Къисматалъул къиса къалъулеб буго…

 

   Хамизилги дирги лъай-хъвай ккаралдаса гIурабго заман буго. Ва щибаб дандчIваялъ цIи-цIияй Хамиз рагьула дие.

ТIоцебесеб иргаялда, бицине бокьун буго Хамиз – учителалъул хIакъалъулъ.

Хамиз МухIамадовна Хъазанбиева ккола Хунзахъ районалъул БакьайчIи росулъа. ГIумру гьабулеб буго МахIачхъала шагьаралда. ЛъугIизабуна ДГПУ. ХIалтIулей йиго МахIачхъалаялъул № 8 лицеялда.

 

Суратаз бицина гIумруялъул тарих

 

 

— Дир имгIал ГIали Хъазанбиев хIалтIулев вукIана гьеб лицеялъул директорлъун. Эбел-эменги хун дунго хутIидал, гьев ватана дир хьолбохъ. Ва гьес дун хIалтIизе ячана лицеялде. Долдаса нахъе ана 20 сон. Гьел саназул щибаб къоялъ ракIалде щола дида имгIал, щайин абуни, сун унеб букIараб дир къисматалъул бакъ цIидасанги кунчIизабизе хIаракат гьес бахъана, — ян абуна Хамизица.

— Лъималазул рокьуе мустахIикъаллъун рукIин бигьаяб пиша гуро, — ян хадубги бицана Хамиз МухIамадовнаялъ – дарс кьеялдаса захIматаб буго учителасе лъимал рокьизе живго ругьун гьави. Жакъа гIадин ракIалда буго школалде, учитель хIисабалда, ячIараб къо: дихъ балагьун, клас­салда батараб чамалиго бералъулъ бихьана цо хIайранаб балагьи.

Жакъа дуе жал рокьизе кколин абулеб букIана щибаб балагьиялъ.

Долдаса нахъе ана къого сон. Амма историялъул учитель Хамиз МухIамадовна ритIухъайлъун хутIана доб къоялъ жиндиего бараб гьаялъе.

ЦохIо дарс кьеялда лъугIуларелъулха учителасул хIалтIи. Хамиз МухIамадовнаги гьелъул цIалдохъабиги гIахьаллъула ТIолгороссиялъул, Халкъазда гьоркьосел, республикаялда тIоритIулел конкурсазда ва ккола цересел бакIал. Гьел щола республикаялъул ва Россиялъул регионазул батIи-батIиял бакIаздеги. Гьеб киналъего нугIлъи гьабула щунусгоялдасаги цIикIкIун цохIо учителалъе ва гьелдасаги цIикIкIараб къадаралъул цIалдохъабазе щварал дипломаз, грамотабаз, баркалаялъул кагътаз.

Гьале учителалъул школалъулаб ва жамгIияб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ бицунел суратазул цIураб цоги папкаги.

— Дир гIумру берцин гьабулел цIалдохъаби ккола дие къисматалъул тIугьдуллъунги. Гьезул гьимиялъулъ батана дида талихIги. Дир рес ккечIо учителасул хъвай-хъвагIаязул тетрадь гьабизеги. Гьединлъидал биччанте гьал суратаз бицине дидаса хадубги дир  гIумруялъул тарихалъул тIегьан бачIараб къиса, — ян абуна Хамиз МухIамадовнаялъ.

Унго-унголъунги, Хамизие  къисматалда кунчIарал жавгьараллъун руго цIалдохъаби. Гьелъ кIудияб хIаракат бахъулеб буго жакъасел школлъималазда Дагъистаналъул маданиятги, гIадатал-гIамалалги, тарихги, адабиятги лъазабизе. Гьединлъидал гьелъул дарсазул гьалбалги ккола шагIирзаби, хъвадарухъаби, тохтурзаби, Авар театралъул актерал, жамгIиял хIаракатчагIи, ватIаналъул бахIарзал, учительзаби, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби ва цогидалги дагъистаниял.

Жакъа учителалъул ракIбакъ­вазабун буго школазда рахьдал мацIазул ва Дагъистаналъул маданият гIадал дарсазда сверун лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъ. Гьей чанго нухалда щвана республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялде. Цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун цадахъ ахIи бана гьелъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялдеги.

— Жакъасеб къоялъул къваридаб саринлъун ккола рахьдал мацI лъалерел лъимал, гьелде тIадеги, миллаталъул гIадатал-гIамалаздеги квер хьвагIи гурищ кколеб Дагъистаналъул маданияталъул дарсал школалъул программаялдаса нахъе рахъи. МацIги, гIадаталги, миллаталъул тарихги кIочарал наслабаз кин цIунизе бугеб ватIан? — илан пашманго абуна Россиялъул лъай кьеялъул ХIурматияй хIалтIухъан, лъималазе ракI кьурай, гIумруялъул магIнаги гьезул талихIалъулъ бугей Хамиз МухIамадовна Хъазанбиевалъ.

