«Нижер хIалтIи кабинеталдаса гуреб, школалъул азбаралъусан байбихьула»

 

 

Чакарил гимназиялде уней йикIарай дун, ячун кIиабилеб школалде цее щвезаюна маршруткаялъ. БитIараб бицани, гьеб къоялъ гурони лъачIо Ленинкенталда школа кIиго букIин. Кинха лъазеги лъалеб, цо рахъалъ, МахIачхъалаялда тIоритIулелщинал тадбиразулъ «Ленинкенталъул 35-абилеб гимназия» абун, кидаго цого школа рехсолеб рагIулеб мехалда.

 

 

Толстикова асир гьаюрал лъимал

 

   ПалхIасил, ахир-къадги тIаде ккана 35-абилеб гимназиялде. Шагьар кинигин кIодолъараб, минаби разе бакIал хиралъараб Ленинкенталда гьабгунияб чIобогояб ракь киндай школалъухъ хутIарабилан ракIалдеги ккана, балагьун бер щолареб гьелъул азбар бихьидал. Гьеб пикруялдаса дун юссинаюна балеб гIазу букIаниги, школалда жанире жал ахIизегIан, линейкаялда гIадин, рагьтIа рахъун чIун ратарал лъималаз. Релъа-рохун цоцазда кIалъай гурони, тIасан ккараб гIамалги халлъулеб букIинчIо гьезулъ. Хоралъ «йорчIамиги» кьун, дун жание йиччана гьез.

«Чанго соналъ цее нижехъе щун йикIана республикаялъул хIукуматалъул вице-премьерлъунги лъай кьеялъул министрлъунги хIалтIарай Екатерина Толстикова. Цебеккун лъиданиги цIарги бахъичIого, тохлъукьего ячIун, школалъул рагьтIе щварай гьелъие «йорчIамиги» кьун, мун киса щи­йин, кумек хIажат бугищилан хъваш-баш гьабизе лъугьун ругоха нижер цIалдохъаби. Вай, жиндие гьез гьабураб асарилан бицунаан гьелъ йохуца холаго хаду-хадубги. Гьединлъидал РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева МахIачхъалаялде ячIиндал, жинда лъалин мун кинаб школалде ячине кколеянги абун, нижехъе гьейги ячун ячIана Екатерина Толстикова», — ян бицана дида дандчIвазе ячIарай мугIалим Мадина МухIамадовалъ.

Ольга Васильевалъ гьезухъе гьабураб сапаралъул бицунеб тIубараб стендги бугоан жанахIалъуб бан. Гьелъулго гIадин, цогидал гьалбадерилги, республикаялъул нухмалъулезулгун ва интересал гIадамазулгун цадахъ чIун рахъарал гьезул цIалдохъабазул сураталги ругоан.      

 

Чияр школазе —щуго директорги лъабго завучги

 

    Дир мурад букIана гIезегIан соназ цебе гьениб рагьараб социалиябгун психологияб хъулухъалъул хIакъалъулъ хъвай. Амма гьелда цебе школалдаса гIебеде цо гьитIинабго экскурсия гьабизеги ракIалде ккана. Республикаялдаго цIар рагIараб Ленинкенталъул гимназиялъул директоралъул кабинет бихьизе гъира букIана дир. Цогидал нухмалъулезулго гIадаб, чIухIа-къулараб къайи-цIаялъул цIураб, гIатIидаб бакI цебе чIезабунги букIана. «Лъаларо, лъаларо, лъикIищ гьеб, квешищали», амма гьеб батана кIиго столги цоцада тункизабун лъураб, школалъе щварал кубоказулгун тIахьазул ва суратазул цIураб чIедерабго рукъ. Гьединабго гIадатлъи халлъана жийго Чакар Мажидовалъулъги.

БитIараб бицани, бокьун букIана ТIукитIаса бахъараб Ленинкенталде щвезегIан Чакар Мажидовалъул гIумрудул нух бихьизабураб интервью гьабизе. ЦIалдохъаби гурелги, махщелчагIиги – цогидал школазе щуго директорги лъабго завучги – куцанин гьелъилан бицана цадахъ йикIарай Мадина МухIамадовалъги.

Амма щиб-щибниги къваригIелалъ аскIоре рачIунел учительзабазниги цIалдохъабазниги сверун ккурай гьелъул эркенго гара-чIваризе заман гьечIолъиги бичIчIун, дица нух босана цогидаб рахъалдехун. ЖанахIалъусан кьер гьабун рачIунел гIисинал классазул цIалдохъабазда цадахъ цин щвана школалъул музеялде, хадуй библиотекаялде.

