Чирахъул канлъухъе

 

   ХIажимухIамад Жамалудинов гьавуна 1949 соналда, ЧИАССРалъул Ведено районалъул Октябрьское росулъ. 1957 соналда гьезул хъизам гочана ватIаналде.

   ХIажимухIамадил эмен Жамалудин хIалтIулев вукIана БежтIа росулъ. 1959 соналда, 29 сон барав Жамалудин хвана ва БежтIаса цогидал цIалдохъабигун цадахъ ХIажимухIамад витIана Гъуниб школа-интернаталда цIализе. «Дида цадахъ интернаталда рукIана ГIабдулмажидов Султан, Иманов ИбнухIажар, ХIажимухIамадов МухIамад, ГIумалов МухIамад ва гь.ц. Гъуниса тIолабго интернат гочинабуна Бавтугъаялде. Гьеб букIана цоги бакIалда гьечIел шартIалги гIуцIараб, цIалуегун хIухьбахъиялъе ресалги ругеб, берцинго къачIараб интернат. Ниж цIалулел рукIана щуабилеб классалда. Киналго учительзаби рукIана гIурусал, магIишатиял хIалтIухъаби – Гелбахъалдаса. Интернаталъул завуч йикIана цееккун БежтIа росдал школалда хIалтIарай Нина (фамилия ракIалда гьечIо). Гьелъ хасаб хинлъигун тIалаб гьабулаан нижер», — ан ХIажимухIамадица ракIалде щвезабуна лъимерлъи.

 

   Бавтугъаялда анлъабилеб классалда цIалулев вукIаго, ХIажимухIамадил эбел гочана гIагараб росулъе – АзилтIе. Гьевги, эбелалъе кумек букIинин абун, тIадвуссана рокъове ва цIалана Мокъокъ росдал микьгосонилаб школалда. Гьебги лъугIизабун, щуявго классцояв цIализе лъугьана Буйнакскиялда букIараб ГIурус-Дагъистаналъул педучилищеялде. Доб заманалда гьениб букIана лъабго педагогияб училище: ГIурусДагъистаналъул, Руччабазул ва Аваразул. Гьенирги киналго преподавателал рукIана гIурусал. Гьебги лъугIизабун, ХIажимухIамад ана армиялде.

   Армиялдаса тIадвуссарав гьев 1971 соналда витIана АзилтIа росдал байбихьул школалда хIалтIизе. «Школалда вукIана 15 цIалдохъан. Дагьал комплектазул школа – цого кабинеталда рукIунаан ункъабго классалъул цIалдохъаби ва дицаго кьолаан гьезие киназего дарсалги. БукIинчIо ток – цIалдезеги дарсазде хIадурлъизеги кколаан чирахъул канлъухъе. Дица гIемер хIалтIизарулаан карточкаби. КIиабилеб классалъул цIалдохъанас ахIулаан, жинца тIадкъай тIубазабунилан ва гьесухъе кьолаан хасаб тIадкъай бугеб цебеккунго хIадурараб карточка. Гьебго къагIидаялда кьолаан цогидазухъеги.

   Цо нухалда, дарсги лъугIун, кабинеталъуса къватIиве вахъунаго, нуцIил кIалтIа чIун ратана ЦIунтIа РОНОялъул нухмалъулев Жамал Гьиматовги, райметодкабинеталъул нухмалъулев ХIасан Сулеймановги. Гьел рукIун руго районалъул школазда халгьабизе рачIун. Дарсил заманалда дица щиб гьабулеб бугеб, дарсидаса къватIиве дун кида вахъуневан абун, балагьун чIун рукIун руго гьел. Гьединго рачIана цоги нухалда. Гьезда бихьана дун ракIбацIцIадго хIалтIулевлъи ва, хIалтIул хIасилалги рихьун, гьез дун ккезавуна районалъул школазул халгьабулеб комиссиялда гъорлъе», — ян бицана ХIажимухIамадица ва тIаде жубана ХIасанидаса щванила жиндие махщалил рахъалъ пайдаял дарсалин абун.

