МугIалимзабазе кепкал цIикIкIина

  1 сентябралдаса байбихьун нилъер республикаялъул школазда хIалтIулел мугIалимзабазул харж цIикIкIинабизе буго 23 проценталъ. Гьеб ккола гIага-шагарго 3000-гIанасеб гъурущ. ДРялъул ХIукуматалъ гьабун буго гьединаб хIукму.
   Мисалалъе, категория гьечIев мугIалимасул харж цIикIкIине буго 12700-ялдаса 15700 гъурщиде щвезегIан ва гьелда рекъон цIикIкIине руго цогидазулги.
    СагIтал ва гьединго категория гIемер бугев чиясе дагьабги цIикIкIун щвезе буго моцIалъе гIарац.
   Амма гьеб гIарац щвезе буго ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялде гъорлъе унел школазе. БакIалъул муниципалитетазда гъорлъе унел школазе, гьанже цIикIкIинабураб моцIрол харж щвезе ккани, гьел муниципалитетазул нухмалъулезул хIукму къваригIунеб буго.
   Гьелда хурхун, районазул нухмалъулезул пикраби лъазе бухьен гьабуна нижеца, амма жеги гьелъул чIванкъотIи гьечIин абуна нижергун гара-чIвари гьабураз. Гьелдалъун нижецаги лъугIизе толеб буго.
    Аллагьас хъван батани, ниж гьеб темаялде газеталъул хадусел номеразда жеги тIад руссина.

А. ЮСУПОВ