Интернеталъ нахъе цулел ругин ракIалде кканиги, ахираб заманалда тIахьаздехун лъималазулъ цIидасан рокьи бижизе лъугьун бугин бицана библиотекарал Марият Эфендиевалъги Асият Набиевалъги. Купринил, Гоголил, Тургеневасул, Достоевскиясул («Братья Карамазовы», «Идиот»), гIурус мацIалде руссинарурал Муса МухIамадовасул, МухIамад Хуршиловасул (хасго «Сулак – свидетель») асарал рокьулел ругила гьезие.

Школалда лъарагIазулаздаса цIикIкIун руго магIарул лъимал. Гьединлъидал библиотекаялдаса гIемер росулел руго магIарул адабияталъул тIахьалги.

 

Берда бихьичIониги, кумек кIудияб хIалтIи

 

     Гьенисан дун къокъана цебехун бицен гьабураб социалиябгун психологияб хъулухъалъул (СПС) кабинеталде. Гьелъие нухмалъи гьабулеб бугоан дие экскурсия гьабулей йикIарай Гьоориса Мадина МухIамадовалъ.

ГIатIидабго кабинеталъур гIодор чIун рукIана ункъоял – Мадина МухIамадоваги, гьелъулго цIар гIахьал – Ругъжаса Мадина МухIамадоваги, ТIадмагъилъа Салтанат Ашибоваги, ТIукитIаса ПатIина Сулеймановаги (Чакар Мажидовалъул ясалъул яс). Бихьулеб букIана гьел киналго цоцалъ гIамал рекъарал, пикру цадахъал ясал рукIин. 

Гьеб кабинеталда хIалтIизе учительзаби тIаса рищизеги Чакар Мажидовалъ жий жийго йиччан йикIанин бицана Гьоориса Мадина МухIамадовалъ. Гьезул ункъазулго руго цадахъго рачунел цогидал предметалги. Гьоориса Мадина МухIамадова ккола гIурус мацIалъулгун адабияталъул учительница. Ругъжаса Мадина МухIамадова – ингилис мацIалъул, Салтанат Ашибова – авар мацIалъул, ПатIина Сулейманова – тарихалъул учительница. 

    Хас гьабун социологиялда яги психологиялда тIасан гьез кьолел дарсал гьечIо школалда. Амма гьеб хъулухъалъ квербакъула цIалдохъабазда жидедагоги учительзабаздаги гьоркьоб ахIвал-хIал роцIинабизе. Масала, рокъоб дагьабниги къварилъи бугев учителас гьеб ццим жиндирго цIалдохъанасда бецIизе рес буго. Гьединлъидал СПСалъул вакилзабаз батIаго рачун хабар бицуна гьединал мугIалимзабазулгун. Гьединго цIалдохъабазулгунги гьабула бичIчIи кьеялъул хIалтIи.

   «ГьабсагIаталда нижер гьанир гурелги, тIолабго улкаялдаго гIемерлъун руго риххарал хъизамаздаса лъимал. Бищунго хIинкъи бугеб группаялда гъорлъе уна гьел. РатIалъун, дагIба-рагIиялда ругел эбел-инсуца тIалаб гьабуларо лъимералъул рекIелъ щиб къварилъи бугебали. Гьединал цIалдохъабазде кутакалда кIвар кьола нижеца. Рокъоб эбел-инсуда бицине нечараб яги бокьичIеб жо нижеда бицине рачIуна лъимал.

   Гьадабго хIинкъи цIикIкIараб группаялда гъорлъе хъвазе бегьула отличникалги. Щайин абуни, цIалудехун бергьун кIудияб кIвар кьолел гьезул ракIал лъукъизе рес буго цодагьабниги гьитIинаб хIужаялъгицин. Гьединго гIемер лъай тIалаб гьабизе лъугьиналъ гьезул сахлъиялъе зарал ккезеги бегьула. Цо гьединай цIалдохъанги ячун, гьелъул эбел ячIун йикIана нижехъе. Рокъоре кьурал киналго дарсал рагIа-ракьанде щун, агъазул хIубалъе инегIан лъазаричIого, гIодойиччалареб, кьижулареб гIамал лъугьун бугила гьелъул. ХIисаб гьабидал, нижеда бичIчIана, цо рахъалъ, гьелъие гIайибияйлъун гьей ясалъул эбелги кколейлъи. Школалде ячараб къоялдаса нахъе гьелъ ясалда бичIчIизабун буго щуйил гурони къимат босизе бегьуларилан. Гьединлъидал гьединал лъималазе кутакаб стресс ккола ункъил щванигицин.   

