Ленинкенталъул гимназиялда цо къо

 

  2022 сон Россиялда лъазабун буго «Лъай кьеялъул лъагIеллъун». Гьелда бан улкаялдаго тIоритIулел руго батIи-батIиял тадбирал. Гьелде тIадеги, ахирал соназда пачалихъалъ кIудияб кIвар кьолеб буго гIолеб гIелалъе тарбия кьеялде, хасго патриотизм куцаялде. Гьебин абуни, лъималазулъ бессизабула аслияб къагIидаялда хъизамалда ва лъай кьеялъул идараялда. ВатIан бокьулев ва гьелъул тарихалдаса чIухIулев инсан куцан бажаруларо, гьесул рекIелъги чорхолъги рахьдал мацIалде рокьи бижизабичIони. Щайгурелъул рахьдал мацIалъул ресаздаса пайда босани, гIемерго бигьалъула цереккун рехсарал масъалаби тIуразаризе.

  Гьеб кинабго хIисабалдеги босун, дагьал церегIан къоязда нижеца, ай газеталъул хIалтIухъабаз, сапар бухьун букIана Ленинкенталъул №35 гимназиялде. Хас гьабун гьеб гимназия тIаса бищиялъе цоги гIилла букIана гьениб рахьдал мацIаздеги, тарихалдеги, адабиятгун маданияталдеги, гIадат-гIамалаздеги кьолеб кIвар тIадегIанаб даражаялда букIин. Гьеб киналъулго бетIерлъуда, нухмалъуда йиго бажариги лъайги бугей, миллаталъухъги ватIаналъухъги ракI унтарай Чакар Мажидова. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, нижеца хIукму гьабуна тIубараб гьаб газетаго №35 гимназиялъе, гьелъул коллективалъе ва цIалдохъабазе сайгъат гьабизе. Гьениб гьабулеб хIалтIул киналго рахъазул хIакъалъулъ гIатIидго бициналъул мурадги буго магIарул районазда ругел лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулездаги учительзабаздаги хIалтIи гIуцIиялъул мисал бихьизаби.

 

Гимназиялъул бечелъи

 

    Гимназиялъул тIоцебесеб тIа­ла­ялда, жанире щварабго бер ре­чIчIулеб бакIалда рагьун буго бечедаб музей. Гьениб умумузул тIагIел-алаталъул камураб жо дида батичIо. ЦIар-цIарккун гьаниб рехселаро, бихьизе бокьарал чагIи ине бегьула гимназиялде. Амма цохIо музей гуро гьениб Чакар Мажидовнаялъул хIаракаталдалъун рагьун бугеб. Ункъо-щугогIаги бу­го гьениб гьеб — ТОКСалъул музей, КIудияб ВатIанияб рагъдаса руссинчIел бахIарзазул хIурматалда рагьараб, гьанжесел бахIарзазул баянал данде ракIарараб ва гь. ц. Бащдаб гимназияго музеялде сверизабун буго. ТIоцеве гьениве щварав чи Москваялъул машгьураб Третьяковасул галереялде ялъуни Петербургалда бугеб Эрмитажалде щварав чи гIадин вукIинилан абуни, мекъи ккеларо. Франциялда бугин рагIана «Лувр» абун дунялалдаго машгьураб музей. Германиялъул Дрезденалдаги рагIула рикIкIен гIемерал суратаз къалъизабураб музей. Музеял гIемерал ратила дунялалда. Амма Ленинкенталда гIадатияй магIарулалъул, мугIалималъул хIара­каталъул цIураб ракIалъ гIадатияб школалда гьабун бугеб музеялъ ниж битIахъе асир гьаруна. Амма музей гуро гьеб гимназиялда аслияб жо — цоял цоялдаса цIакъал классал, мугIалимзаби, цIалдохъаби. Гимназия гурин гьеб, цо хIикматаб цIалул къебелъи бугин ккола. Гьениб киса-кибго буго бечедаб тадбир, гIадлу-низам.

