Санкьадерил пашманаб юбилей

Хасавюрт районалъул Первомайское росулъ рагъулал тунка-гIусиял ккаралдаса тIубана 25 сон

 

Санкьадерил росдал гIадамал ЦIумада районалда гурелги гIатIиракьаздаги руго гIумру гьабун. Чачаналдаса тIад руссун хадуб, гIатIиракьалда гIуцIана гьез росу ва гьелда цIарги лъуна, Ведено районал­да букIарабго гIадаб, Первомайское абун. Жидерго магIишат-яшавалда рукIарал гьезул 1996 соналъул 10 январалда тIубанго гIумру хисанин абизе бегьула.

 

1996 соналъул 9 январалда Гъиз­ляр шагьар квегъизе сапар бухьа­рал хъачагъазул къокъаялъ, туманкI кьвагьичIого, шагьаралъул больни­цаялда жидерго штаб лъуна.

— Доб з а х I м а т а б з а м а н а л д а дун вукIана м а ш и н а б а ­зул запча­стал ричулев Гъизляралъ­ул базарал­да. Кидаго гIадин, радал тIадеги вахъун, какги бан, «Жигули­ялдаги» рекIун базаралде сапар бу­хьана. Пекарня бугеб бакIалде щве­дал, нух къан батана. ОМОНалъулал гьанире киндай ккаралилан пикру­ги гьабун, хIукму ккана гьениве ун цIех-рех гьабизе, — ян ракIалде щве­забуна МухIамадназир Маллаевас. — АскIове щведал рихьана мугжулги тарал, яргъидги гIуцIарал гIадамал. Гьезул цо чангояс дида лъазабуна централияб больницаялде жал щве­зареян.

 

Нухда унаго гьел цоцада кIалъалел рукIана. Щибха дида лъалеб букIараб щиб гьез жидерго мацIалда бицунеб букIарабали. Гьенисан уна­го гьез асир гьавуна кIиго милици­онерги. Больницаялде щвезе 200-300 метр хутIараб бакIалда, рагъулаб ча­сталъул кавабахъ рукIарал солдатаз­де кьвагьдана гьел. Данде кьвагьде­ялъул хIасилалда лъабго боевикасул кIигояв чIвана, цояв лъукъана, ми­лиционеразул цоявги хвана, цогидав лъукъана, дир кваранаб гъажалдаги щвана гулла. Лъукъун вукIарав хъа­чагъас дида лъазабуна машинаялъуса шуругейин, сверухъ ругел ми­набазул тIохазда жидер снайперал ругин. Вагъарани, гьез мун чIвалин. Боевик, лъукъун вугониги, больни­цаялде ана, кумекалда хадув. ГIемер заман балалде кIиго санитаркагун тIад вуссунги вачIана. Гьезул куме­калдалъун чIваралги больницаялде рачана. Дунги, гьелгун цадахъ ана дове. Хадуб, шагьаралъул къватIахъ ратанщинал больницаялъуре гъолел рукIана. 10 январалъул радал сагIат 9 тIубайдал, киналго гIадамал хъа­чагъаз автобусазда рекIинаруна. Дун больницаялдаго хутIана ругъун сах гьабизегIан.

ГIемер кватIичIого МахIачхъалаялдаса Гъизляралде рачIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатал, хIукуматалъул мини­страл, ЖамгIияб палатаялъул цо- цо членал. Гъоркьлъалие восарав кIинусгогIан чиясул гIумру хвасар гьабиялъе хIукуматалъул делега­циялъул батIияб рес букIинчIо хъа­чагъаз цере лъурал шартIал тIурай гуреб. Салман Радуевасул къокъа­ялъ, тIоцебесеб иргаялда, тIалаб гьа­буна гIемерал автобусал, гьезда жа­нире гъуна больницаялда рукIарал гIадамал. ТIоцебесеб автобусалъур жидеего бокьун гIодор чIана доб за­маналда министрзабилъун ва Па­чалихъияб Советалъул членаллъун рукIарал МухIамадсалихI Гусаев, ХIамид ХIамидов, Иманпаша Чер­гизбиев ва цогидалги. Унеб нух­ги бихьизабуна Гъизляр-Бабаюрт- Туршунай-Хамаматюрт-Уцмиюрт- Ахъбулатюрт-Первомайское. Гьеб росдал рагIалда буго коллектор-ка­налалъ бухъун батIа тIезабураб Ча­чан республикаялъулгун гIорхъи. Гьенире щведал, боевиказулгун гьа­бураб къотIи-къаялда рекъон, гьез асир гьарун рукIарал риччан тезе ва жалго ине кколаан Чачаналде. Амма кинабго гIаксалда ккана.

