Анищазда хадуй сапаралъ

ХIакъикъаталдаги учителасул букIунаро бокьичIого гьабулеб хIалтIи, гьесие щолеб харжалъухъ хал гьабидал. Ратизе бегьула гье­зул кьеразулъги рес къотIун школалдаго хутIаралги. Амма, аслияб къагIидаялда босани, гьенир руго учителасул хIалтIухъ ккараб рокьу­ца школалда ккурал хIикматал гIадамал. РакI-ракIалъ бокьичIони, кинаб бугониги хIасил кьоларо учителасул хIалтIуца.

 

Релъиги, гIодиги, квешлъиги, лъикIлъиги, хIалуцинги, сабруги, берцинлъиги, гьайбатлъиги, хин­лъиги, цIоройги. Гьеб киналъулго тIогьиб — Рокьиги. Гьалеха учите­ласулги цIалдохъанасулги цоцазда жиб бараб ва бухьараб гIумру.

 

Цебе бачIунеб буго 1984 сон. Институтги лъугIун, росдал хъута­налде хIалтIизе уней дир ботIролъе рачIунел рукIана кIвеладай дида цIалдохъабазул божилъи ритIухъ гьабизеян абурал хIинкъарал пи­краби.

— Дун йоржун уней йиго гьорол хехлъиялда, талихIалъул хIанчIил куркьбаздаги рекIун, дирго анищаз­де данде.

Гьале тIоцебесеб дарс. Дихъ ралагьарал чIегIерал, цIахIилал, хъахIилал, сурмиял берал… Гьале тIоцебесеб дарс.

— РорчIами, лъимал…

Долдаса нахъе ана 36 сон. ГьедигIанго сонал руго дир «Дун — учитель» абураб школалъулаб гIумруялъул хъвай-хъвагIаял гьару­раб тетрадалъеги.

 

ЦIидасанги гIедегIулей йиго дирго анищазул гъасде, гьениб гье­легьун бугеб рокьул цIадул хин­лъиялъ бачунеб гъургъуралъухъ гIенеккизе. Гьезул тIогьиб бугеб гучаб ва хIасратаб, гьелдаго цадахъ хIеренаб ва недегьаб рокьул щвалде щолей йигей дие жакъаги гIажаибаб асар гьабула, цIалдохъабазул бици­не щведал.

Унго-унгоги, гьез дир гIумруялъе кьунщинаб хIухьелги, рухIги, жан­ги. Диего хасаб гъасда бакизе дир­го къисматалъул цIа щвечIей дие гьезул рокьиги, гьимиги, кIалъайги букIана цIалъунги, канлъунги, талихIлъунги.

 

Доб тIоцебесеб къоялдаса на­хъе дир хьолбохъа нахъе инчIо цIалдохъабаз дие кьолеб бугеб талихI. Гьезул кумекалдалъун дицаго ургъарал ТалихIалъул дарсал жакъаги ритIула, гьел цIияб гIумруялде нуха регIулаго, гьезда дандчIвай гьабизе. Цо цIалдохъанасегицин дир ТалихIалъул дарсаз кумек гьабун батани, дунги яхун ятила доб дирго анищалъул тIогьиб бугеб Рокьул тIараде. Гьел­да къвалги бан ругел дирго анищаз цIидасанги гьогьомизабула дир гIумру.

Сонги, жакъаги, метерги — ки­даго урхъун йикIуна дун дир гIумруялъул тIохьол тIанчазда цIалдохъабаз хъвараб бацIцIадаб къисаялъухъ. Цо гьелъул берцин­лъи, тIадегIанлъи.

 

Дир бакъул чIоразда гьоркьорги руго гьезул чIорал. Чан кьерхарал къоял чIаго гьарурал гьез дие, чан къваридал дир сардазе кIиабилеб хIухьел кьураб гьез, чан нухалъ еэдарай, чан нухалъ баараб дир бакъалда.

Учительги цIалдохъанги. Ро­кьукълъиялъе гьитIинабгицин бакI гьечIеб бакъулаб улка. Гьеб улкаял­да гIумру гьабун ругел учителасулги цIалдохъабазулги гIумруялъул биду­рихьал цоцазда рухьарал руго. Гье­нисан хьвадулеб бидул тIадецуялда бараб буго гьеб улкаялда гIумру гьа­бун ругезул къисматги…

 

ЦIидасанги бегулеб буго дица дирго хIикматаб тетрадь. Ва цIидасанги гьеб тIехьалъул тIанчазда иргаялда дие гьимулел руго дирго цIалдохъабазул сипатал.

Гьезул щибалъ абулеб бугин кко­леб буго:

— ЙорчIами, учитель!…

— РорчIами, лъимал!…

 

Ва цIидасанги байбихьулеб буго дир тетрадалъул иргадулаб бутIа…

ХIурматиял учительзаби!

 

Баркула нужеда дунялалдаго би­щунго гIаданлъи цIикIкIарал, цо­гидазул ракIазулъ лъикIлъиялъул мугьал рекьулел гIадамазул байрам. Нилъ руго бищунго талихIал гIадамал. Щайгурелъул нилъеца ракьалде хьалеб буго букIинесеб гIелалъул талихIалъул мугьал. Цогидазе талихI бикьи — гьеб гурищ нилъерго талихIги. КIиябго талихIги цолъун лъугьараб гIумруялъул магIнаги захIмалъиги цохIо нилъедаго гу­рони бичIчIуларо. Гьеле гьеди­наб тIадегIанаб багьа буго нилъер талихIалъул. Ругищ гьелдаса бер­цинаб цоги талихI бугел хъулухъа­зул гIадамал?!

Байрамгун, учитель!