Лъимер куцазе ккола кинидаго

 

Республикаялъулаб Лъай кьеялъул централда гьал къоязда тIобитIараб данделъиялда бицана школазул цIалдохъабазеги гIолилазеги тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Данделъиялъул гIахьалчагIазул пикруялда рекъон, лъай кьеялъул идарабазда щолеб тарбия ккола рухIиябгун муруватияб бичIчIи лъугьиналъе кьучIлъун.

Лъица кьезе кколеб лъималазе тарбия – эбел-инсуцайищ, лъай кьеялъул идараялъищ? Гьанир кьолел руго гьеб суалалъе нижер цIалдолез кьурал жавабал.

 

Интернеталъ кьола тарбия

 

Низамудин Гъазиев: «40-ялдаса цIикIкIун соналъ хIалтIана дун школалда, амма жакъа гIадинаб хIал киданиги букIинчIо. Дун цIалана батIи-батIиял интернатазда. Учительзаби лъикIал рукIиналъ батила, гьез дилъ бижизабуна адабияталде рокьи. Доб заманалда учительзабаз ниж рухулаан, тIекълъи гьабулел ратидал. Рокъоре щведал, жеги тIаде жубалаан эбел-инсуцаги.

Жакъа дарсида гIадлу хвезабунин абун, учитель вагъани, учитель гIадлуялде цIазе на­хъе къаларо цIалдохъабазул эбел-эмен. Лъимадуе кьолеб тарбиялъул цIикIкIарасеб жавабчилъи тIаде ккола эбелалде. Эмен вуго рукъалъул завхоз гIадав чи. Гьесул бер балагьиго гIезе ккола лъималазе. Хъизам хьихьизе хIаракат гьабулаго, эмен регIуларо лъималазе тарбия кьезе. Гьединлъидал эбелалде ккола цIикIкIарасеб хIалтIиги. Амма кинабгIаги щаклъи гьечIо: тарбия кьезе ккола, тIоцебесеб иргаялда, рокъоб».

 

Рес бугел эбел-инсул  васлъун вукIаравани…

 

МухIамад ХIасанов: «ГIарац гьечIев чи жакъа лъиегIаги хIа­жалъулев гьечIо. Тарбиялдаги, ада­балдаги, гьудуллъи-вац­лъи­ял­даги тIад кверщел гьабулеб бу­го гIарцуца.

Цебе заманалдаги гьедин бу­кIун батила, амма доб мехалда гIадамазулъ ращалъи букIана. Гьелдаго цадахъ социалияб ращалъиги гьечIо. Гьелъ буго кинабго хвезабун».

Закария-хIажи Хамагов: «Тарбия бугони, кинабго букIуна, гье­чIони – букIунаро. Абула, кIал бацIцIунареб мацI букIу­на­рин. Амма кинабго бацIцIун, къулчIизеги бегьуларо.

Дун хIалтIулев вуго лъималазул ахикь. Бечедазул лъимал кидаго рачIуна гIодулаго. Ресу­къал гIадамазул лъимал гIодуларо. Тар­биячIужуялъ малъарабги гьез гьабула, гьезулгун хIалтIи гьа­­бизеги бигьаго букIуна.

Цебе кьиндал киназго ре­тIу­лаан хохолчакмаби. Дир ретIине хьиталги рукIинчIого, эбелалъ хьитазул устарасда гьарана диеги гьитIинав вацасеги хьитал гьареян абун. Досухъ балагьулев чиясда дида ракIалде ккана, дихъаги бажарилин хьитал рукъунин абун. Коцода хьит чIвазе дихъа бажарана ва дица диего хьиталги гьаруна. Гьеб заманалдаса нахъе эбелалъ дие къанагIат гурони хьитал росизе ккечIо. Рес бугел эбел-инсул васлъун дун вукIаравани, дие щвелароан хьитал гьаризе махщел».

 

Эбел-инсуца

кьолаан тарбия

 

Салман ХIасбулаев: «Нилъе­ца лъимер гIезабизе ккола, школалде иналдего, тарбияги кьун. Адабияталдаги маданияталдаги рекъон гуро куцазе кколеб лъимер – куцазе ккола нилъерго гIадаталда рекъон. ГIаданлъиялде ругьун гьабизе ккола. Гьеб мехалда букIуна гьеб унго-унголъунги тарбия щвараб лъимерлъун. Кинидаго лъимер куцазе ккола адабалъеги, хIурматалъеги, гIадлуялъеги. Гьелда квешаблъун, сурукъаблъун бихьизабизе ккола такъсирияб рахъ, малъараб гьабунгутIи. ЛъикIал рахъазул тарбия кьезе ккола гьелъие эбел-инсуца. Ниж школалда цIалулеб мехалда тарбиялъул рахъ букIинчIо. Гьадин гьабе, додин гьабеян малъулароан. Нижее букIана цого-цо трудалъул кIиго дарс – росдал магIишаталъул трудги, жамгIияталъе пайдаяб труд­ги. Эбел-инсуца рокъоб кьолаан тарбия. Нагагь учителас яги кIудияв чияс малъараб гьа­би­чIони, рокъоре щвараб мехал­да эбел-инсуца гIадлу гьабулаан. Гьанже рокъоб тарбия кьо­леб гьечIо. Учителас дагьаб жо кIутIани, школалде рекеру­ла, жидер лъимер буханилан гIар­захъдула.