   Райкомалдасаги райОНОялдасаги школазда хадуб букIана гьоркьоса къотIулареб халкквей – дарсал кьеялъулги, цIалдохъабазул лъаялъул даражаялъулги, хIалтIухъабазул хьвада-чIвадиялъулги рахъаз. Гьединал халкквеязул хIасилалда, ХIажимухIамадил бажари-гьунарги бихьун, гьев тIамуна Мокъокъ росдал микьгосонилаб школалъул завучгIуцIарухъанлъун. Гьеб хъулухъалда вукIана 15 соналъ. Хадувккун хIалтIана Цебари росдал школалда завучлъун. Доб заманалда райкомалъ хIисабалде росулаан нухмалъиялъул хъулухъалде тIамизе мустахIикъал хIалтIухъаби. Гьезда тIадаб букIана партиялъ ритIараб бакIалда хIалтIизе ине. Гьедин номенклатураялъул сияхIалде ккана ХIажимухIамадги. Иргадулаб нухалда гьев витIана Рекьоб росдал школалъул директорлъун хIалтIизе. «Шаури, АзилтIа, Хъетохъ, ХIинохъ, Цехокъ росабазул лъимал хьвадулаан Мокъокъ росдал школалде – щуго километралъул манзилалда гIаздакьги цIадакьги сухъмахънухдасан рачIун. ГIемерал лъимал цадахъго унтулаан ва больницабазде кколаан. Гьенирего хIалтIизе хьвадулаан Шауриса учительзабиги. Дида ракIалде ккана Шаурибго школа рагьизе», — ян бицана ХI. Жамалудиновас.

   Гьев ана доб заманалда лъай кьеялъул министрлъун вукIарав Бадави ХIажиевасухъе. БичIчIизабуна бугеб ахIвалхIал ва гьес рагIи кьуна кумек гьабизе. Шаури букIана байбихьул школа. ХIажимухIамадица, министерствоялъул тIалабалда рекъон, гьабуна 1-10 классазде рачине кколел лъималазул сияхI, ракIарана цIалдохъаби унтун рукIиналъул хIакъалъулъ справкаби, Шаури росулъ учительзаби ругеблъи тасдикъ гьабулел документал, школа рагьиялъе санагIатаб мина букIиналъул хIакъалъулъ кагътал. Гьел баяналги ракIарун, хитIабал ритIана Дагъистаналъул Министерзабазул советалдеги Лъай кьеялъул министерствоялдеги. Гьеб букIана 1987 сон. Школа рагьана росдал тукен букIараб бакIалда. Росулъ вукIана 7080 цIалдохъан. Гьабизе ккана районалъул исполкомалъул хIукму – школа рагьиялде дандечIарав чи гьечIин абураб. Райисполкомалъги рахъккуна ХIажимухIамадил хIаракаталъул ва хIукму гьабуна Шаури росулъ микьгосонилаб школа рагьизе.

  ХIажимухIамадица ракIалде щвезабуна гьадинаб хIужаги: школалъул печать гьабулаго, гьелда тIад микьгосонилаб школалъул бакIалда хъван батана гьоркьохъеб школаян абун. Школалъул отчетал кьезе райОНОялде щведал гурони лъачIо печаталда гъалатI биччан бугеблъи. Гьебго соналда Шаури росдал школалда микьго класс лъугIизабурал лъимал гьенирго тана ичIабилеб классалдаги цIализе. Январалдаса нахъе микьгосонилалъул бакIалда рагьана гьоркьохъеб школа – ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул ва райисполкомалъул председательлъун вукIарав Иляс Увайсовасул квербакъиялдалъун.

  ЦIи рагьараб школалъе къайиги цIалул тIахьалги ралагьизе ХIажимухIамадие кумек гьабуна Салтанат Мирзабековалъ – Бавтугъаялъул интернаталда гьесие биологиялъул дарсал кьурай учительница гьанже йикIана МахIачхъала шагьаралъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулейлъун. Гьелъ тахшагьаралъул директорзабазда лъазабуна, ЦIунтIаса директорасе бажарараб кумек гьабеян абун.

  ХI. Жамалудиновас 41 соналъ кьолеб буго ЦIунтIа районалъул цIалдохъабазе лъайги тарбияги. Районалъул гIемерисел школазда хIалтIулел руго гьесул рукIарал цIалдохъаби. ГьабсагIаталда ХIажимухIамад хIалтIулев вуго географиялъул учительлъун ва Шаури росдал гьоркьохъеб школалъул завучлъунги. Гьесги хъизаналъги цадахъ гIумру гьабулеб буго 47 соналъ. КIиявго учителас гIезабуна ва лъикIаб лъайгун тарбия кьуна щуго лъимадуе. Гьезул гIемерисез тIаса бищана медицина. КIудияв вас хIалтIулев вуго Майкопалда, рагъулаб госпиталалъул начальниклъун. КIиго яс хIалтIулей йиго медсестралъун. Цоги вас цIалулев вуго рагъулаб медицинаялъул академиялда. Гьесул лъималазул руго щуго васги 14 ясги.

Кавсарат Сулейманова