ТIахьал росизе рес гьечIо

 

   Тахшагьаралъул ва Каспийскиялъул гIемерисел школазда лъабго сменаялда цIалулел руго цIалдохъаби. Умумузул гIарз буго лъабабилеб сменаялъ школалде хьвадулел лъимал къаси сагIат анкьгоялда гурони рокъоре щоларин абураб. Гьединго гIемерисел школазда цIалдохъабазе тIахьал гIолел гьечIо. Цогидазул гIарзал руго цIали байбихьизегIанго класс къачIазеян, техника босизеян, уборщицаялъе ва хъаравуласе харж кьезеян абун гIарац бакIарулеб бугин абунги. Щибаб соналда цого гIарзал, цого захIмалъаби. Щай шагьаразул школазда чIобого букIине кколеб лъай кьей хираго чIолеб? ЧIорого кьезе кколел тIахьал щай щибаб соналъ эбел-инсул гIарцухъ росизе кколел?

Ватсапалдасанги цогидал социалиял гьиназдасанги нижехъе хъван бачIуна, газеталдасан бегьуларищин гьеб суал борхизейилан абун.

  Маржанат, лъабго цIалдохъанасул эбел, Гъизилюрт шагьар: «БитIахъе бетIер гьорозабун бугин абизе бегьила школалде лъимал ритIаралдаса нахъе, гьезие хIажалъулеб жоялъул бицун. Школалде анкьица хьваданиги, жеги цогIаги тIехь кьечIо ункъабилеб классалда цIалулей ясалъе. Исана лъикIаб ремонт гьабун буго школалда, амма нижер классалда я партаби лъун гьечIо, я тIахьал кьечIо. ТIахьал киназего гIезе гьечIин, нужецаго гIамал гьабеян абуна учительницаялъги. ТIоцебесеб классалдаса 11-абилелде щвезегIан, шкаф, телевизор, компьютер, принтер, тIамач, щакъи, хIатта занавескабицин росизе гIарац бакIарула эбел-инсухъа».

  Сиядат, ункъо лъимадул эбел, ГIахьвахъ район: «Исана нижерги цо классалда цIалулезул къадар цIикIкIиндал, бащдаб классалъе камуна тIахьал. Цо-цояз базаралдаса басриял тIахьал росана. Цо талихI буго росабазул школазул, цIалул къайи яги школалъе хIажатаб босизе, шагьаразда гIадин, кIал гьикъун, гIарац бакIаруларо. Ремонталги школалъ гьарула, классалги уборщицабаз рацIцIуна. Выпускной сардал гьаризе гIарацги бакIаруларо, учительзабазе сайгъаталги гьаруларо. Учительзабазулгун кинабгIаги бичIчIунгутIи ккани, районалъул лъай кьеялъул управлениялде гIарзалъги уна. Пачалихъалъ кколеб харжги кьун гурищ тун ругел цIалдохъабазе лъай кьезе учительзаби».

Мадина, кIиго лъимадул эбел, МахIачхъала шагьар: «Дир вас исана анкьабилеб классалда цIалулев вуго. Августалъул ахиралдаго лъазабуна классалъул нухмалъулелъ, исана щивав цIалдохъанасе кIиго-лъабго тIехь камизе бугин. 11 цIалул тIехьалъул бакIалда киназдаго гьоркьор бащад гьарун анкьанкь тIехь бикьана. Гьезда гьоркьоса обществознаниялъул ва тарихалъул дарсида лекциял цIализе ругин абуна ва технологиягун немец мацIалъул дарсазда тIахьал хIажалъиларин тана».

ПатIимат, Каспийск шагьар: «Дир лъимал цIалулел руго Каспийск шагьаралъул школалда, дунгойин абуни, щибаб къоялъ МахIачхъалаялде хьвадула хIалтIуде. Цояй яс школалда кIиабилеб сменаялда цIалулей йиго, цогидай абуни, лъабабилеб сменаялда. Къаси сагIат анкьгоялде бащдаб хIалтIидал лъугIула гьелъул дарсал. ЦIадукьги, гIазукьги, кватIараб гIужалъги яс школалдаса ячIунелъул, гьелда хадур рахъине ккола ниж. КидагIаги нилъер республикаялда цIалдохъабазул къадаралъул хIисабги гьабун, киназего гIурал школал разе ругел? Щибаб соналда цо-цо, кIикIи тIехь босичIого тIубаларо. ЦохIо биологиялъул тIехьалъухъ 950 гъурущ абуна исана. Гьелде тIадеги щибаб предметалъе хIалтIулал, хал гьабиялъулал ва цогидал тетрадалги росизе кколел руго. Пачалихъалъулаб хIалтIуда ругел гIадатиял гIадамаз кин харж гIезабилеб?»

Школалда камурал тIахьал росизе ругищан цIехон ниж кIалъана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялде. Министерствоялъул специалисталъ (цIар хъвазе бокьичIо) бицана цIалул сон байбихьаралдаса нахъе, щибаб къоялъ, азаргогIанасеб нухалъ ахIун бачIунила жидехъе республикаялдасаго школлъималазул эбел-инсуца. Щивасда бичIчIизабизе кколеб бугила щай школазда цIалул тIахьал гIолел гьечIелали:

«ХIукуматалъ лъазабуна исана тIахьал росизе гIураб гIарац гьечIин бюджеталдаян. Гьединлъидал, щибаб школалъ жидецаго ресал ратизе кколел руго. Нужерго школазул директорзабазухъе а, нужее рес, санагIалъи гьабеянги абун. ЦокIиго тIехь камуразеги бегьула ресал ратизе, ксерокопиял гьаризе бегьула, яги электрониял тIахьал рехизе бегьула телефоназде яги компьютеразде. Цо яги кIиго тIехь камурал лъималазе рес батизе бегьула. Гъоркьисаги кьерцисаги росун рукIана киналго школазе тIахьал. Гьел кирегIаги инчIого школазда рукIине ккола.

— Рес буго росабалъа яги цогидал шагьараздаса хъизамалги гочун рачIун, цо-цо классазда цIалулезул къадар цIикIкIине. Цо классалде бищунго цIикIкIун ункъо-щуго цIалдохъан вачIинеги рес буго, амма кинго рес гьечIо цо цIалдохъанасе щуго-анлъго тIехь камизе. Школазда букIине ккола гъоркьисаго росарал тIахьазул нахърател. Директорасда тIадаб буго гьеб суал тIубазе. Школаздаса кьурал гIарзазда рекъон, щибаб соналда нижеца росула цIиял тIахьал. ГIицIго исана хутIана тIахьал росичIого.

ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр ЯхIя Бучаевас республикаялъул СМИязе кьураб баяналда рекъон, исана нилъер регионалъул школал 80 проценталъ гурони тIахьаздалъун хьезарун гьечIо. Киназего гIолеб къадаралда тIахьал росизе гIоло федералияб централда кумек гьаризе кколеб буго.

 Патiимат Султiанмухiамадова