Берда бихьичIониги, кIудияб кумек буго гьаб хъулухъалъул (СПС). Жий директор йигилан батIа кIанцIун чIечIого, мех-мехалъ Чакар Мажидовагицин ячIуна нижехъе малъа-хъваязда, гIакълуялда хадуй», — илан бицана Мадина МухIамадовалъ.

    Салтанат Ашибовалъ бицухъе, МахIачхъалаялда дандеккун, минабиги ракьги учуз букIиналъ, гьабсагIаталда Ленинкенталда руго аслияб куцалда росабалъа гочарал гIадамал. Гьезул гIемерисел ккола гьоркьохъеб яшавалъул, амма рос-лъади ратIалъарал хъизамал (кьолболъанго Ленинкенталда ругел гIадамазул яшав батIаго квешаб гьечIо). Гьединлъидал социалиябгун психологияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз зама-заманалдасан гьарулел руго рес гьечIел гIадал хъизамаздаса лъималазе сайгъатал. Яги жидецаго, учительзабаз, гIарацги данде рехун, ялъуни рес бугел хъизамаздаса лъималаз ракIарун, кьола ручкаби-къалмал, тетрадал, альбомал, гьединго бачIуна жидедаго гьитIинлъараб ретIел-хьитгицин. Гьелдаса хадуб гIуцIун сияхIгун, ящикал цIун, гьеб къайи бицен гьабурал лъималазул рокъо-рокъобе щвезабулеб буго учительзабаз. 

   Гьелдаго цадахъ СПСалъул хIалтIухъабаз кIвар кьолеб буго интернеталъ гьабизе бегьулеб заралалдеги. Масала, цIираккарал хIаяздеги аниме-культураялдеги машгъуллъарал лъималазулъ кьерилаздехун, учительзабаздехун, хIатта рокъор ругел жидерго эбел-инсудехунгицин рокьукълъи, ццим бижиялъул хIужаби гIемер кколел ругелъулха гьанже улкаялдаго.

Лъималазе рахIат толарел яги гьадинго лъазе бокьарал жал гьикъизе суалал жанире рехулеб ящикги буго гьениб. Масала, дагьалъ цебе учительзабаз гьоркьоб лъун букIун буго жакъа къоялда берцинлъи сундулъ бугеб (ратIлилъищ, уколал гьарун гьорозабураб куц-мухъалъулъищ?) абун ясаз кьун батараб суал.

«Бищун хIинкъараб ригь буго лъималазул гьеб – балугълъуде рахунеб гIуж. ГIакълуги цIубачIеб, амма жал кутакал чагIиян ракIалдеги кколеб. ЛъикI цIаличIониги церетIолел ругин цо-цо чагIи, телефон гелдезабулел блогеразе щолеб бугин квер цIалтараб гIарацилан чIола гьел зама-заманалдасан. Гьа, гьале бачIана Инстаграм гьукъараб заман. Кире гьанже гъол блогерал унел? Гьединлъидал тIоцебесеб иргаялда цIали букIине кколин бичIчIизабула нижеца лъималазда», — ян бицана Салтанат Ашибовалъ.

Телефоналда жанире руссарал лъималазул бутIрул сверизарулел ругин соцсетазилан тIаде жубана Мадина МухIамадовалъги: «Дунялалъул боцIуда хадур лъугьун жалгоги рукIун, телефоналги кодоре кьун, тун руго эбел-инсуца лъимал. Психика хисизаби гуребги, цIалдезе хIажалъулеб заманги чIвалеб гьечIищ гьел телефоназ. «Фонарикалги» кодоре кьун таниги гIелин абула нижеца гьезул эбел-инсуда. Гьединлъидал школалда телефонал кодор кквезе гьукъула нижеца. Гьукъаниги щибха, рокъоре щведал росулел ругелъул гьез гьел кодоре. Гьединал лъимал тIатинарула нижеца. БатIи-батIиял цIараздасан соцсетазда жанире лъугьун, учительзабаз жидецаго хал гьабула гьенир жанир щал ругелали. Гьединго гьудуллъи ккола лъималазда гьоркьоб рагIи билълъарал гIадал цIалдохъабазулгун. Гьезул кумекалдалъунги лъала нижеда интернеталдаса харбал – нижер цIалдохъаби ругищ гьенир; ратани, кинал къокъабаздаса гIебеде гьел ругелали».

