СКФО» ассоциациялъул хIакъалъулъ:

      — Ралел бакIазул комплексалда хIалтIулел юридикиял организацияз 2009 соналда гIуцIараб ассоциация ккола коммерциялъулаб гуреб (саморегулируемая организация) цолъи. Гьелъул аслияб хъулухъ буго ассоциациялъул киналго членазул хIалтIи законалъул тIалабазда рекъон гIуцIи, цебетIезаби ва гьезул ихтиярал цIуни.

      — Кинал шартIазда предпринимателал (застройщикал) ассоциациялде лъугьунел? Нужер мухъ- илъ гьечIого хIалтIи гIуцIизе рес гьечIищ гьезул?

        — Законалда рекъон киналго за-стройщиказда тIадаблъун гьабун буго коммерциялъулаб гуреб цолъиялде гьоркьоре лъугьине, гурони гьезул ихтияр гьечIо хIалтIи гьабизе. Гьоркьоре росилалде цIунизе кколеб чанго тIалабги буго. Масала, гьезул рукIине ккола хIалбихьи бугел специалистал, хIажатаб техника. Объектал ралаго нагагьлъун гьезул гIайибалдалъун гIадамазе, мина-карталъе, тIабигIаталъе зарал ккани, гьеб бецIизелъун гIуцIараб хасаб фондалде (компенсационный фонд) гьез кьезе ккола чIезабураб къадар гIарцулги. Республикаялда букIана азаргоялдаса цIикIкIун ралел бакIазул организация. Гьанже гьезул хутIун буго 700-гIанасеб гIуцIи -генподрядчик. Ассоциациялда гьоркьоб буго 570-гIанасеб.

     — Ассоциация гIуцIаралдаса гьабизе кIвараб хIалтIи гIемер бугищ?

       — Цо заманалда бокьарав чиясул ихтияр букIана, предприятиялъул хъвай-хъвагIайги гьабун, минаби разе. Гьанже гьединаб къагIида гьечIо ва гьелъул хIасилалда гIемерго лъикIлъана ралел бакIазул даража. Дагъистаналда гIемер рукIана ралелги ранго лъугIуларелги объектал. Гьанже гьедин гьечIо. Цере хIалтIухъаби ракIарулаан бокьараб бакIалдаса, гьезул хъвай-хъвагIай гьабулароан, конверталда жанибги лъун харжги кьолаан. Гьеб суалалъулъги кIвана гIадлу гьабизе. Коронавирусалъул заманалдаги гьоркьоб къотIизе течIо ралел бакIазул хIалтIи. Гьеб мехалдаги нижеда кIвана Роспотребнодзоралъул киналго тIалабал цIунизе. ДРялъул хIукуматалъул, Ралел бакIазул министерствоялъул кумекалдалъун гурони нижедаги кIвезе букIинчIо гьеб гьабизе. ХIалтIулъ камун гьечIо гIунгутIабиги, гIезегIан ккана гъалатIалги. Гьелъул бицине буго март моцIалда тIобитIизе бугеб гIаммаб собраниялдаги.

      — Архитектурияб рахъалъ кинаб къимат дуца кьолеб МахIачхъалаялъе?

        — Кинабго буго беразда цебе. ТIаде вачIа-вачIарав нухмалъулес гъоркь вукIаравги какун, гъоркь вукIарасул гъалатIалги ритIизаризе хIаракат бахъичIого, гIемерал соназда жаниб нилъер тахшагьар ккана гьаб хIалалде. Жалго лъикIал лъугьун ралел бакIазул компаниязда кIоларо гьединал жал гьаризе, гьаб буго къанщун бералгун пачалихъалъул идарабаз гьезие изну кьеялъул хIасил.

     — Нужерги батилагури гьелъулъ цо бутIа?

       — Пуланаб ракьалда тIад мина кин базе бугеб, гьеб балаго цIунулел ругищ чIезарурал нормаби — гьелъул жаваб нижеца кьоларо. Жаваб кье- зе тун руго цогидал идараби. Нижер хIалтIи буго жидер заманалда, гIадамалги махсараде кквечIого, букIине кколеб даражаялда пуланаб бакI бай тIалаб гьаби. ЦIияб закон къабул гьабун хадуб нижеца гьарурал халгьабиязул хIасилалда ралел бакIазул гIемерал организациял къана. Гьелда рекъон хутIана ран лъугIичIел минабиги.

    — БитIараб бугищ МахIачхъалаялда бугеб 600-гIанасеб гIемертIалаяб мина, ай гIадамаз жаниб гIумру гьабулеб, амма законияб къагIидаялда жеги къабул гьабичIеб бугин аби. Батани, кинаб къисмат хадубккун гьезул букIине бугеб?

