Махщел тIокIав учитель вугони, репетиторго хIажалъуларо!

 

   Дагъистаналъул халкъияв учитель, Россиялъул мустахIикъав учитель Бартихан ГIумаров 19 соналъ хIалтIулев вуго Буйнакскиялъул профессионалиябгун педагогияб колледжалда директорлъун. Миллиял мацIазде бугеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ бицана гьес нижее.

— Кинал хиса-басиял гьарун ругел колледжалда ахираб заманалда?

  — Педагогияб училище рагьун букIана мугIрузул районазе учительзаби хIадуриялъул мурадалда. Гьанир хIадурулаан байбихьул школалъе педагогал. Улкаялда чIахIиял хиса-басиял ккун хадуб гьанир хIадурулел руго батIи-батIиял махщелчагIи. Гьаб заманалда пайда бугеблъун рикIкIуна школалда цебесеб лъай кьей, щайгурелъул школалда цебесеб лъай щвечIеб лъимер школалде босизецин бегьуларо. Лъималазул ахикь гьабизе ккола гIаммаб лъай кьеялъул тIоцебесеб хIадурлъи, ай советияб заманалда подклассалда малъулеб букIараб жо, дагьабго къагIидаги хисизабун, гьанже ма­лъула лъималазул ахалда.

Гьедин гьабиялъе ккана гьадинаб гIиллаги. Байбихьул школалда лъай (математикаялъул, тIабигIат лъаялъул ва гь.ц. дарсал) кьезе ккола рахьдал мацIалда – гьеб къагIида хIакъикъаталда хисизабун гьечIо жакъаги. Амма школаз, гьеб къагIидаги хIисабалде босичIого, дарсал кьезе байбихьана гIурус мацIалда, гьелъие букIине кколеб хIадурлъи гьечIониги. Гьедин дарсал кьезе байбихьараб заманалда лъималазул ахикье Дагъистаналда хьвадулаан тIоцебесеб классалде рачIунел лъималазул гIицIго 28 процент. Ро­къобги къватIибги бицунеб рахьдал, мацIги букIаго, школалде рачIарал мугIрузул росабазул лъималазе цIакъ захIмалъулаан дарсида бицараб жо бичIчIизе. Гьебмехалда муниципалитетал хIажаталлъун ккана лъималазул ахал рагьизе ва къваригIана гьенир хIалтIизе бажари бугел махщелчагIиги.

Гьедин нижер колледжалда байбихьана тарбиячагIи хIадуризе. Гъоркьиса цIализе восана 65 студент, исана – 50.

Колледжалда хIадурула байбихьул классазул учительзаби гурелги, коррекционнияб  школалъе хIажатал, физкультураялъул педагогалги. ХIадурулел руго информатикаялъул, графикиял дизайнерал.

— ЦIиял профилал рагьараб мехалда букIине ккола гьелъие хIажатаб материалиябгун педагогияб сурсатги. Кин батараб гьелъие рес?

Профессионалиябгун педагогияб колледж абураб цIар букIун гIоларелъул, рагьизе ккана цIиял махщелалги. Амма букIинчIо гье­лъие кинабгIаги хIадурлъи, материалияб кьучI. Гьеб гьабизе ккана нижерго, ай колледжалъул, бюджетиял гурел сурсатазухъ. 19 соналъ вуго дун директорлъун хIалтIулев. КIочонго тана минабазул капиталияб ремонт гьабураб заманги. Цониги идараялъ, чияс кумек гьабуларо. Министерствоялъги харжал кьезе гIурабцин кьоларо гIарац. Масала, бищунго студентазе хIажатаб жо буго практика – гьебги тIубала бюджетияб гуреб сурсаталдаса пайдаги босун.

— Кинаб хIал бугеб педколледжалда рахьдал мацIалъул дарсал кьея­лъул рахъалъ?

— Дун вуго миллиял мацIал цIунизе кколин абулев чи. МагIарул мацI лъалеб гьечIони, дагь-дагьккун тIагIуна нилъер гIадатги, гIамалги, тарихги, маданиятги. Жакъа нилъеца, лъикIал магIарул гIадаталги кIоченарун, щай росизе кколел гIараб гIадатал? ГIараб мацIги маданиятги квешаб бугин абулев чи гуро дун. Амма дозулги киналго гIадатал гурелъул лъикIал ругел?! Масала, умумузул гIадаталда рекъон, кIиго бихьинчи вагъулев вугони, чIужугIаданалъ гьезда гьоркьобе кIаз рехани, рагъ гьоркьоб къотIулаан. Гьединаб кIудияб къимат букIана руччабазул кIазалъулцин: гьелда тIад хIетIе чIезе бегьиларин абун, рагъ лъугIизе толаан. Гьанже рехеха кIаз: кIазги мерхьуна, руччабиги мерхьуна. Щиб бугеб: гIарабазул гIадат босулинги абун, кафе-рестораналда диваналдаги регун, хъалиян цIалел рукIине бегьилищ магIарул ясал?

Школалда рахьдал мацI малъиялъул суал бигъана Татарстан сабаблъун. Гьениб гIурус мацIалда бащадго малъулеб букIана татар мацIги. Гьез зани бегизабиялъул хIасилалда байбихьана гьелъие кьолел рукIарал дарсал дагьлъизаризе. Жал церетIураллъун рикIкIунел школазул директорзабаз кьолелцин гьечIо рахьдал мацIалъул дарсазе сагIтал. Пачалихъалъул рахъалдасаги чучлъана гьелде кIваркьей. Советияб заманалда, лъай кьеялъул министрлъун Бадави ХIажиев вугеб заманалда, гьукъун букIана меседил медаль кьезе рахьдал мацIалъул къимат аттестаталда гьечIев цIалдохъанасе. Школалда рахьдал мацIалъул дарсал кьолев учителасул харжалда тIаде кьолаан 15 процент. Гьеб кинабго хвезабуна. Цадахъго хвана гьелде букIараб интересги.

Колледжалда малъула магIарулги, лъарагIги ва тумазул мацIал. Гьел кьолин абун, цо заманалда диде рагъунги рукIана. Гьанже бачIунеб буго приказ, рахьдал мацIалъул дарсал кьезе кколин абун. ХисизаричIо рахьдал мацIалъул дарсазе кьурал сагIталги. Гьел дарсал кьолел преподавателал ккола педколледжазе цIалул тIахьазулги методикиял пособиязулги автораллъун.

— МагIарулазда гьоркьорги камуларо рахьдал мацI школалда малъизе кколарин, рокъоб бицунеб гIелин гьебан абулел хъизамал…

— Гьел руго ахIмакъал пикраби. Гьедин абулел гIадамаз рокъобги бицунаро рахьдал мацI. Бицунеб букIарабани, жакъасеб гIелалда кIо­ченароан умумузул гIадатал. Би­хьинаб лъимер рокъобе жанибе бачIани, херай кIодоцин тIаде яхъу­наан. Гьанже кIудияв чи жаниве вачIаниги, кIусараб бакIалдаса щуруларо гIолохъанал ясал.

Нижехъеги рачIуна цо-цо улбул, жиндир лъимер рахьдал мацIалъул дарсаздаса эркен гьабеян абун хъвараб гIарзаги босун. Амма цониги чи эркен гьавичIо. Студентазул улбузда бичIчIизабизе ккола мацIалъул кIвар. Накъитаздаса хадуб гьезда бичIчIула колледжалда кьолел киналго дарсазул пайда букIунеблъи.

— ТIехь, газета, миллияб басмахана, театр – гьел ккола мацI цIунулел алаталлъун. Кинаб бухьен бугеб колледжалъулгун миллиял театразул, газетазулгун журналазул редакциязулгун?

— ЛъагIалида жанир кIицIулниги нижехъе гьоболлъухъ рачIуна миллиял театразул актерал, кьола спектаклял, рихьизарула концертал. Студентазе цIакъ рокьула гьезухъ балагьизе.

Нижеца кидаго гьабула «ХIа­къикъаталъул» подписка. Студентазухъа гьеб бажаруларо гьабун, амма колледжалъул киналниги преподавателал-магIарулаз гьеб хъвала ва дарсазда хIалтIизарула гьелдаса макъалаби.