   СваказегIан музеяздаги тирун, гьениб бихьарабщиналъ берги биххизабун рукIарал ниж, гьанже нилъ цIалдохъабазухъе рилълъиниланги абун, цебе батараб цо нуцIа рагьана директоралъ. Щиб дарс гьениб букIарабали пикру гьабизецин регIилалде, магIал гIадин эхетун чIана цIалдохъаби. БитIана цо ясалде квер директоралъ, яхъана гьей тIаде, байбихьана Фазу ГIалиевалъул кечI рикIкIине. РикIкIунеб букIана шавкъалда, дунял-гIаламго жиндихъ балагьун бугеб гIадин. Дида ккана гьеб лахIзаталъ ва нижгун цадахъ гимназиялда Фазу йикIарайани, карандеги къан, гьей ясалъе гьелъ баркала кьелаанин. Фазуе хасиятаб къагIидаялъ, гьелъ хIеренго ясалда чанго рагIи абилаанин. Амма халатккун заманалъ гьей ясалъухъ гIенеккизе пикрабалъе ячIарай Фазуги дунги течIо Чакар Мажидовалъ. Бищун интересаб бакIалде щведал, гьоркьой гьейги къотIизаюн, цоги яс, вас рахъинаруна тIаде. Гьезги рикIкIана кечI. Цояс ХIамзатил Расулил, цогидас ГIабасил МахIамадил, лъабабилес ГIадаллол. Ункъабилесухъги гIенеккизе бокьун букIана нижее. Амма течIо… КъватIире рачана, цогидаб классалде. Гьел ратана 11 классалъул цIалдохъаби. МахIачхъалаялъул тарих лъазабулеб буго гьез. ГIемераб хIалтIи гьабун буго, гIемерал цIех-рехал гьарулел руго. Жидерго хIаракатчилъиялъул бицана гьезул щивас. Амма гьаб нухалдаги тIубан гьезухъ гIенеккизе течIо Чакар Мажидовалъ.

   Цояб кабинеталъуса цогиялде рачун, цIалдохъабазухъ гIенеккун, гьез бицанщиналъ хIайран гьаруна ниж. АнцIго батIиял цIалдохъабазулгун лъай-хъвайги гьабуна.

Ленинкенталъул гимназиялъ чанги цIиял гIадамазул цIарал рагьана гьеб къоялъ. Мисалалъе, лъана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда разведчицалъун йикIарай Разият МухIамадовалъул бахIарчияб къисмат. Гьелъул хIакъалъулъ тIоцебе Ленинкенталъул гимназиялда хIалтIулеб ТОКСалъе бицун буго КIогьориса генерал-лейтенант ГIумар МуртазагIалиевас. Хадуб гьелъул хIакъалъулъ гIатIидаб баян бакIарун буго гимназиялъул цIалдохъабаз.

   — Гьай ккола дир йикIарай цIал­до­хъан, Эльмира Сайпулаевна, — ян иргадулаб классалда жаний ята­рай мугIалималъулгун лъай-хъвай гьабуна нижергун Чакар Мажидовалъ. — Гьай йикIана ТОКСалъул къокъая­лъул тIоцеесей хIаракатчIужу. Гьанже гьелъ гIуцIун буго жиндирго цIал­дохъабазул ТОКСалъул къокъа. Дагьаб цебегIан гьелъ киналго, хIатта депутаталгун хIакимзабицин хIикмалъизаруна «Разведчица Рази­ят» абураб фильмги хIадур гьабун. Разият ккола Хунзахъ районалдаса. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда гьей бахIарчияй ясалъ, жинцаго цохIо, рельсазда тIаса хъущтIизабун, гъара гьабун буго фашистазул чанго поездалъе. Разиятил хIакъалъулъ гIемераб материал бакIарана Элмира Сайпулаевналъул бетIерлъиялда гъоркь. Фильмалъухъ балагьаразда магIу кквезе кIолеб букIинчIо. ГьедигIанги асар гьабулеб кино букIана гьеб, — ан бицана Чакар Мажидовнаялъ.