ЗахIматалъ лъадарула гIадан­лъи, гIаданлъиялъ – гьудуллъи. Дун анкьабилеб классалда цIалулеб мехалда ниж тIамуна хIорихъа росулъе лъим бачине – ракъдалаб сон букIиналъ, школалъул ах лъалъазе лъим щоларого букIун. Амма нижеца лъим баччичIого, расандулаго инабуна заман. Гьеб мехалда учителас хьопоца рухана ниж. Нижер классалда вукIана Гъуниб интернаталда цIаларав, дагьа-макъаб гIурус мацIги лъалев вас. Гьес абуна, Болъихъ райОНОялде рилълъине кколила гьеб бицине. ТIасияб къоялъ, школалдеги инчIого, ана Бо­лъихъе. Дора ратана дирго эменги дов учительги. Болъихъа рокъоре щвезегIан рачана гьез ниж, ра­цIунаго. Рокъобги букIана кIу­дияб тамихI.

Гьедин кьолаан тарбия. Гьелдаса вохаравги вуго дун. Нижее учитель вукIана бакъ гIадинав чи».

 

Малъун чи вахъунаро, бегIерун заз бижуларо

 

Минай ГIумаханова: «Классалда гIодобе бортараб кагъат кодобе босеян абуни, жакъасев цIалдохъанас абула гьелъие тарай гIадан кколин уборщицаян. Улбулги кIанцIула, классалда рацIцIалъи гьабизе гурел, цIализе ритIун ругин школалде лъималин абун.

ГIатIго кьуричIони, бакъварабго бекулин аби буго. Динги тIибитIараб, исламалъги куцазе кколеб заманалда лъималазда лъалеб гьечIо квегIаб квералъ кваназе бегьулареблъи, гIодобе бортараб чадил рекел кодобе босизе кколеблъи. Нижеда малъулаан, чед гIодулин, гIодоб тезе бегьуларин, мунагь букIунин абун. Жакъа щиб бихьулеб бугеб? Чадил цIезарурал рощнол къалалги, гIадлу гьечIеб хьвада-чIвадиги, чIахIиязде данде кIал кьабиги.

Нилъеца, ай эбел-инсуца, рокъоб бицунеб батараб мацI бицуна лъималазги. Гьединго, эбел-инсуца гьабулеб хIалтIи бихьани, гьеб гьабичIого рес щиб лъималазе? Эбелалъ гьабураб гурони, лъималазги гьабуларо. Гьанже улбузги гьабулеб гьечIелъулха щибго. Лъималазе кьелелде цебе гьезул эбел-инсуе кьезе къваригIун буго тарбия».

Раисат БатагIалиева: «Малъун чи вахъунаро. Цо рокъоб хьихьараб кIиго лъимадуе батIи-батIияб малъи букIунаро. Амма цояв гIадилав лъугьуна, цогидас малъго босуларо. Мисалалъе, цояс хIаракат гьабула гъурщида тIаде гъурущги лъун, жиндирго мурадалде щвезе рес. Цогидас, маян кодобе кьураб нусазарго гъурущги хвезабун, жеги кьеян вачIуна. Малъараб босулел лъугьаги лъимал!»

 

Тарбия буго гIадамасул чехьалда бараб

 

Рамазан МухIамадов: «Жакъа лъималаз гьабуларо жидерго рукъалъе къваригIараб жо гурони. Нижер росулъ, мисалалъе, гIакIа ахIула, пуланаб хIалтIи гьабизе кколин, жамагIат бахъаян абун. Гьенире кидаго рачIуна цого чагIи. Тарбия буго гIадамасул чехьалда бараб. ГIорцIарасда вакъарав лъаларо. ЦIакъго гIорцIун вугони, щибгIаги жоялъул ургъелги букIунаро. Дагьабго чехь бакъани, гьелъ кьола тарбия. Ракъи бихьугеги, амма чехь бакъизабуни гурони, тарбия кьун бажаризехъин гьечIо».

ХIабиб Мусаев: «Васас малъараб гьабичIеб мехалъ, «гьев жеги гьитIинго вугин, лъабго сон гурони бачIин» абурабила цо чияс. Лъабго соналъ кватIун вугинха мун гьесие тарбия кьезеян жаваб кьурабила гьесие. Гьарураб къоялдаса нахъего кьезе ккола тарбия лъимадуе. Рокъоб кIиго-лъабго лъимадуе гIадлу гьабун бажаруларел чагIи 30-40 цIалдохъан цеве вугев учителасда гIайиб чIвалеб заман бачIун буго. Кодоб указкагун гIадлу гьабулеб заманалъул лъималазул лъугьана лъикIал гIадамал. Гьанже лъимералда рагIи абуни, полиция ахIула».

Кавсарат Сулейманова