ТалихIалъул гъасда бакараб цIадухъ

Бокьула дие гIумруялъул гIидраялда рокьул накъишал угьарал, къисматалъе анкькьераб нуралъул кьерал сайгъат гьабураб, риидал мугIрузул авлахъазда рижарал тIугьдузул релъабаз цо-цо бутIаби релъарал цIалдохъабазул хIакъалъулъ хъвазе. Буго дир дирго гIумруялъул хасаб тIехьги. Гьелдаги буго цо чанго бут, цIалдохъабазул гIисинал квераз жидерго къисматалде каву рагьарал. Гьале цIидасанги дида цебе гьеб хIикматаб тIехь. ЦIидасанги тIад юссуней йиго гIагараб росдал школалде. Гьале тIехьалъул иргадулаб тIамач – ва гьенисан дие гьимулел руго Раисатилги Сидратилги сипатал. Дида цере кенчIолел руго кIудияб божилъигун дихъ ралагьун ругел гьезул хIайранал берал. Школалде хIалтIизе ячIун гIемер заман иналдего, гьел рачIана тIоцебесеб классалде. АнцIила цо соналъ гIенеккана дун гьезул анищазул хIанчIазул сариназухъ. ЦIидасанги рагIулел руго, «Щиб жо кколеб талихI?» абураб сочинение хъвалелъул, гьез дие кьун рукIарал жавабал.

 

Раисат:
Дун талихIайлъун йикIине йиго, дир кумекалдалъун цониги чи талихIавлъун лъугьани. Бокьун буго дирго лъимерлъиялъул анищ гIумруялде бахъинабиялъе нигатги гьабун, тавакалаб гали тIамизе тохтурлъиялъул хIикматаб дунялалде ва хъахIаб халгIаталъе базе бугеб гьаялъе ритIухъайлъун хутIизе. Бокьун буго цогIаги унтарасул гIумру хвасар гьабизе, гьесие дунялалъул берцинлъи тIад буссинабизе. Гьеле гьеб мехалда букIина дие дирго талихIалдаса рохелги лазатги…

Сидрат:
Дир анищ буго тохтурлъун яхъине. Гьелъулъ батила дир талихIалъул магIнаги. Бокьулеб хIалтIиги, хIалтIудаса свакан рокъое щваниги, цереса ине гьечIел унтаралги, цинги цIидасанги гьезухъе гIедегIун ине йигей дунгоги, дандего бачIунеб унтаразул гьимиги, дида къвал базе гIедегIарал унтаралги. Гьеле гьединаб буго дир талихIалъул аслияб сарин. Макьилъги цебеса унеб гьечIо хъахIаб халгIат. Гьелда хъублъиялъул тIанкI лъезе течIого хIалтIун бажари – гьеле дир талихIалъул кечI…

 

Къисматалъул нухазда

Долдаса нахъе ана гIемерал сонал. ТIурана ясазул анищал. Жакъа гьезул талихI гьалдолеб буго, гьеб боркьулеб буго унтаразде бугеб адабияб рокьуца.

Гьале жакъаги хIайранго ялагьун йиго дун дирго цIалдохъабазул суратазухъ. Гьезул гIажаибго берцинаб балагьиялъ бицунеб буго жидерго талихIалъул хIакъалъулъ. Гьазда лъалеб букIиндалха жидерго талихIалъул багьаги, бакIлъиги, тIадагьлъиги, тамахлъиги, къуватги. Ва талихIалъги хIалбихьана гьезул – мустахIикъал ругищ гьел жиндир кваркьидакь бугеб гьогьомиялъейилан.

 

ГIумруялъул ахIухъе

АхIи щвана Гъизилюрт шагьаралдеги. Рихха-хочи, магIу, гIоди. ГIумруялъул зигара. Унтаразул угьди. Гьеле гьединаб букIана дол къояз Раисатилги Сидратилги талихIалъул сарин. Гьеле гьеб мехалда тIубанго лъана гьезда жидецаго тIасабищараб махщалил тIадегIанлъи. Къойилго дандчIвалел хвелги гIумруги. Къойилго сунеб гIумру, судулеб бугеб къисмат. Къасилъи-къадлъи гьечIого, гIумру хвасар гьабизе «гьужумалъ» унел Раисатги Сидратги. ГIумруялде бахъинабизе рес щвараб гьезул анищалъул хIалбихьулеб букIана макруяб унтуца.

Амма гIумруялъ ахIуд рахъинарурал гьезда ракIалдецин кколеб букIинчIо къуркьизеги къезеги. РукIана хвелалги. Бугониги, Гъизилюрт шагьаралъул централияб больницаялъул хехаб кумекалъул машинаялъул тохтурзаби Сидрат ХIажиевалъул ва Раисат Асадулаевалъул къуват гIуна хвелгун къеркьезе. Ахир-къадги угьун биччазе рес щвана гьезул талихIалъе.

 

ЛъачIо гьезда свак, сваказе заманги букIинчIо гьезие. Тезе ккана гьез макьуги. Хвасар гьабизе кIвараб гIумруялъул къвалакьанги баккун, гьимулеб букIана гьезул талихIги.

Сидратилги Раисатилги хIалтIуе тIадегIанаб къимат кьуна республикаялъул нухмалъиялъ. Доб заманалда ДРялъул бетIерлъун вукIарав Владимир Васильевасул цIаралдасан гьезие Баркалаялъул кагътал кьуна больницаялъул бетIерав тохтурас.

ЦIидасанги цоги нуралъ расенал угьана цIалдохъабаз хъвазе тарал дир гIумруялъул тIохьол тIанчазда.