Нилъеего заралалъе батула

Ахираб заманалда гIадатлъун лъугьун буго интернеталъул сайтазда рагьарал кагътал хъвай

 

Гьанжезаманалъул хасиятлъун ккола бихьарабги рагIарабги хехго тIибитIизаби. Гьелъие кумекалъе хIалтIизарула технологиял алатал. Пуланав чи вухулеблъиги, гIодов кканиги, хIакъир гьавулев вихьаниги, къварилъи ккарасе кумекалъе рахъиналъул бакIалда гIадамал рортула телефоназде ва лъугьа-бахъин бахъизе байбихьула. Цояз гьеб бахъула копоего, цогидаз – къварилъи ккарасул гIагарлъи балагьиялъул мурадалда, лъабабилез – интернеталдаги лъун, жидеего «лайкал» гIемер щвеялъул мурадалда. РукIуна гьедин бахъараб роликалдалъун пуланаб масъала цебелъезе къваригIаралги.

Масала, 2017 соналъул ноябралда Сочи шагьаралъул №4 школалъул учительницаялъ бахъана гьениб бугеб хашаб хIалалъул хIакъалъулъ бицунеб видеоролик ва гьеб лъуна интернеталъул сайталда. Роликалдасан бихьулеб букIана кьучIдасанго школа къачIаялъе цебего заман щун букIин. Интернеталда лъураб роликалъул кумекалдалъун гьеб къачIаялде кIваркьелин хьул букIун батила учительницаялъул. Амма гьей, «школалъул уставалъул тIалабал хвезарунилан» багьанаги батун, хIалтIудаса нахъе йитIана.

Харж цIикIкIинабичIо –
малъа-хъвай гьабуна

Дагьалъ цебе лъималазул ахалъул тарбиячIужуялъги хъвана Владимир Путинихъе рагьараб кагъат. Гьелъ абулеб букIана, «школалда цебесеб лъайкьеялъул педагогазул харжал цIакъго дагь ругинги жиндирго гIарцухъ кагъатги босун, гьелъул гьарурал пособиялги карточкаби къачIазе кколин».

ПалхIасил, министерствоялъ, гьеб лъугьа-бахъиналда бан данделъи тIобитIана. Гьелда гIахьаллъана министерствоялъулги лъайкьеялъул департаменталъулги хIакимзабиги, лъималазул ахазул нухмалъулелги, лъималазул умумулги. Гьениб гIарза хъварай гьерсихъанлъун гьаюна. Бицана харж дагьаб букIиналъе гIилла кколин гьелъул тIадегIанаб лъай гьечIолъи. ЦIиял ФГОСазда рекъон, киналго хIалтIухъабазул букIине ккола тIадегIанаб лъай. МоцIрол харжалъул тIоцебесеб бутIа ккола базовияб. Гьебги бараб букIуна дипломалъул даражаялда. КIиабилеб бутIа ккола гъирабазабиялъулаб. ГIарзахъдарай педагогалъул хIалтIи хашаблъун рикIкIана (гуребани, гьелъул харжалде тIадеги жубалароанищха гъирабазабиялъул бутIа). Гьебги бараб букIуна батIи-батIиял къецазулъ гIахьаллъиялдаги (гьезда гIахьаллъизеги гIезегIан гIарац харж гьабизе ккола педагогас ва гьеб гьесие лъицаниги бецIуларо), гьанжезаманалъул технологиял хIалтIизариялдаги, ишцоязе дурго хIалбихьиялъул бициналдасаги, ай данделъабазда жигараб гIахьаллъи гьабиялдасаги. Харжалъул лъабабилеб бутIалъун рехсана лъималазе кьурал дарсазухъ гьезул эбел-инсухъа босулеб мухь. Гьединго данделъиялда бицана, лъималазул ахикь пособиял хIадуризе киналго шартIал чIезарун ругиланги. «КIвахIалай тарбиячIужуялъ гьел пособиял хIадурулел рукIун руго жиндирго гIарцухъ, ясли-ахикь бугеб аппаратги хIалтIизабичIого», — ян бицана данделъиялда.

Ахиралдаги абила, педагогас тIадегIанаб идараялде гIарза хъваниги, лъайкьеялъул идараялъул халгьабизе битIун бачIуна хасаб комиссия. Гьебмехалда халгьабула тIолалго педагогазул хIалтIулги школалъул ахIвал-хIалалъулги. Гьединаб мехалда школалъул администрациялъги байбихьула гIарза хъварав хIалтIудаса «жиндиего бокьун» нахъе инавизе.

Доб данделъиялдайин абуни хIукму гьабуна, гIарза хъварай тарбиячIу-жуялда хадув насихIатчи чIезавизе. НасихIатчияс гьелда бичIчIизабизе ккола, цIикIкIун харж щвезе бокьани, кин хIалтIизе кколебали.

Иргадулаб кагъат

Гьал къояздаги Владимир Путинихъе интернеталдасан хитIаб гьабулеб буго Пермь краялъул пуланаб школалъул учительзабаз. Масала, дарсазухъ кьолеб мухь щай батIи-батIиял бакIазда цо гьечIеб? Ставкаялъухъ кьолеб мухь щай чIезабулареб МРОТги кьочIое босун? ЛъагIалил ахиралда учительзабазе премия щай кьолареб? Щай, прокуратураялде гIарзаги хъван, гьелдаса хадуб гIуцIараб халгьабиялъухъ гIакIа бецIизе кколеб учительзабазул харжазул фондалдасан? Щай школалъул халгьабизе рачIунел жидеда тIасан гIарза хъван букIараб идараялъул хIалтIухъаби? Учительзабилъун кколарел школалъул хIалтIухъабазул харж МРОТалде бахинабиялъул мурадалда щай хIалтIизабулеб гъирабазабиялъул бутIаялъул гIарац? Щай кружокалги къан, лъимал махIрум гьарулел школалда тIадехунисеб лъайкьеялдаса?

Гьеб буго Пермь краялъул учительзабазул улкаялъул президентасухъе гьабураб кIиабилеб хитIаб. Гьелъиеги, цебехун бицен гьабураб тарбиячIужуялъул хитIабалъего гIадинаб къимат кьуни, расги гIажаиблъиларо. ХIакимзабазухъа цIакъ лъикI бажарулелъулха жалго цIунизе.

Кавсарат Сулейманова