 

— Доб къо, жакъа гIадин, ракIалда буго, — ян ракIалде щвезабуна рос­дал бегавуллъун вукIарав ГIизудин СалахIовас. – Дол соназда рукIинчIо гьанже гIадин рищарал росдал депутатал, букIана 15 чияс­даса гIуцIараб совет. Радалго, сове­талъул гIахьалчагIазулгун гьаризе кколел ишалги дандран, Первомай­ское росдал рахъалдасан Хасавюрт р а й с о б р а н и ­ялъул депу­тат Исраил ИсхIакъовгун дица сапар бухьана ша­гьаралде. Ахъ­булатюрт рос­дал рагIалдаса унеб шагьра­нухде щолелъ­ул, баккана машинабазул тIел. Гьел гьанирехун гIадада сверун ратулареблъиги бичIчIун, дица ма­шина нахъ буссинабуна. Машинаба­зул тIел чIезабуна Первомайское рос­дал рагIалда бугеб гIорхъи цIунун лъураб блокпосталда цебе. Дол къояз гIорхъода хъулухъ гьабулеб букIана Новосибирскиялдаса омоналъулаз.

Радуев дида гIемер вихьун вукIана. Гьес нухмалъи гьабулеб букIана Гудермес шагьаралъе. Ни­жерго росдал мурадал тIуразариялъе гIоло дун гIемер щолаан чачаназул гьеб шагьаралде. Амма гьеб къоялъ дида гьев лъачIо. Дида цеве къирал гIадин гIодов чIун вукIана цо кина­бали лъалареб пачалихъалъул форма ретIарав магжилав. Дун Радуевасда лъана. Дица хIаракат бахъана сабу­ралда кIалъазе. Руччабиги гIисинал лъималги риччан тейин абуна дица гьесда. Нилъ ругин мадугьалзаби, гIагарлъи бугел гIадамал, бегьула­рин бусурбанчияс бусурбанчиясе зарал гьабизе. Гьединаб хабаралда рукIаго, гIорхъодехун ине ихтияр бугин машинабазеян кьураб коман­да бачIана. ГIорхъода бугеб коллек­тор-каналалда тIасан лъураб кьо ункъо автобусалъ бахиндал, бор­жун бачIараб вертолеталъ речIчIун бачIана кIиго ракета. ТIокIаб до­бехун нух гьечIинги абун, колонна нахъ буссинабуна. Блокпосталде щведал, боевиказ асир гьавуна гье­нив вукIарав 70 омоналъулав ва, Первомайское росу сверун кквейин, командаги кьуна Радуевас.

 

Лъица гьединаб буюрухъ кьураба­ли лъаларо, амма Первомайское рос­дал гIадамал гъуризе рукIин якъин­го бичIчIулеб букIана. Хадувги ана дун Радуевасухъе, росдал гIадамал нахъе рачине риччайиланги абун. ТалихIалъ, кIвана гьел Теречное ва Советское росабалъе ритIизе. Бу­гелъуб тана боцIи-панз, магIишат. СагIаталда жаниб гIадамал къватIире гочинарун бажарана. Хадубго цун бачIана Радуевасул буюрухъ, ро­сулъа унелги гьанире рачIунелги чIезарейин, гIурхъабиги къайин абу­раб. Заманго иналде росу рагIалде щвана Дагъистаналъул Пачалихъи­яб Советалъул председатель М-ГI. МухIамадов, хIукуматалъул пред­седатель ГIабдуразакъ Мирзабегов. Росдадаса цо километралъ рикIкIад, нухлул рагIалда лъуна штаб. ЦIияб штабалъул тIоцебесеб данделъи ра­гьилалде цебе М-ГI. МухIамадов те­лефоналъ кIалъана Россиялъул пре­зидент Ельцингун ва кьварун абуна, жакъа Дагъистаналда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул гIайибияв мун ву­гилан. Гьезул ккараб харбидасан дида бичIчIана Радуевасул боевикал Первомайскиялдаса Чачаналде рич­чагеян абураб буюрухъ Москваялда­саго кьун букIин.

Гьел къояз гъоркьлъалие ро­сарал руччабиги лъималги асир­лъудаса хвасар гьаризе бергьараб хIаракатчилъи бихьизабуна мили­циялъул подполковник ГIумахан ГIумахановас. ЧанцIулго ана гьев Радуевасулгун кIалъа-басаял гьари­зе ва бажарана рагъул майданалдаса гIисинал лъималги гьезул улбулги нахъе рачине.

 

АнцIила микьабилеб январал­де щвезегIан халалъана Первомай­ское росулъ ккараб рагъ. Гъурана гIемерал солдаталги, хвана хъачагъалги. ТIасан бараб бомбабазул гу­чалъ жанире лъугьине бегьулеб рукъ хутIичIо дир росулъги. Жакъаги хутIун руго росулъ гьезул хутIелал ва лъалкIал.

Баркала буго доб заманалда Дагъистаналъул нухмалъулеллъун рукIаразе. Росулъ цIияб мажгит­ги, клубги, медпунктги, админи­страциялъул минаги бана. Росулъе бачIунеб нухде ва росулъ ругел къватIазде тIуна хъил. Амма Перво­майское росулъ ругел санкьадерие рагъалъ пашманаб асар гьабичIого течIо, хутIана ракIазулъ лъилъула­рел ругънал.