 

Вацал ХIажиевазул тарихияб лъалкI ва къисматалъул нух

 

    Лъабабилеб тIалаялда буго Эльмира Сайпулаевнаялъ нухмалъи гьабулеб Булач ХIажиевасул цIаралда бугеб музей.

— Гьенире нилъ рахинаро, заман гIеларо гьелъие жакъа. Музеялъул хIакъалъулъ гIатIидго бицине дица рагIи кьолеб буго гьелъие, — ян Эльмира йиччана кIалъазе гимназиялъул нухмалъулелъ.

— ХIакъикъаталдаги гьеб ккола Булач ХIажиевасулги, гьесул вац, машгьурав ралъдахъан, Совет Союзалъул бахIарчи МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб музей, — ин баян гьабуна Эльмираца. — Булач ХIажиевасулги нижер гимназиялъулги гьудуллъи букIана 23 соналъ. ХIикматав инсан вукIана гьев. ГIемер щолаан ниж гьесухъе гьоболлъухъ. Кидаго нижее бицине гIажаибал ракIалдещвеялги ратулаан гьесул.

    Киназдаго гуро лъалеб Булач ХIажиев вацас (МухIамад ХIажие­вас) жиндаго цадахъ гамиде хIал­тIизе вачун вукIараблъи. Булач ХIажиевас гьениб тIубазабулеб букIун буго юнгаясул хъулухъ. Ралъад рекIунеб (морская болезнь) унти букIун, вацас гIемераб яхI бахъун буго Булачилъа гьеб гIузру бачахъизе. Гьев къвакIаравлъун, къо хIехьолевлъун лъугьине тIадчIун гIемерав хIалтIизе тIамун вуго. Кофеялъул яги чаялъул стакан тIад лъураб тепсиги кодоб ккун, къойида жаниб нусго нухалъниги гамида тIад дове-гьаниве вилълъанхъизе тIамулев вукIун вуго МухIамадица гьитIинав вац Булач.

— Дуца щай бицунареб МухIамад ХIажиевасул хIакъалъулъ кино бахъизе къасдгун нилъ гьесухъе щвараб мехалъ, гьев разилъуларого вукIараб куц, — ин абун, гьейги гьоркьой къотIизаюн, нахъеги рагIи босана директоралъ.

   — Нижерго мурад гьесие баян гьабидал, гьеб рекъон гьечIинги абун, гIодове къулун чIана гьев. Гьеб мехалъ дица абуна, Булач Имамудинович, нижер цIалдохъабазухъ гIенеккизе бокьиларищ дуейин абун. Гьезги, иргадал цереги рахъун, бицине байбихьана МухIамад ХIажиевасул бахIарчилъиялъул, гьесул умумузул, живго Булачил хIакъалъулъ.

Гьеб мехалъ: «ИяхI, ияхI, гьазда дидасаги лъикI лъалеб букIун бугогури нижер хъизамалъул тарих», — илан рази-ракилъун вачIана гьев. Амма бищунго цIакъ гьесие асар гьабуна, МухIамад ХIажиевасул цIар кьураб, Мурманскиялда бугеб Гаджиево шагьаралдеги щун, гьелъул гIадамаз, кIудияв вацасул хIакъалъулъ абурал рагIаби дица цIалидал.

   Гаджиево шагьаралъул гIадамазе кутакалда къиматаб буго МухIамад ХIажиевасул цIарги гьес нахъа тараб тарихги. Гьез дида абуна: «Меседил рагIабаз бикIун тана гьес жиндирго цIарги бахIарчилъиги нижер тарихалда», — ян абун. Чанго соналъ цебе, «Золотой Орел» рестораналда букIараб данделъиялда дица гьел рагIаби цIалидал, Булач Имамудиновичасул беразда магIу хулана. Гьединав хIикматав, гIажаибго гIадамалги хирияв инсан вукIана Булач. Гьев ккола республикаялда тIоцебе Халкъияв БахIарчиясул цIар кьурав чиги, — ян бицана Чакар Мажидовнаялъ.