— Студентазул общежитие букIараб бакIалда гьабун буго цIалул корпус…

  — ЦIияб статусги гьелда рекъон­кколел профилалги рагьараб мехалда гIемерлъана студентазул къадар. Буйнакскиялда мина кьвагьараб мехалда биххун араб общежитиялъул мина рехун тун букIана, директорлъун дун вачIараб мехалда. Преподавателазгун студентаз цIидасан бана гьеб ва гьенир гIуцIана цIалул кабинетал. Доб заманалда гьанив цIалулаан 300-400 студент, гьанже вуго азаргоялдаса цIикIкIун очно ва 350-400 заочно цIалулев чи. Гьединлъидал гIолеб букIинчIо цIалул корпус.

  Студентазе общежитие буго МахIачхъалаялъул шоссе абураб къотIноб. 400 чиясе бакI буго гьениб, амма гьабсагIаталда гьенив вуго 150-ялдаса цIикIкIун студент. Гьезул цIикIкIараселги ккола магIарул районаздаса рачIарал ясал. Ясазе лъикIги буго гьениб. Гьениб гIумру гьабулел ясазул ккечIо квешаб хьвада-чIвадиялъул цониги хIужа. Шагьаралда рукъги ккун ругелаздаса гIадлу-низамги букIуна гьезул. Сордо-къоялъ гьенир рукIуна тарбиячагIи. Бакъанидаса хадуб жаниве-къватIиве чиги виччаларо. МоцIида жаниб 150 гъурущ босула гьезухъа. Гьеб кьезе бажаруларелги руго ясал. ЛъикIал шартIалги гIуцIун руго гьенир.

— Абулеб буго тарбия кьеялде кIвар цIикIкIинабеян абун. Студентазулгун накъитал гьарулищ психологаз?

   — 1990-абилел соназда хвезабуна школалда тарбия кьеялъул хIалтIи. Нилъеца цин хвезабула, хадуб цIигьабизеян лъугьуна. 50 соналъ педагоглъун хIалтIана дун, гьелда гьоркьосаги 38 соналъ – нухма­лъулеб хъулухъалда. Дица киданиги гьоркьоб къотIизе течIо тарбия кьеялъул хIалтIи. ГIемер хIалтIи гьабула психологазги преподавателазги. Адаб гьабизе куцазе ккола нилъеца гIолеб гIел.

— Нилъер газета цIалулезде кинаб хитIаб гьабилеб дуца?

   — Нилъеца цIакъго гIодобе ккезе тун буго лъай кьеялъул иш. Цо-цо умумузда ракIалде кколеб буго, жидеца гIарацги кьун, диплом босани, цадахъго лъайги босулеб бугин абун. БичIчIизе ккела, лъай босун бажарулареблъи. ИчIго классги лъугIизабун, рачIуна гьанире цIализе лъимал. Гьезул аттестаталда рукIуна ункъилал-щуйилал къиматал. Гьабула гьезулгун гара-чIвари – лъабила­лъулцин лъай батуларо. Унтун буго нилъер лъай кьей – гьеб сах гьабизе ккола. Гьеб сах гьабиги бараб буго нилъер цIалдохъабазул эбел-инсуда. Гьез тIалаб гьабизе ккола жидер лъималазе камилаб лъай кьеян абун. КъватIисел улкабазда гьадинабго хIал чIезабун букIарабани лъай кьеялда, гьел церего къватIире рахъине рукIана. Нилъерал, щиб гьабулеб бугониги, сихIтун чIолел руго.

Пуланаб школалъул директоралъ абун бугила, лъай школалъ гуреб, репетитораз кьезе кколин абун. Махщел тIокIав учитель вугони, репетиторго хIажалъуларо! Нилъ школалда цIалулеб заманалда репетиторалищ рукIарал? Школа лъугIарал цIалдохъаби доб заманалдаги унаан улкаялъул къадруял вузазда цIализе. МГУялъул ректор Михаил Садовничиясцин абулеб буго, киредила арал доб мехалъ рукIарал абитуриенталин абун! МГУялдацин гIодобе ккун батани лъаялъул даража, цогидаз щиб гьабилеб?

   Жакъа школалде, лъай кьеялъул идараялде рачIуна гIемер кагътал. Гьезие жавабал кьолел рукIун, дарсал кьезе заман гIоларого буго учителасулги школалъул нухмалъия­лъулги. Гьединаб хIал лъугIизабизе заман щун буго.

 

Гара-чIвари гьабуна

Кавсарат Сулеймановалъ.