ДГПУялда «рухI речIчIулеб» буго

 

3 июналда «Дагъистан» РИАялда ДГПУялъул ректорасул ишал тIуралев Нариман Асваров дандчIвана журналисталгун.

Гьес бицана живго гьеб хъулухъалде тIамуралдаса араб кIиго моцIида жаниб университеталда ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ.

 

     Н. Асваровасул рагIабазда рекъон, бищун гьев разияб жо ккун буго ахираб кIиго соналъ хIалтIулеб букIинчIеб университеталъул гIелмияб совет цIигьабизе кIвей.

   «Сах-саламатаб советги гьечIого, университеталъул хIалтIи цIакъ нахъе ккун букIана. Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, гьелде кIвар кьуна.

   Ахирал соназда педуниверситет киназулго бади-кIалдиб къан букIана: бицунебщинаб хабарги гIемерисеб лъикIаб букIинчIо. Гьелъие гIайибиял цIехезе дун лъугьинчIо ва гьаниб гьезул бицине бокьунги гьечIо. Диде щвезегIан букIараб жоялъул вала-рахас гьабизе къваригIарав чи гуро дун, гьелъ кьезе жоги гьечIо. ХIажат буго республикаялдаго машгьураб цIалул идараялъул хIалтIи чIаголъизабизе. Гьелъие гIоло бажарарабщинаб гьабизеги буго», — ян абуна Асваровас.

    Хадуб гьес бицана казначействоялда ДГПУялъул счётал къан рукIиналъ жидее гIемерал квекIенал кколел ругиланги.

    «Гьел къаялъ тIуран кверал рухьун рукIана нижер. Кредитораз гьукъун рукIана университеталъул машинаби, техника, гьединго цогидаб буголъи бича-хисизе. Гьабураб хIалтIул хIасилалда хиса-баси гьабизе кIвана. Гьанже кредитораз цIидасан счётал рагьана», — ян бицана вузалъул ректорасул ишал тIуразарулес.

    Гьес баркала загьир гьабуна педуниверситеталда ругел гIунгутIабиги рихьун, гьел лъугIизаризе квербакъарав республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасе.

    — ЦIакъ хашаб, хIалуцараб къагIидаялда батана дида педуниверситеталда хIалтIухъабазулгун студентазул цоцаздехун бугеб бербала- гьиги. БачIинахъего гьелде кIварги кьуна. МугIалимзаби рикIкIинчIого, цохIо студентазул вуго гьенив 5000 чи. Гьел киналго дандеги ракIарун, ракI рагьараб хабар бицана. Гьелъул хIасилги квешаб ккечIо.

    ХIасил-калам, педуниверситеталъул гIумру кьучIдасанго хисизабулеб буго нижеца. Гьелъие кумек гьабулеб буго федералияб министер- ствоялъги республикаялъул нух- малъулесги. Гьеб гуребги, вузалъе кумек гьабизе бокьарал гIадамалги ахIун, педуниверситеталда гIатIидаб данделъи тIобитIана 20 маялда. Гьел- да гIахьаллъи гьабуна республика- ялъул киналго муниципалитетазул вакилзабазги. Гьениб хIукму ккана хадубги педуниверситеталъулгун гьоркьоблъи щула гьабизе.

     Жакъа педуниверситет ккола мугIалимзаби хIадур гьарулеб, республикаялда бугеб бищун аслияб тIадегIанаб цIалул идара. Жидее учительзаби хIажатал росабигун шагьарал абуни гIемер руго.

     Нужедаго лъан букIине, дагьав цевегIан нижехъе кIалъан вачIана Гъизляр шагьаралъул мэрасул заместитель. Гьес бицана жидее 47 учитель хIажат вугин. Гьединабго ахIвал-хIал буго Буйнакск шагьаралдаги. Гьезие къваригIун вуго 27 мугIалим. Официалияб статистика босани, республикаялъе къваригIун вуго 220-гIанасев учитель. ХIатта, нижергун бухьеналда рукIунел муниципалитетаздаса щварал баянал хIисабалде росани, жеги кIиго нухалъ цIикIкIун учитель хIажат вуго, — ян бицана Нариман Асваровас.

     Гьесул рагIабазда рекъон, заочно цIалулелги малъун, 15 азарго студент вуго жакъа педуниверситеталда. Гьелгощинал чагIазда гьоркьо- са щибаб соналъ цIалун рахъарал мугIалимзабазул къадарги гьитIинаб батиларин, гьеб мехалъ щайха республикаялъул школазда учительзабазул гIунгутIи загьирлъун бугебин суал кьуна журналистаз гьесие.

    БатIаго жинца гьабсагIат хас гьабун бицинчIониги, лъиениги балъгояб жо гурин, мукъсанаб хар- жалъухъ учительлъун хIалтIизе ине гIолохъанал выпускниказе бокьи- зехъин гьечIолъиян абуна Н. Асваровас. Гьеб бугила аслиял гIиллабазул цоябги.

    — КIиабизе босани, мугIалимзаби кир къваригIун ругел? Районаздагун шагьаразда гурищ? Гьеб мехалъ щайха муниципалитетазул бутIруз гьеб суалалде кIвар кьолеб гьечIеб? Дицайищ гьезда малъизе кколеб нижехъе кIалъазе, учительзаби хIажат ругилан кагътал ритIизе. Гьел жалго щай рагъа-рашаруларел,- ин, МОязул нухмалъулездаса бугеб разилъи гьечIолъиги загьир гьабуна ректорасул ишал тIуралес.

    Амма гьесие асар гьабун бугоан РФялъул просвещениялъул министр Сергей Кравцовас. Дагьаб цебегIан Иркутскиялда букIараб цо данделъиялда живго аскIовеги вачIун гьес Асваровасда абун буго жинда лъалин ДГПУялда ругел гIунгутIаби ва рагIи кьун буго кIвараб кумек гьабизе.

Ашахан ЮСУПОВ