Лъаялъул къебелъухъ къалъун буго нур

 

КIиго миллиард гъурщил къуват, цIиял ясли-ахал ва школалъул минабахъ рещтIараб цIилъи

 

   Хириял «ХIакъикъат» газеталъул гIисинал гьудулзаби, васалги ясалги. Гьале ахиралде щвана нужер каникулал, къо-лъикI гьабизе хIадурлъулеб буго рииги. ТIаде щвана цIияб цIалул сон. ТIоцебесб сентябралъ нужее нуцIби рагьана гIагараб школалъ. Чангиял ана гьанжего гьанже бан бахъараб цIияб школалде, гьединго цIигьарун къачIалел руго цере рукIаралги. Рииялда жаниб гьеб рахъалъ гIемераб хIалтIи гьабизе квербакъанин жидецаян лъазабуна хIукуматалъги. Рана чанги цIиял школал, гIемерисел басралъун рукIарал школазда гьабуна капиталияб ремонт. 21 цIияб школалъ рагьана жиндирго нуцIа 1 сентябралда. Жакъа нижеда ракIалде ккана гьеб киналъулго хIакъалъулъ гIатIидго бицине.

 

 

Лъабго мухъалде щвечIо капремонталъул гъурщал

 ЦIияб цIалул соналде капиталияб ремонт гьабун къачIана 191 школа (210 мина). Гьелъие хIукуматалъ биччан буго кIиго миллиард гъурущ. Исана гурони гьедигIан гIемераб гIарацги, кIудияб даражаялда къачIалел школалги дида лъай бижаралдаса нахъе рукIинчIо. Киса-кибего бицунеб буго гьелъул. Школазда капиталияб ремонт гьабиялъул хIалтIи кин унебали гьарулел руго халгьабиял, зама-заманалдаса гьеб суал гьоркьоб лъун, хIукуматалда тIоритIарал данделъабазул бицинего бицинарин.

    ТIоцебесеб сентябралда разиго лъимал къабул гьаруледухъ, кIуни гIадин къачIан чIезарун ругин школал абун бицана «ХIакъикъаталъе» ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялда капиталияб ремонталъул суалазул рахъалъ хас гьабун рагьараб управлениялъул нухмалъулей Сурайгьат ХIайдарбековалъ.

 

— Исана гьеб программаялде гъорлъе журана цохIо шагьаралъул гурелги мугIрузул районазда ругел школалги. ЦIакъ кIудияб хIасил ккана 2022 соналъул т1оцебесеб сентябралде капиталияб ремонталъул программаялда рекъон гьабураб хIалтIул. ГIаммаб къагIидаялъ бицани, исана капиталияб ремонт гьабуна шагьаралда ругел школазул 24 проценталъе ва росулъ ругезул 86 проценталъе.

  Амма кигIан гIемераб хIалтIи гьабуниги, жеги гьабизе бугеб гIемер буго. Исана гIадин кIудияб даражаялда цIалул минабахъ капиталияб ремонт жеги гьабун букIинчIо нилъер республикаялда. Гьединлъидал цIакъ гIемерал школал руго басралъун, чIунтун, хIатта цо-цоял риххун иналде ккун. ГIемерисел гьединал школазул минаби руго магIарухъ. 50-60-70-абилел соназдаго рарал гьезул чангоял руго гьанже заманалъул шартIазда данде кколарел. Гьединлъидал гьезие цIакъго хIажат буго жакъа капиталияб ремонт. Бичас биччани, 2023 соналде жеги 201 школа къачIазе хIисабалде босун буго. Гьединго гьанжеялдаго нижеца къабул гьарулел руго, 2024-25-абилел соназде школал капиталияб ремонт гьабун къачIазе ккеялда т1асан цо-цо муниципалитетаз ритIун рачIарал гIарзаби, — ян бицана Сурайгьат ХIайдарбековалъ.

 

— Исана гьеб программаялде гъорлъе журана цохIо шагьаралъул гурелги мугIрузул районазда ругел школалги. ЦIакъ кIудияб хIасил ккана 2022 соналъул т1оцебесеб сентябралде капиталияб ремонталъул программаялда рекъон гьабураб хIалтIул. ГIаммаб къагIидаялъ бицани, исана капиталияб ремонт гьабуна шагьаралда ругел школазул 24 проценталъе ва росулъ ругезул 86 проценталъе.

Амма кигIан гIемераб хIалтIи гьабуниги, жеги гьабизе бугеб гIемер буго. Исана гIадин кIудияб даражаялда цIалул минабахъ капиталияб ремонт жеги гьабун букIинчIо нилъер республикаялда. Гьединлъидал цIакъ гIемерал школал руго басралъун, чIунтун, хIатта цо-цоял риххун иналде ккун. ГIемерисел гьединал школазул минаби руго магIарухъ. 50-60-70-абилел соназдаго рарал гьезул чангоял руго гьанже заманалъул шартIазда данде кколарел. Гьединлъидал гьезие цIакъго хIажат буго жакъа капиталияб ремонт. Бичас биччани, 2023 соналде жеги 201 школа къачIазе хIисабалде босун буго. Гьединго гьанжеялдаго нижеца къабул гьарулел руго, 2024-25-абилел соназде школал капиталияб ремонт гьабун къачIазе ккеялда т1асан цо-цо муниципалитетаз ритIун рачIарал гIарзаби, — ян бицана Сурайгьат Х1айдрабековалъ.

