БукIинесеб бугодай росдал школалъул?

Басралъараблъун ва хIинкъи бугеблъун рикIкIараб Хъебалъ росдал школалда цIалулев вуго 80 цIалдохъан

 

Щуабилеб декабралда тахшагьаралъул аслияб майданалде вахъана Хъебалъ росулъа Рамазан ГIабдулкаримов. Гьесда кодор рукIана росдал школалъул сураталги игIланги. Рамазаница тIалаб гьабулеб букIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасулгун дандчIвай. Росулъ бугеб басрияб школалъул бакIалда цIияб базеги кьучIдасанго лъималазул ах къачIазеги къваригIун бугин абулеб букIана гьес.

Хъебалъ росдал школа бан букIана 50-ялдасаги цIикIкIун соналъ цебе. Гьениб бугеб хIалалалъул хIакъалъулъ гьадин бицана нижее 15 соналъ завучлъунги ичIго соналъ директорлъунги хIалтIарав ГIумар Халитовас: «Нижер школалъул буго кIитIалаяб мина. Гьенив хIалтIулев вуго 25 учитель. Киназулго буго тIадегIанаб лъай. Школалда цIалулев вукIана 120 цIалдохъан. Школалъул мина биххиялъул хIинкъи бугинги абун, цо-цо цIалдохъаби Агъвали росдал школа-интернаталдеги, гIатIиракьалда ругел гIагарлъиялъухъеги щвезаруна эбел-инсуца. Школалда хутIун вуго 80-гIанасев цIалдохъан. Школа къани, росу биххула – гьеб гьедин букIин бихьулебги буго. Гьединлъидал, районалъул нухмалъиялъги республикаялъул идарабазги цIияб школа базе ресал ратани, цIакъ баракатаб иш букIинаан гьеб. 
Школалъул тIоцебесеб тIала бан буго ганчIил. КIиабилеб – хъорщол. Дун школалъул нухмалъулевлъун хIалтIулагоги рукIана хинлъиялъулги, хIинкъигьечIолъиялъулги, цогидалги масъалаби. Школалъул гьечIо жанахI – переменаялъул заманалда расандизе санагIатаб азбар гьечIел лъимал рескъотIараб хIалалда рукIуна. ГьечIо киналго цIалдохъаби цадахъ ракIарун, тадбир тIобитIизе бегьулеб класс, данделъабазул зал. ГIолел гьечIо классазе кабинетал. ГьечIо школа гIатIид гьабизе, ай тIадеги кабинетал разе бакIги – мадугьалихъ ругел минабаздаги школалдаги гьоркьоб буго 1,5-2 метргIанасеб бакI. Гьединлъидал школалъул азбарги сверун къан бажаруларо. Школалде рачIунел цIалдохъаби, хIарщул цIурал хьиталгун, битIахъего классазда жанире щола.
Дун директорлъун вугеб мехалда, школа къачIаялъе абун, кьолаан 10-15-20 азарго гъуруш. 2007 соналда кьун букIана 100 азарго гъуруш. Гьелъухъ тIубанго хисана тIох. ЦIад бараб заманалда тIох гIеккон, классазда жанибе чвахулаан лъим. Гьелдаса хадуб кьун букIана 200 азарго гъуруш. Гьелъухъ къачIана кIиабилеб тIалаялъул къадал. Хъорщол къадал ругелъул, гьоркьоб лъуна стекловата, минералияб квасквас. Дагьабниги хинлъи чIезабун бажарана. Нижеда лъазабун букIана, школалда видеохалгьаби букIине кколин. Сундухъ гьеб гьабилеб? ГIарац кьечIо.
Школа базе цIакъ санагIатаб бакI буго росулъ. Гьарун руго гьелъие документалги. Гьел кьун руго районалъул МФЦялде. Амма жеги хIадурун гьечIо школалъул проектги сметаги. Гьеб бакIалда росуцояз гьабун буго волейбол хIазе майданги. Спортзалги гьечIелъул, гьенир гIуцIула росдал гIолохъабазул спорталъул къецал.
Росулъе букIинчIо машинадул нух. Гъоркьиса, ЦIумада районалдаса «ЦIу­мадисезул ДЭП №40» ОАОя­лъул ди­ректор АхIмад Давудовасул хIа­рака­тал­далъун, росулъе бахъана лъикIаб ша­гь­ранух. Нух бахъиялъе росдал жа­ма­гIаталъ бакIарана цо миллионгIан гъуруш. Школа базе хIажатаб къайи росулъе баччиялъе бигьалъи букIина гьанже».