    ЦохIо гьаб макъалаялда жаниб бицун хIебтIулеб бечедаб биографиялъулги къисматалъулги инсан вукIинчIо хIакъикъаталдаги Булач ХIажиев. ТIанчидеги балагьичIого, тIокIкIун тарихалъул хIакъалъулъ бицунев гьесухъ паналъун хутIулаан дун жеги 90-абилел соназдаго. Телевизоралдаса цеве вахъунев гIемер вихьулаан. Бергьараб пагьмуялъул, роцIараб пикруялъул чи вукIанин абулаан гьесул хIакъалъулъ гьев вихьарал, лъалел чагIаз. ХIакъикъаталдаги гьединал чагIаз машгьур гьабуна нилъер республика. Гьеб цоги нухалъ тасдикъ гьабуна Ленинкенталъул гимназиялде гьабураб сапаралъги.

Ленинкенталъул гимназия ккола республикаялъул ТОКСалъул базовияб школалъун. Гьанисан байбихьула киналго ТОКСалъул церехъабазул хIаракат. Гьаниб лъола гьезул хIаракаталъе кьучI.

 

Гимназиялъул «президент»

ва гьесул гIакълучагIи

 

   Гимназиялда буго ТОКСалъул оперативияб штаблъун рикIкIунеб 11 «б» класс. Гьелъул нухмалъулей ккола Алеся МухIамадрасуловна. Гьелъ нухмалъи гьабулеб 11 класс рикIкIуна гимназиялда бищунго цебетIураблъун. ТIаса рищараздасан данде гьарурал гIадин, цоял цоялдаса бажари бугел цIалдохъаби руго жакъа гьеб классалда. Классалъул цевехъан ГIабдулхIамидов Мурид вищун вуго гимназиялъул Президентлъун

ГIатIидго гьеб киналъулго хIа­къа­лъулъ гьадин бицана Алеся Му­хIамадрасуловнаялъ:

— Щуабилеб классалдаго байбихьула гьез ТОКСалъул хIаркат­чилъиялде. 9-б классалда 35 чи ву­кIана гьезул, гьанже 11 классалде 25 чи хутIун вуго. Амма гьел киналго руго кутакалда жигарал, цIакъ кIвар бугел ва бичIчIи бугел гIолилал. Гьез жаваб кьола цохIо гимназиялда бугеб ТОКСалъул къокъаялъул гуребги, гьединго республикаялда бугеб ТОКСалъул хIаракатчагIазул щибаб данделъиялда киназулго рахъалдаса хIисаб кьеялъул кIалъай гьабизеги ккола гьез.

     ЦIалулъги гьез бихьизабула бищунго лъикIаб мисал. Классалдаса ункъо ясги цо васги унел руго меседил медалалде. Гьелда дир щаклъи гьечIо щибниги. ЖамгIияб хIаракатчилъиги цIалиги дандеккунани, классалда цIалул рахъалъ бищун церетIураллъун руго ясал. Амма васалги гьездаса нахъе ккун чIоларо. Дир класс социалиябгун гуманитарияб рахъалъ цебетIураблъун буго. Гьаниб гIатIидго малъула тарих, обществознание ва гьединго кьола хас гьабун инсанасул ихтияразул хIакъалъулъ дарсги. Амма классалда цониги гьечIо тIаса вищун данде гьавурав, гьел киналго дида цере ккаралдаса жалго жидедаго тIадчIун цIалулел руго. Гьелъул хIасилги жакъа киназдаго бихьулеб буго. Дун божула, кинаб ВУЗ гьез тIаса бищаниги, гьел гьенире рорчIизе рукIиналда. Гьелъие гьезул гIураб лъайги бажариги буго, тIабигIаталъ кьураб пагьмуги буго.