   Гьединаб халкквейги гIадлуги букIиналъ, МахIачхъалаялдаса бахъарал хIалтIизе рачIунел учительзабаз жидерго лъималги гьенире рачун рачIунин бицана цогидай Мадина МухIамадовалъ (Ругъжаса).

 

Директорги кIудияй эбелги

 

    «СПСалъул кабинеталъул хIалтIул хIакъалъулъ бицунаго, гIолохъанал ясал-учительзабаз гIемер рехсолей йикIана Чакар Мажидова.

    «Коллективалда жаниб парахалъи букIин нухмалъулесда бараб буго. ГIагарал чагIаздехун гIадаб цIайиги рокьиги букIуна дир гьал учительзабаздехун. Гьеб ккола Чакар Мажидовалъул хIаракаталъул хIасил. Дуда кколеб батилаха газеталда хъвазе къваригIун, нижерго директоралъе гIададисеб рецц-бакъ гьабулел ругин нижилан. Гуро. Къойилго нижеда цеелъидал гьей йигей. Нижедаго лъачIого, гIисинккун, щивасул рекIелъе нух балагьизеги, хIалтIудехун гъира базабизеги, ниж битIараб нухде тIоритIизеги гьунар буго гьелъул.

   Гьале гьай Салтанат хIалтIизе лъугьараб заман букIана. Азбаралъуй данде ккарай Чакар Мажидовалъ гьелда абун буго, Салтанат, дур хIалтIи СПСалъул кабинеталдасан гуребха, гьале гьаб школалъул азбаралъусан байбихьулилан. БитIарабги гьечIищха? Гьелдаса нахъе жинца кидаго хал гьабулин нухда-къватIисан унел, расандулел, яги рахъун чIаралгицин лъималазулилан абула Салтанатица. Гьебги кколелъул социологияги психологияги. 

     Дун гьаб школалде ячIун кьолеб тIоцебесеб дарсихъ гIенеккизе ячIун йикIана Чакар Мажидова. Киндай дихъа гьеб лъугьина, директоралъ щибдай абилаян, хIинкъуца холей дунги йикIана. Аммаха! Дарс лъугIун хадуй дун гьелъ еццараб куц бихьарабани дуда! Вайила, жиндие щварай къанагIатаб гьунаралъул учительницайила, мугъзада нахъаги ругила гьелъул бералги гIундулги. Гьелдаса хадуй йоржине къачIан дунги хутIана. Божизеги божана дирго гьунаралда. Цинги ракIалде ккана Чакар Мажидовалъ гъоб къоялъ дир рахъалъ абурал рагIаби ритIухъ гьаризе кколин дица кидаго, гьелдаса гIодобегIанаб даражаялде ккезе чIезеги бегьуларин дун киданиги. Гьанжего-гьанже хIалтIизе лъугьарав бокьарав учителасулъ, вуцIун-куцан, пагьму-гьунар тIатинабизе бажарула гьелъухъа», — абун бицана Мадина МухIамадовалъ (Гьоориса).  

Гъоб къоялъ директоралъ жинде гьабураб божилъи ритIухъ гьабунин Мадина МухIамадовалъ абун бицана Салтанат Ашибовалъ: «Мадина ХIажиевнаялъул 25 выпускникас гъоркьисала ОГЭги ЕГЭги кьуна, цониги лъабил къимат гьечIого, ункъил-щуйилазда. Гьеб рикIкIуна кутакалда тIадегIанаб хIасиллъун»,  — ан.

   Чакар Мажидова гьел ясал-учительницабазе директор йигониги, ПатIинае кIудияй эбел ккола.

   «ГьитIинаб мехалда дида гьей рокъой къанагIат гурони йихьулароан. Аслияб заман хIалтIуда унаан гьелъул. Рокъой гьей дагьай батIияй йикIуна – масала, нижеде эбел семизе лъугьани, яхъун нижер рахъги ккун чIолаан, гIелбащадай гIадин йикIунаан нижеда, гIисинлъималазда, гъорлъ. Гьанжеги гьединайго йиго», — ян бицана ПатIина Сулеймановалъ.  

 

Зульфия ХIажиева