ДРялъул прокуратураялъ гъоркьиса Хъебалъ росдал школалъул мина рикIкIана хIинкъи бугеблъун ва районалъул бетIерасухъе битIана цIалдохъабазул гIумруялъе хIинкъи гьечIеб бакIалда гьезул цIали гIуцIеян хъвараб хитIаб. Амма ЛъаратIа районалъул судалъ гьабуна батIияб хIукму. Гьелда рекъон, тIоцебесеб тIалаялда дарсал кьезе бегьулеб хIал гьечIониги, кIиабилеб тIалаялда гьелъие щибго къварилъи гьечIин. Школалъул администрациялъ гьениб гIуцIана кIиго сменаялъул цIалиги. 
Рехсараб школалда цIалулев вуго Рамазан ГIабдулкаримовасул кIиго васги. Гьес бицухъе, школалда руго цIулал бакIалги, рек-рекарал партабиги, болъабазул бакIалда лъун руго хIухьдулги. Мина биххизе бегьула бокьараб заманалда, гьединлъидал переменаялъул заманалда лъималазе гьукъун буго рекерахъдизе. Классазда хинлъи чIезабизе ракула печал ва цIалдохъаби гIодор чIола, рокъоса росарал къандалъабиги гъоркь лъун. Школалъул гьечIо хIажатханаги, спортзалги, богорукъги. Байбихьул школалъул цIалдохъабазе квен кьола мадугьалихъ бугеб минаялъуб – гьеб босун буго ижараялъе. Сверун къан гьечIо школалъул азбарги – гьенир эркенго тира-сверулел рукIуна гIачи-бачалги хIамулги.
«Анкьго соналъ хьвадулев вуго дун, цIияб школа базе кумек гьарун. ХитIабал гьаруна республикаялъул батIи-батIиял идарабаздеги. Киса-кибго кьола цо жаваб: гIарац гьечIо. ЦIунтIа районалъул бетIерас абулеб буго, гьеб иш жиндир цIобалде кколарин», — ан бицана Рамазан ГIабдулкаримовас.
Майданалде вачIарав ГIабдул­ка­римов­гун дандчIвана ДРялъул лъайкьеялъул министрасул заместитель Темирхан Халилов. Гьес рагIи кьуна, тIасияб соналда разе ругел школазул сияхIалде босизе Хъебалъ росулъ школа баялъул суалги.
Рамазан ГIабдулкаримовасда ракIал­да буго, гIагараб заманалда жиндир тIалабал тIуразе байбихьичIони, Пятигорскалда, РФялъул президентасул вакиллъиялда цеве кодоб добго игIлангун эхетизе.
Хъебалъ росдал школалда бугеб хIалалъул хIакъалъулъ ихдал би­цун букIана НТВ-каналалъул жур­налистазги. Нижецаги хъван букIана гьелъул хIакъалъулъ. Школалда дар­сал кьезе гьукъун букIана про­кура­тураялъ. Прокуратураялъу­л хIук­муялда хъван букIана, цIалдохъабазе дарсал кьезе санагIатаб бакI батеян, ай цIалдохъабазулги гьезул учительзабазулги гIумруялъе хIин­къи­гье­чIолъи чIезабеян. Доб мехал­да ДР­ялъул бетIерлъун вукIарав Рама­зан ГIабдулатIиповас лъазабун бу­кIа­на, хIакъикъат баян гьабеян. ЦIун­тIа районалъул бетIер Пахрудин Му­хIамадиновасги районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев МухIамад Къурбановасги нижеда бицун букIана, районалъул анлъго росдал школалда бугин гьединабго хIал. 
ЦIиял школалги ралел гьечIони, мадугьалихъ росабазул школазде цIализе лъимал ритIизе умумулги разилъулел ратичIони, масъала тIубаялъе кинал ресал ратизе бегьулебали, лъаларо. ГIемерал соназ тIурачIого тарал масъалаби руго ЦIунтIа районалъул: гьечIо санагIатал нухал, больницаби, хехаб кумекалъул машинаби. АнцI-анцI соназ республикаялъул нухмалъиялъ рехун тараб районалъул гIадамазул сабру тIагIиналда гIажаиблъизеги бачIунаро. 
Кавсарат Сулейманова