        — Цо-цояз абула ралел бакIазул комплекс «рагIдукь» бугин абун. Гьедин кин букIунеб, киназдаго цебе бугелъул гьабураб хIалтIи. Гьелъие изну кьеялдаса байбихьун, халгьабиялъул цIакъго гIемерал идарабазда кинабго лъалаго ва бихьулаго бана МахIачхъалаялда, дуца абулеб хIисабалъул, 400-гIанасеб мина (тIолабго Дагъистаналда 600-гIанасеб). Лъиениги балъголъи гуро аслияб гIилла ришватчилъи букIинги.

     — Гьанже щибха гьезда гьабизе кколеб?

     — ГIадамаз гIарацги кьун буго, гьел гуккун руго. ГIемерисел минаби ралел рукIарал кодоре щолел гьечIо. Мисалалъе, цо мина батула пуланай херай кIодода ялъуни инвалидасда тIад хъван. Гьединлъидал хIукуматалъ хIукму гьабуна гьединал минабазухъ мухIканго халгьабизе кколин абун. Гьелъие биччана 250 млн. гъурущги. Москваялдаса ахIана специалистазул хасаб къокъа. Гьез гьабуна кIудияб хIалтIи ва гьабураб акталда рекъон, цо гIемертIалаяб мина тIубанго биххизе кколеб буго, 200-гIанасеб мина щула гьабизе кколеб буго, хутIарал рикIкIана жаниб гIумру гьабизе бегьулеллъун. Нилъер пачалихъалда хIалтIулел руго «Ветхое жилье», «Аварийное жилье» абурал программаби, къабул гьабуна «О комплексном развитии территорий» абураб закон. Гьелъ ихтияр кьола хIажат гьечIеб бакIалда рарал, басриял минаби риххизе, цоги бакIазда гьел разе. Амма гьеб гIумруялде бахъинабиялъе къваригIуна эркенаб ракь, гIатIилъи, гьенире гьаризе ккола нухал, бачине ккола газ.

     — ГIемерал суалал рукIуна гIемертIалаял минаби ралел ракьазда сверухъ -гьезулъ гьечIеб юридикияб мухIканлъиялъул, гьелда рекъон хадур раккулел масъалабазул (цIунуларел нормативазул, мина-рукъалъул хъвайхъвагIай гьабизе кIунгутIиялъул). Гьелда бан щиб абилеб?

      — Ракьалда сверухъ низам гьечIолъиялъги хIакимзабазул хъантIи­ ялъги захIмалъизабулеб буго ки­набго иш. Пачалихъалъе ялъуни гIадамазе къваригIараб объект базе бюджеталъ биччалеб буго гIарац, амма шагьаралда (росабалъ) гьечIо гьелъие хIажатаб ракь ва гIарац тIад буссинабизе кколеб буго. Социалиял объектал разе санагIатаб ракь батаниги, лъугьунеб буго масъала. Пачалихъалъул гIемерал, пайдаял программаби руго гьеб гIиллаялдалъун чIун хутIун. Кинабго ракь буго бетIергьабазда кодоб, щиб хIалтIи гьабизе кканиги, я гьез гьеб кьоларо, яги бичула цIакъго хираго. Гьединлъидал буго ракьул гIорхъаби лъазе кIолеб гьечIолъиги объектазул документал гьаризе рес гIоларого букIинги.

     — Цо-цояз абула МахIачхъала «хвараб шагьар» бугин. Гьеб цIи гьабизе, хисизабизе ресго гьечIин абун. Гьедин абулезда рази вугищ мун?

       — Гьедин абулеб батила МахIачхъала гьалде ккезабурал гIадамаз. ГьанжелъизегIан хвезабун батани, гьанжениги байбихьизе ккола гьеб цIи гьабизе. Нилъ лъицаниги гьукъун гьечIо хIажат гьечIел, нухал къварид гьарулел объектаздаса, басриял минабаздаса шагьар бацIцIад гьабизе, эркенлъараб ракь пайдаялъе хIалтIизабизе. Нилъеда цебе буго Москваялъул мисал, «Реновация» ва цогидал программабазда рекъон доба гьабураб хIалтIи. ХIакъикъаталдаги МахIачхъалаялда руго гIемерал масъалаби. Гьаниб гIумру гьабулеб буго шагьаралъул гIуцIиялъ хIехьолелдаса кIиго нухалъ цIикIкIун чияс. Нилъеда кинго кIоларо коммуналиял хъулухъазул хIалтIи дагьаб заманалда жаниб тIубанго хисизабизе. Амма Москваялда хIалтIулел программаби хIалтIизаризе кIола гьанирги. «Комплексное развитие территории» абун буго нилъее санагIатаб закон. Гьелда рекъон рес буго басриял минаби риххизеги, цIиял авалазда гьел разеги. Гьел программаби гIумруялде рахъинариялъе гIарацги биччала пачалихъалъ. КъваригIун буго гьеб хIалтIи байбихьизе.

    — Мина балесулги ва гьениб рукъ щвезе бокьарасулги киналго гьоркьорлъаби банкалдасан гьаризе тIамулеб цIияб къагIидаялдаса рази вугищ мун? Гьелъул хIасилалда цо-цояз толеб буго бакIал раялъул хIалтIи, ралезулги хиралъулеб буго багьа….

     — Цебе хIалтIулеб букIараб законалда рекъон, нилъер гьаниб букIана гьадинаб къагIида: базе бугеб (балеб бугеб) минаялда квартира щвезелъун дольщикас застройщикасухъе кьолаан гIарац, кIиясдаго гьоркьоб хъвараб къотIи-къаялда рекъон застройщикасги, гьес кьурабги жидерго гIарацги хIалтIизабун балаан мина. Нилъеда киназдаго бихьана ва лъала гьеб къагIида берцинаб хIалалда хIалтIичIеблъи, гIемерал застройщиказ гуккана гIадамал, гьезие кьечIо кьураб гIарцуда рекъарал квартираби, лъугIизаричIого минабигун, нахъе кьечIого гIарацгун цо-цоял тIуранго тIагIун чIана. Гьеб ккана цохIо нилъее гуребги тIолабго Россиялъего гIаммаб масъалалъун. Гьединлъидал хисизе ккана законги. ЦIияб законалда рекъон, застройщикасул ихтияр гьечIо гIадамазухъа гIарац къабул гьабизе (цебесеб къагIидаялда гIарацги бакIарун ралел рукIарал минаби ран лъугIизаризе изну буго), гьез гIарац кьезе ккола застройщикас хасаб счет рагьараб банкалде (гьезул сияхIги чIезабун буго пачалихъалъ). Банкалъ квер хъваларо гьеб гIарцуда, застройщикасе гьелъ кьола мина базе кредит, гьеб битIун хIалтIизабиялда, мина базе бихьизабураб заман хвезабичIого, гIадамал гуккичIого рукIиналда хадуб халги ккола. Мина бан лъугIидал, дуца кьураб гIарцуда рекъон банкалъ дуе гьениб босула квартира. Нагагьлъун мина бачIони ялъуни цоги гIилла ккани, банкалъ нахъ буссинабула дур гIарац. Гьединаб низам чIезабун буго дольщик гуккичIого вукIиналъул мурадалда.

  — Мисалалъе, пуланав чияс 100 кв. метр гIатIилъиялъул квартира щвезелъун банкалда лъуна млн гъурущ. Мина бан лъугIун хадуб, багьаби хиралъун яги цоги гIиллабаздалъун гьеб гIарцухъ щвезехъин буго 80 кв. метралъул квартира. Гьев къолев гьечIищ?

      — Банкалъул хъулухъалъги, гьелъул проценталъги, материалал ва цогидаб хIажатаб хиралъиялъги, хIакъаб жо, мина-карт хиралъизабула (багьаби рахунел руго гIага-шагарго 15- 20 проценталъ). Цо рахъалъ хIисаб гьабуни, дольщикасул ракIчIей буго квартира щвеялда, гьев махсараде кквезехъин гьечIо. КIиабилеб рахъ — хиралъизехъин буго. Гьединлъидал пачалихъалъ мухIкан гьабулеб буго гьеб закон, ралагьулел руго гIадатияв чи къечIого вукIиналъе ресал. Программаби руго гьесие кумек гьаби мурадалда, гIарцул камулеб доб бутIа субсидия хIисабалда банкалъе кьеялъул (гьелъ тIаса босула дольщикасул «гьир»), ипотека босарал дольщиказе гьелда тIаде бачIунеб процент дагь гьабуна ункъоялде щвезегIан.

     Дие бокьун буго гьадинаб жоги абизе. Чиясухъа учузго квартира щвезехъин бугин, абун гIедегIуге цере ккарал застройщиказухъе гIарац кьезе. Балагьизе ккола застройщик Ралел бакIазул министерствоялъ минаби разе ихтияр кьуразул реестралда, коммерциялъулаб гуреб гIуцIиялда (СРО) гьоркьов вугищали. КIвахIаллъуге банкалде ине, гьелъулгун къотIи-къай гьабизе, Росимуществоялда, БТИялда гьелъ- ул хъвай-хъвагIай гьабизе. Бокьараб суал ккани, кIалъазе бегьула нижехъеги Ралел бакIазул министерствоялдеги.

ГI. ГIАБАШИЛОВ