ТIаде щолеб бугеб учителасул байрамги баркулаго, гьарула гьелъие творческияб хIалтIулъ дагьалги чIахIиял бергьенлъаби.

— Дир гIумруялъул аслияб магIналъун жакъа дие ккола дир цIалдохъаби.

Дица малъаралъул, бицаралъул цо дагьабниги пайда гьезие батани ва гIумруялъул сухъмахъаздасан таричIого ине гьезухъа бажарани, гьеб букIинаан дие кIудияб рохеллъун, — илан бицана Хамиз МухIамадовнаялъ.

 

Дица гIумру тела гIадада инчIин…

 

Гьалеха цогидай, батIияй Хамиз.

Лъималазе хIеренай, гьимун, елъун гурони гьезда кIалъаларей, ккаралъуй кьварарай учитель Хамиз МухIамадовна, дарсалги лъугIун, къалъудаса хадуй лъугьуна батIияйлъун.

Республикаялъул жамгIияб гIумруялда гьелчолеб бугеб цо карачелалъул бетIергьан йиго Хамиз. Къойилго гьалдолеб букIуна гьелъул гIумру. Гьелъул заман гIолеб буго рахьдал мацIалги маданиятги цIунейилан ахIи базеги, рагъул ветераназухъе щвезеги, шагьаралда рацIцIалъи цIунизе хIалтIи гьабизеги, волонтеразул кьеразулъги гьей. Гьединго Хамиз ккола «Поддержка курса главы РД» ДРООялъул правлениялъул председательги. Дагъистаналда бугеб «КIудияб Бергьенлъи» гIуцIиялъул координаторги. Бергьенлъиялъул волонтерги йиго Хамиз, Республикаялда бугеб Херазул советалъул членги ккола гьей. Жеги гIумруялъул сонал 50-ялдегицин рахун гьечIониги, гьелъул гьабулеб хIалтIуде бугеб жавабчилъиги бихьун, йосана гьей гьеб советалдеги.

ГIадамазул гIемерал къваригIелал тIурана ва тIуралел руго Хамизица жакъаги. Рагъул ветеранасда аскIоб чIун бахъараб цо сураталъегицин гьелъ бицунеб букIараб недегьаб мацI.

Кинха рухIдаллъиларей гьединай чIужугIаданалда. Гьадиназда абулеб батила къуватай чIужугIаданилан.

Гьедин дица абураб мехалда, гьей пикрабалъе ккана:

— Дица хIаракат бахъулеб буго ритIухъайлъун, гIадамазе пайда цIикIкIарайлъун йикIине ва хутIизе. Гьеб кинабго дие ирсалъе тун батана кIудияв инсуцаги, дирго эбел-инсуцаги ва Дагъистаналъул тарихалда жиндирго цIарги лъалкIги тарай, диеги жиндир цIар кьун бугей багIарай партизан Хамиз Хъазанбиевалъ.  Дир хIисабалда, чIужугIадан чIужугIаданлъун хутIула, гьелъулъ хIеренлъи цIикIкIун бугони. Диеги бокьун букIана гьеле гьединайлъун хутIизе. Амма лъедезе ккана къисматалъул карачелазде данде. Сверухъе бакIаризе лъугьараб ритIухълъи гьечIолъиялъ бер бахъизе байбихьидал, дида бичIчIана дирго гIодое йиччаялъ дун гъанкъун лъезе йикIин. Ва байбихьана дир гIамалалъ жинцаго къисматалъул къебелъухъ жибго лъадаризе. Гьелъго батила дилъ цо дагьалъ цIикIкIараб согIлъиги, къвакIиги, кьвариги — руччабазулги бихьиназулги ишал цадахъ дицаго тIуразе ккеялъ.

Исана дие рес щвана гIумраялде ине. Гьеб ккана бищунго дун йохараб хIужаги.  Дица дирго гIумру рикIкIина гIадада инчIеблъун, гIадамазе лъикIлъи гьабун дихъа бажарани ва гьеб лъикIлъиялъ дагьабгIаги лъикIаб рахъалдехун гьезул гIумру хисани. Гьедин гурищ кочIолъги ахIулеб.

ЛъугIана Хамизилгун букIараб гара-чIвари. ЦIидасанги байбихьана гIумруялъул цохIо къоялъулгицин тарих – гьей гIедегIун уней йиго жиндирго къисматалъул къалъараб къисаялде данде.

Шамай Хъазанбиева