Бищун лъикIав учитель

 

 

Гьал къоязда Дагъистаналъул бищун лъикIал педагогазе кьуна шапакъа­тал. Гьеб тадбир тIобитIана ГIурус театралда. Гьенире ахIун рукIана «ЛъагIалил учитель – 2022» абураб тIолгороссиялъул конкурсалъул республикаялъулаб бутIаялда бергьарал ва призераллъун рахъарал учительзаби.

Исана конкурсалда гIахьаллъана 545 учитель. Регионалияб бутIаялда бергьенлъи щвана 55 чиясе. Гьезда гьоркьоса республикаялъулаб бутIаялда тIаса вищана щуго финалистги номинациязда чIел босарал учительзабиги.

 Дагъистаналъул бищун лъикIай учительлъун яхъана Каспийскиялъул №14 гIемеррахъазулаб лицеялъул гIурус мацIалъул учительница Олеся Петрова; призераллъун – Фатима МухIамадова (химик-биолог, Гъаякент район), Асият Кабукаева (ИЗО, МахIачхъала), Рашия ГIусманова (ингилис мацI, Буйнакск) ва ШугIайнат ХаштIихова (ингилис мацI, МахIачхъала).

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул

министерствоялъул пресс-хъулухъ