Ризван ГОЛОЕВ: «Дагъистаналъул миллатал гъунки буго мурад»

    Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялде чанги лъикIаб, байрамалде сверараб тадбир тIобитIана араб анкьалъ республикаялда.

     Бищунго гвангъарал тадбиразул цояб букIанин абизе бегьула 19 февралалда, Хасавюрт шагьаралъул №3 гимназиялда.

       «Единая Россия» партиялъул квербакъигун, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул хIаракаталдалъун гIуцIараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоги, Хасавюрт шагьаралъ 90 сон тIубайги, Дагъистаналъул автономия лъазабуралдаса 100 сонилаб юбилейги.

       Гьенир гIахьаллъана шагьаралъул администрациялъул вакилзаби, лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулел, Хасавюрталъул ва мадугьалихъ ругел районазул школазул директорал, МахIачхъалаялдаса рачIарал творческияб интеллигенциялъул вакилзаби.

       Байбихьудаго абила-гьедин камилго, квартIа кIутIизе бакI гьечIого гIуцIараб тадбирал гIемер дандчIваларо. ЧIамучIал кIалъаял гьечIеб, кьочIое босараб темаялдаса кьуричIеб гьеб тадбиралъ гьитIинабго сценаялда рагьана тIолабго Дагъистаналъул рухIияб бечелъи, Хасавюрталда гIумру гьабун ругел миллатазул хаслъи. Цо батIияб шавкъгун школазул цIалдохъабаз рахьдал мацIалда цIаларал кучIдуз битIахъе бадиб магIу хулизабуна.

     Гьалбадерида дандчIвазе, гьел тIоритIизе, жибго тадбиралъул программа бечед гьабиялъулъ цIикIкIараб бутIа лъуна рахьдал мацIалъул мугIалимзабаз. Зурмил накуялъухъе, хъахIмаккал гIадин чIурканго сценаялдеги рачIун, магIарулазул бертадул гIадат рагьулеб цо бутIаги бихьизабуна гьез.

 

 ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ КIОДОЛЪИ ГЬИТIИНАБ СЦЕНАЯЛДА

 

     — Рахьдал мацIазул дарсазе кьолел сагIтал Хасавюрталъул школазда тIаса къунцIичIо. Гьеб рахъалде нужер бугеб жавабчилъи цогидал шагьаразеги, гIемериселго районазеги мисаллъун буго, — ян абуна жиндирго кIалъаялда, Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей, «МагIарулай» журналалъул редактор Баху МухIидиновалъ.

      -ГIицIго рокъор жиде-жидер лугъаталда кIалъан миллияб мацIалъул бечелъи лъималазе щвезе рес гьечIо, нилъерго болмацI бицине, гьеб мацIалда эркенго цIализе ругьун гьаризе ккола гьел гьитIинго. Республикаялда рахъулел миллиял газеталгун журналал ва хъвадарухъабазул асарал цIалулелги дагьлъулел руго къо бахъанагIан, гьебги буго нилъ пашманлъизе кколеб хIужа, — янги абун, МухIидиновалъ кIвар буссинабуна гьаб заманалда масъалалъун лъугьараб суалалдеги.

     Хасавюрт шагьаралда гIумру гьабун г1емерисел магIарулал ругониги, гьенир тIоритIулел тадбирал гIуцIулаго цIунун букIуна миллатал ращад гьарулеб хасаб цIодорлъи.

     — Гьаниб гIадин Дагъистаналда цойги кибха бихьилеб ва рагIилеб, нилъер мадугьалихъ бугеб республикаялъул культура, мацI,-ин абуна, чачан миллаталъул цIалдохъабазул ва мугIалимзабазул церерахъиналъ жиндиего гьабураб асар загьир гьабулаго, магIарулазул машгьурай шагIир ТубхIат Зургьаловалъ.- РекIелъе гьоцIо тIинкIулеб тадбир — гьедин абула магIарулаз гьадинаб магIнаяб данделъиялда.

Дагъистаналъул мустахIикъав артист Шамил Ханакаевас гьеб тадбир нухда бачараб къагIида. МагIарулгун гIурус мацIазда ВатIаналде рокьи загьир гьабулел кучIдулги ахIана Шамилица.

Богогьабаз цоцалъ къец бан гIа­ дин, кьер-кьерал миллиял кванил нигIматазул тепсиги хIадурун бугоан рахьдал мацIазул мугIалимзабаз. Гьединго, гимназиялъул жанахIа­ лъуб гIуцIун букIана, щибаб миллаталъул мацIазда дарсал кьезе рахъарал пособиял, поэзиялъулгун прозаялъул тIахьал, умумузул тIа­ гIел-алатал лъурал выставкаялъул бокIнал.

  

ЦIИ-ЦIИЯЛ ГIЕЛАЗУХЪЕ КЬОЛЕБ РУХIИЯБ ИРС

 

 Ахиралдаги, баркиялъул къо­ къабго каламгун, цеве вахъана гьеб тадбир гIуцIиялъулъ цIикIкIараб бутIа лъурав ДРялъул Халкъияб собраниялъул депутат Ризван Голоев.

     — Гьадинал байрамаз цIи-цIиял гIелазухъе кьола миллияб рухIияб ирс, гьезул ракIазулъ щулалъизабула ватIаналде рокьи, гъира базабула жидерго шагьаралъул, республикаялъул тарих лъазабиялде. Умумузул ракьалъул, гIадатазул къимат цIунараз чияр культураялъулги хIурмат гьабула. Дагъистаналъул миллатал цоцалъ гъунки, гьуинлъи цIикIкIин- гьеб буго мурад. Хадурккунги гьадинал байрамал тIоритIизе, миллатазул хаслъи цIуниялъул хIалтIи жеги камиллъизабизе ниятги буго нижер, — ин абуна Голоевас тадбиралда гIахьаллъаразе баркала кьолаго.

     Бищунго лъикIал рахьдал мацIалъул мугIалимзабазе баркалаялъул кагътал ва гIарцулал шапакъаталги кьуна гьенир.

     БатIаго бицине мустахIикъаб бутIа лъуна гьениб Хасавюрталъул «МугIрузул дандерижи» («Эхо гор») фольклоралъулгун кьурдул ансамблялъ. Гьезул кьурдул расеналъулъ гуребги, ратIлил фор- маялда угьарал накъишазулъцин цIунун бугоан щибаб миллаталъул хаслъи. «МугIрузул дандерижи» ансамбль рикIкIуна республикаялъул кьурдул ансамблязул бищун лъикIазул цояблъун. Гьев хореографги вуго Дагъистаналъул мустахIикъав артист Давудбек ХIасанов.

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА