РИИДАЛИЛ ХIУХЬБАХЪИ

 

     Исана лагеразул кIиабилеб сменаялда хIухьбахъи гьабизе буго 7700-ялдаса цIикIкIун лъимералъ. ГьабсагIаталда республикаялда хIалтIулеб буго 66 лагерь.

Гьенир гIуцIулел руго батIи-батIиял профилазул сменаби.

    Масала, «Надежда» абураб сахлъи цIуниялъул лагералда лъимал куцалел руго командаялда гъорлъ цо тIадкъай тIубазабиялъул мурадалда цадахъ рекъон хIалтIизе.

    Рагъулаб ишалде ругьун гьаризе руго «Юнармиялъул» сменаялда ругел лъимал. Буйнакск районалда бугеб «Планета» лагералда вуго кIинусгоялдаса цIикIкIун гIолилав. Гьезда малъизе буго парашюталъул спорт. ЛъикIаб хIасил ккарал цIалдохъабазе рес щвезе буго сменаялъул ахиралда парашюталъ кIанцIизеги. Нухазда низам цIуниялде кIвар кьолеб буго гьебго районалда бугеб «Орленок» лагералда. Гьезда малъула нухазда низам цIуниялъул правилаби.

     Гьединалго тадбирал тIоритIулел руго Гъизляралда, Избербашалда ва цогидалги бакIазда ругел лагеразда.