Цогояб пачалихъияб экзаменалде (ЕГЭ) хIадурлъулеб дарсида ратана дида гьел гьеб къоялъги. МугIалималъухъа изнуги босун, гьезулгун гара-чIвари гьабуна.

ТIоцебе дица рагIи кьуна гимназиялъул «президент» ГIабдулхIамидов Муридие.

— Президент хIисабалда, сунде дуца бищунго цIикIкIун кIвар кьолеб?

— Бищун цебе дица кIвар кьола дирго кьерилазул пикру спорталде буссинабизе. Жакъа спорталде машгъуллъун вугони, цогидаб къваригIел гьечIеб жоялде вуссине заманцин букIине гьечIо. Гьединлъидал гьеб рахъалде цIикIкIун кIвар кьола. Ниж гIахьаллъула республикаялда тIоритIулел батIи-батиял спортивиял тадбиразда.

Амма гьелдаго цадахъ дица хал ккола гимназиялда къваригIел гьечIеб жо, рагъ-муч, дагIба-рагIи ккунгутIиялда хадубги. Балугълъулеб гIужалъ гьединал жал ккечIого хутIуларелъул, хасго шагьаралда, тIадежоялъе гьадинаб кIудияб гимназиялда гIемер ккола гьединал ракIбакъварал хIужаби. РачIинаго гьел къинаризе хIаракат бахъула дица.

— КумекчагIи щал ругел дур?

— Киналго классцоял, кьерилал — гьел киналго дир кумекчагIи ккола. Гьале гьел дида аскIор руго гIодорчIунилан, гьезде квер битIана Муридица. КумекчагIи гьечIого, узухъда, диеги бигьаго букIинищха гьаб хъулухъ тIубазе.

— Гьаз махсарадего жидедаго гьоркьоб Владимир Владимировичин абулищ дуда?

— Гьедин жеги абичIоха.

— Мунги президентлъидал, улкаялъул политикаялда хадуб хал кколищ, пикру гьабулищ кколеб-толелъул?

— Гьабула, узухъда. Цогидазул гIа­дин, дирги рахIат хвезабун буго Украи­наялда кколел ругел лъугьа-бахъиназ. Рагъ лъиего бокьун гьечIо. Киназего бокьун буго ракълилаб гIумру. ИншаАллагь, лъугIилеб батила кватIичIого гьеб.

Президентасул кумекчагIазул цояв ккола Шамил районалъул Къелеса ГьитIинов СагIид. БацIцIадго магIарул мацIалъ кIалъазе лъалеб бугоан гьесда. Жиндирго хIакъалъулъ гьадин бицана гьес:

— ТIоцебесеб классалдаса нахъе гьаб гимназиялда цIалана дун. Дагьав цевегIан дун восана МахIач­хъа­лаялъул ЧIахIиял классазул цIал­дохъабазул Советалде.

— Щиб хIалтIи гьабулеб нужер Советалъ?

— Ниж гIахьаллъула шагьаралда тIоритIулел батIи-батIиял тадбираз­да. Гьединго тIоритIула флешмобал, дандчIвял. Мисалалъе, гъоркьисала, ДАССРалъ 100 сон тIубаялде, этнофестиваль тIобитIана нижер Советалъ. Гьединго ниж щола рагъул ветераназухъе. Гьезие къваригIараб-тараб цIехола, щибаб байрам гьезда баркула, нижехъа бажарараб кумек гьабула гьезие.

Гьеб Советалде дун ккана дирго мугIалимзабазул тIалабалъ. Гьез диде кIвар кьечIебани, дун лъикIго хIадуричIевани, гьениве восилароан. Дир гIадан лъугьине квербакъараб бакI ккола гимназияги гьелъул мугIалимзабиги. Дида гьеб кIочон теларо, — ян абуна гIолилас.

Гьединал хIаракатал гIолилал руго Ленинкенталъул гимназиялъул 11 «б» классалда.

Гимназиялда цебе буго байбихьул классазул школаги. Лъебергоялдасаги цIикIкIун соналъ гьелъие нухмалъи гьабулеб буго завуч-организатор Валиев ХIажимухIамадица.

ХIажимухIамад гьавуна Шамил районалъул ТIасаколоб росулъ 1947 соналъ. ТIокIлъиялда росулъ микьгосонилаб школаги лъугIизабун, 1964 соналъ Буйнаксиялъул тIоцебесеб педагогияб училищеялда цIалана.

— Лъабабилеб курсалде вахарав чи армиялде ахIана дун. Лъабго соналъ гьениб хъулухъги тIубазабун, цIидасан тIад вуссана училищеялде.

1970 соналъ хIалтIизе лъугьана ХIебда росдал гьоркьохъеб шко­лалъул байбихьул классазул му­гIа­лимлъун. Хадув микьго соналъ хIал­тIана гьенивго военруклъун.

     Ленинкенталъул гимназиялде ракIалдаго гьечIого ккана дун. Дидаго цеве цIаларав васасул классцоязул данделъиялде ахIун вукIана дун. Нахъисеб къоялъ эхеде ине нияталда вукIарав чи, доб мехалъ гимназиялъул вукIарав нухмалъулев, МухIамад Насрулаевас гьарана хIалтIизе гьанив чIайилан. Чакар Мажидовна доб мехалъ йикIана завуч-организаторлъун. Гьелъиеги кумекалъе чи къваригIунилан директорасги гьаридал, чIана. Гьеб букIана 1987 сон. Дида тIадкъана хIадурлъиялъул классалде росулел лъималазул документал къабул гьаризе. Доб мехалъ гьенив вукIана 22 вас ва 12 яс. Гьале 35 сон сверана исана гьеб хъулухъ тIаде босаралдаса.

   Жакъа байбихьул школалда цIалулев вуго 906 чи. Цебе Совхозалъул букIараб минаги къачIан, гьабуна нижеца байбихьул классалъул лъимал цIализе бакI. Гьеб къачIалаго, гIемерав хIалтIизе ккана, хIасил дун пашманлъараб ккечIо. Жакъа эркенго азаргогIанасев чи цIализе гIураб мина буго хIалтIулеб. Гьединго школалда цебе буго кIиго гектаргIанасеб ракь. ТIоцеве дун гьениве хIалтIизе вачIараб мехалъ, росдал боцIи жаниб сверулеб, агъаз гьечIого рехун тараб гIадаб бакI букIана гьеб. Нижеца гьеб сверун къана сеткаги ккун. Узухъда, гьеб ракь жидеего къваригIун, чанги чияс къасд гьабуна гьеб нижехъа бахъизеги. Амма гьезул мурад гIумруялде бахъинчIо, — ян бицана ХIажимухIамад Валиевас.

ЦIакъ хабар гьуинав, гIумру бихьарав, кигIан жиндаса гьитIинав чиясулги адаб-хIурмат бугев чи ватана ХIажимухIамад Валиев. Гимназиялда дагьал гьечIо гьесул тарбия щварал, дарсал росарал чагIи. Гьезул чангиял жалгоги руго мугIалимзабилъун. Амма гьезие ХIажимухIамадил дарсал жакъаги къиматал руго. Къварилъи-гIатIилъи цIехезеги, захIматаб суал дандбазеги гьесухъе вортула гьитIинавги кIудиявги. Гьединал гIадамаз берцин гьабула гIумру. Хасго иман бугев мугIалим гIумруялда дандчIвани, гьеб бичун босизе щолареб давла буго чиясе.

Гьединаб пикругун къо-лъикI гьабуна дица Ленинкенталъул гимназиялъулгун. Жеги анцI-анцI наслаби гIумрудул нухде тIоритIизе къуватги жанги кьеги гьелъул мугIалимзабазе.

Ашахан Юсупов