 

Цо-цоязе бадирчIваял щваниги…

 

Мисалалъе, МахIачхъалаялда исана капиталияб ремонт гьабун къачIалеб букIана 21 школа. Амма гьезул цо-цоязда гьабулеб хIалтIи тIаса-масаго унеб букIиналъ, республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдасан бадирчIваял щвана гьел школазул нухмалъулезе. ГIадилалъул тIил МахIачхъалаялъул мэр Салман Дадаевасдаги щвана. Амма цохIо МахIачхъалаялда гьабизе кколеб хIалтIиги гIемераб букIун, жалго школалги чIахIиял рукIиналъ ккана гьел гIунгутIаби. Жакъаги жеги рагIалде рахъун гьечIо тахшагьаралъул №№ 39, 6 ва 28 гимназиялда гьарулел хIалтIаби. Амма сундухъго балагьичIого, т1оцебесеб сентябралда шагьаралъул киналго школазго г1адин, гьезги лъимал къабул гьаризе руго. Ва к1иго анкьил болжалалда жаниб лъугIизаризе ракIалда буго т1аде росарал х1алт1аби.   

ТIадехун абухъе, цохIо лъабго районалда хутIун, капиталияб ремонт гьабуна мугIрузул районазда ругел гIемерисел школазеги. Мисалалъе, Шамил районалда федералияб программаялда рекъон, къач1ана анкьго школа. Жакъа къоялде цохIо Гьоор росулъ хутIун, киналго цIалул минабахъ хIалтIи лъугIунги буго. Подрядчикасул тIаса-масагояб бербалагьиялъ хутIун буго Гьоор росулъ хIалтIи хадуб бехъерхъун.

 

Гьоориб капремонт рекъдилеб хутIаниги, цогидазул хIаракат гIадада ккечIо

 

   ЦIакъ кIудияб кумек кканин капиталияб ремонталъул федералияб программаялде гьоркьобе районалъул анкьго школа ккеялдасайилан разиго буго Шамил районалъул нухмалъи. Хасго гIисинал, дагьал цIалдохъаби гурони гьечIел байбихьул школазе лъикIаб кверчIвай щвана гьениб исана. Къадаздаса байбихьун, тIохал хисун, жанисан школалъул минаялъе капиталияб ремонт гьабун цIилъана Хьонохъ, ХIорода, ГеницIороб ва Лъезда росабазул байбихьул школал.

   Гьеб программаялда гъорлъ гIахьаллъана лъабго гьоркьохъеб школаги. ХIотода росдал  школалда цIигьабуна школалъул мина, хисана нуцIби, гордал. Цо миллионгун 572 азарго гъурущ биччан букIана гьеб школа къач1аялъе. Гьединго исана  цIилъун бачIана МачIада росдал  гьоркьохъеб школаги. 10 миллионгун 361 азарго гъурущги харж гьабун, школалда хисана нуцIби, берцин гьаруна къадал, хисана ч1абар, мокърукь бакIал хинлъи кколедухъ щула гьаруна, хисана токалъул кварал, ч1езабуна хинлъи. Киналго хIалтIабиги лъугIун, цIияб цIалул соналде школа хIадурго бугин баян кьуна газеталъе МачIада росдал школалъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас.

  Амма гIицIго капиталияб ремонталда къокълъичIо исана цIияб цIалул соналде гьабулеб хIалтIи. 17 ясли-ахги ункъо цIияб школаги рагьана 1 сентябралда республикаялъул батIи-батIиял районазда. Казбек районалъул Буртунай росулъа бахъараб, Хайдакъ ва Табасаран районазде гIунтIун, гьелъул география кIудияб буго. Гъоркьиса букIараб тарихалде дандеккун, анлъго цIияб бакI тIаде бана исана.

   Гьедин дандчIвай гьабуна республикаялъ цIияб цIалул соналде. ТIоцебесеб сентябралъ цIакъ аваданго букIана шагьаразул къватIахъ. Кодор кьер-кьерал шаралгун, чIухIараб, берцинаб ретIел-хьитгун, къачIа-кIатIан, мугъалда портфельги бан, радалго школазул азбаразде къокъунел лъималаз берцин гьабун букIана республикаго. Исана тIоцебесеб классалде бачана 55 азарго лъимер. ГIаммаб къагIидаялъ абуни, школаз къабул гьавуна  453 азарго гIолилав. Гьезда бахиллъула дун жакъа. Щайин абуни, лъикIал, аваданал сонал руго гьел. Лъай босулеб, гIумру лъазабулеб ригь. МугIалимасул къиматал дарсал, дарсиде мун ахIулеб цIурмил гьаракь. Пушкинил, Лермонтовасул хIикматаб дунял, Архимедил гIелмуялъул ицц. Сундулго авал – школа. Гьелъул къадаз бахчун буго гIемераб балъголъи.

  ХIакъикъаталдаги талихIаб г1уж буго школалде хьвадулеб заман. Гьениса инчIого гьелъул маг1на бичIчIизеги бич1ч1уларо. Гьединлъидал, къимат гьабе.

Баракатаб батаги цIияб цIалул сон! Икъбал битIаги ва щуйилал гIемерлъаги!

Ашахан Юсупов