Лъималазда бецIизе бегьуларо

 

     ГIахьвахъ районалъул МестIерухъа Ибрагьим Юсупов хIалтIулев вуго ДИРОялда корректорлъун. ДГУялъул филологияб факультет лъугIидал, гьев учительлъун хIалтIана ЦIолода росдал школалда. КIиго соналдасан тIамуна Ингердахъ росдал школалъул завуч-гIуцIарухъанлъун. 1992 соналде щвезегIан гьенивги хIалтIун, Ибрагьим гочана гIатIиракьалде. Кирпич-хъутаналъул школалда лъагIелалъ хIалтIана завучлъун ва 18 соналъ гьабуна директорлъи.

    ДРялъул лъай кьеялъул отличник, ДРялъул мустахIикъав учитель, 2000-2006 соназда -«Россиялъул школалъул лъагIалил директор» И. Юсупов 2012 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталда. Гьесулгун гара-чIвари гьабуна нижеца.

 

    — Ибрагьим, ДИРОялъе корректор щай?

     — Цебегоялдаса нахъе институталда буго редакциялъулабгун издательствоялъул отдел. Нижеца хIадурулаан «Модернизация образования» абураб институталъул журнал. Гьанже дида тIадаблъун гьабун буго институталдаса къватIибе унеб кинабго корреспонденциялъул хал гьабизе. Институталъул ректорлъун ХIамзат Жамалудинов тIамуралдаса нахъе цIикIкIана хIалтIиги, гьарулел ишалги камиллъана.

    — ГIезегIан заманалъ хIалтIулев вуго мун ДИРОялда. Кинаб пикру бугеб дур учительзабазул лъая­ лъул хIакъалъулъ?

     — Дун щола гIемерал районазде. БитIараб бицани, гIолохъанал учительзабазул лъай загIипаб буго. ГьабсагIаталда руго лъаялъул хал гьабиялъе чIезарурал хасал критериял. Гьезда рекъон кколарел учительзаби гIемер руго, хасго гIолохъаназда гьоркьор. Масала, гIу­рус мацIалъул учителасда лъаларо, чан гъалатIалъухъ кинаб къимат лъолебали -диктанталда, сочинениялда, изложениялда.

    — ЕГЭялда хъвалеб хIалтIулищ дуца бицунеб бугеб?

     — Гуро. Учителасда лъазе ккеларищ дарсида хъвараб диктанталъе кинаб къимат лъелебали? ЕГЭялда рукIунел творческиял хIалтIабазухъ къимат лъолеб къагIида гьезда лъала — гьаниреги ахIун, малъун букIиндал. Щибаб соналъ хIадурула гьелъие хасаб программа ва институталде ахIула «багIараб зонаялдаса» учительзаби. Хал гьабула учительзабазул лъаялъул даража. Щибаб лъагIалида жаниб кIицIул гIуцIула институталъул, вузазул ва школазул бищун лъикIал учительзабазул «методикияб десант». Гьеб уна щибаб «багIараб зонаялъул» районалде. «БагIараб зонаян» абула ЕГЭялда бищун квешал хIасилал ккарал школалги районалги.

    — Цоги кинаб гIунгутIи бугеб учительзабазул?

     — Цо-цо учительзабаз лъималазда бецIулеб буго гьезул эбел-инсуда яги цогидал гIагарал чагIазда бахъараб ццин. ЦIалдохъанасе лъикIаб къимат лъоларо, гьесда заманалда дарс гьикъуларо, хасго хIадурун вачIун вихьулев вугони. Гьеб буго бегьизего бегьулареб жо! Кин гьединав чиясда учителин абилеб?

    — Абулеб букIана улкаялъулго школазда ригьалде рахарал учительзаби хIалтIулел ругин, гIолохъаназе бакIго толеб гьечIин абун…

     — Нижер гIелалъул учительзаби школалдаса нахъе ани, букIине бугеб ахIвал-хIал цебечIезабизецин хIинкъулев вуго. ГIолохъанал ва лъайгун бажари камилал учительзаби унел гьечIо школалде хIалтIизе. КIудияб квербакъи ккечIо гьеб рахъалъ «Росдал учитель» абураб программаялъулги.

        Цо-цо школал руго педагогал гIоларого. Цо-цоязда гIемер руго цогояб махщел бугел учительзаби. Масала, ГIахьвахъ районалда МестIерухъ росу кидаго рикIкIунаан филологазул росулъун, ТIукитIа — математиказул росулъун. ГьабсагIаталда кисанго ахIи балеб буго ингилис мацIалъул учительзаби гIолел гьечIин. 18 районалъул школазда хал гьабураб мехалда, ватана жиндир дипломалда рекъон кколареб дарс кьолев 400 учитель. Кинха гьел хIажалъиларел, ингилис мацIалъул ва цогидал предметазул лъикIал учительзаби ГIахьвахъеги, ЦIумадеги, ЦIунтIеги унареб мехалда?

    — Педагогияб лъай гьечIониги, РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ ихтияр кьуна вузалда цIалун вахъарав махщелчиясе школалда учительлъун хIалтIизе…

     — Дица гьеб пикру къабул гьабуларо. Гьеб буго заводал-фабрикалги къан, хIалтIудаса махIрумлъарал инженеразеги цогидал махщелчагIазеги «малъараб» нух, ай гьезул рази­ лъунгутIи лъугIизабизе ургъараб жо. Предмет лъан гIоларо -лъазе ккола гьеб малъулеб къагIидаги, хIажалъула цIалдохъабазулгун накъиталъе гьунарги. Педагогияб факультеталда цIализе ккола лъималазе тарбиягун лъай кьезе ракIалъ ахIарал абитуриентал. Учительлъун вахъине ракIго билълъинчIев инженерас щиб малъилеб цIалдохъабазда, масала, гIурус, ингилис мацIазул яги историялъул дарсида?

    — Пандемиялъ киналго рокъор чIезаруна. ХIасил кинаб ккараб?

     — Рокъосан цIализарурал лъималазул лъай берда бихьулаго хашлъана: гIемерлъана аттестат гьечIого хутIарал цIалдохъаби. Нилъер учительзаби хIадур рукIинчIо рикIкIадасан лъай кьезе (гьанже гьеб рахъалъ мадар бугин абизе бегьула). Щвалде щвараб лъай кьезе рес щоларо рикIкIадасан цIали гIуцIиялъ. Хасго байбихьул школалъе данде кколаро гьеб къагIида.

 Гара-чIвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ.