Учителасул базовияб харж-51 азарго гъурущ

    ТIоцебесеб июналда РФялъул Пачалихъияб Думаялда цебе лъуна педагогиял хIалтIухъабазул харжал цIикIкIинариялъул хIакъалъулъ законалъул проект. Гьелъул автор ккола ЛДПРалъул депутат Максим Зайцев. Кинал хиса-басиял гьаризе кколин абулеб бугеб проекталъул авторас?

     Масала, гьес абулеб буго РФялъул ЗахIматалъул кодексалъул №144 статьяялъул лъабабилеб бутIаялда гьадин хъвазе кколин: «ГIаммаб лъай кьеялъул программаби гIумруялде рахъинарулел пачалихъиялги муниципалиялги лъай кьеялъул идарабазул педагогиял хIалтIухъабазул базовияб оклад чIезабула бищун дагьаб моцIрол харжалдаса (МРОТ) ункъо нухалъ цIикIкIараб роценалда», — ян.

      2021 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе Россиялда МРОТ бащалъула 12792 гъурщида. Гьебги хIисабалде босун, депутатас абухъе ункъцIул харж цIикIкIинабуни, учителасул оклад бахине буго 51168 гъурщиде. Рехсараб проекталда хъван буго: «РФялъул хIукуматалъул официалиял баяназда рекъон, гьабсагIаталда улкаялъул учительзабазе моцIрое щола, гьоркьохъеб къагIидаялъул хIисабги гьабун, 42000 гъурущ.

    Гьелдаго цадахъ, батIи-батIиял цIех-рехазулги мониторингазулги хIасилазда рекъон, гIемерисел учительзабазе хIакъикъаталда щола регионалда бугеб гьоркьохъеб харжалдецин бахунареб гIарац ва гьеб, РФялъул субъекталъухъ балагьун, гIемерго батIияб буго», — ян.

     Хадуб депутатас рехсон руго гьадинал мисалалги: Ростов, Кострома, Курган, Псков областазул учительзабазе щола 19000 гъурущ, Архангельск, Свердловск областазул ва Пермь краялъул педагогазе – 24000 гъурущ, Мурманск ва Сахалин областазда – 30000 гъурущ (севериял процентал тIаде жураялъул хIасилалда). Дагъистаналда учителасул гьоркьохъеб харж буго 24484 гъурущ (https://www.trud.com/ сайталъул баяналда рекъон).

    Максим Зайцевасул проекталъе хъвараб баяналда мухIкан гьабун буго: учителасул харжалъул рехсараб роцен ккола, аслияб окладалде тIаде цогидал хъулухъал тIуразариялъухъ щолеб гIарацги жубан кколеб хIасил.

     Масала, жинца кьезе тIалъулел дарсазда тIадеги дарсал кьей, методистлъун, школалъул психологлъун яги библиотекарьлъун хIалтIи.

    ГIемерисеб мехалда харжалде тIаде жубала гъирабазабиялъул бутIаялдаса щолел гъурщалги – гьебги кколаро щивав учителасе щолеб жо. Мукъсанаб харж щолеб букIиналъ, гIолилал унел гьечIо школалда учительлъун хIалтIизе.

     ЛъабгогIан соналъ бицунеб буго учителасул харж цIикIкIинабизе кколин абун. Гьелда тIасан бахIсалги лъугIулелго гьечIо. Цебеккун Пачалихъияб Думаялде кьун букIана КПРФалъ хIадурараб гьединабго магIнаялъул проектги, амма гьеб депутатаз къабул гьабичIо. Гьанже гьединабго хIаракат загьир гьабулеб буго ЛДПРалъул депутатаз.

ГIемерал суалал рижизарула гьеб законалъул проекталъ.

   Масала, проекталъул тексталда хъван буго учителасул отпускалде тIаде анлъго къо жубазе кколин абун, ай 42 къоялъул бакIалда 48 къо гьабизеян абун. М. Зайцевасда лъалеб гьечIо учителасул отпускалъул 56 къо бугеблъицин. Пачалихъияб Думаялде проект кьелалде гьес абулеб букIана учителасул харж лъабцIул цIикIкIинабизе кколин абун. Проекталда хъван бугоан ункъцIулилан абун.

Кин бугониги, ЛДПРалъ Думаялде кьураб законалъул проекталъухъ хал гьабизе буго хасалихъе – ихдалилаб сессиялде гьеб кватIана. (Ургъунгоцин гуродай кватIарабин абураб суалги бачIунеб буго – хасалихъе Пачалихъияб Думаялде рищиял рукIине ругелъулха).

 Проекталъул рахъ кквезе бугищ депутатаз? Гьелъие жаваб щвела цIияб цIалул сон байбихьун хадуб.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА