Инсульт «гIолохъанлъун» буго

Статистикиял баяназда рекъон, инсульт ккарал унтаразул 10-15 про-
цент ккола 18-50 сонил ригьалъул гIадамал. Медицинаялъул цIех-рехал
гьарулел гIалимзабазги абулеб буго, гьелъие гIилла бугин гIолохъанго
хъалиян бухIулел, кьаралъарал, гипертониялъ ва чакрил диабеталъ ун-
тарал гIадамал гIемерлъи. Хехал тадбирал гьаричIони, гIагараб зама-
налда инсульт лъугьине бегьула хIалтIизе бажарулел, ай жеги жаналда
ругел гIадамазул ругьунал унтабазул цояблъунинги абулеб буго гьез.

 

Щибаб соналда Россиялда инсульт ккола гIага-шагарго 150 азарго чиясул. 2008 соналдаса 2016 соналде щвезегIан унтаразул къадар цIикIкIана 25 проценталъ. Инсульт чIезабиялъул, гьеб ккарасул сахлъиялъе цIикIкIараб зарал ккунгутIиялъул ва гьесие хехаб кумек гьабиялъул мурадалда щивав инсанасда лъазе лъикIаб буго гьал хадусел тадбирал:

— пуланав чиясул инсульт бугищали лъазе, гьесда гьаризе ккола гьимеян яги цаби рихьизареян абун. Инсульт бугев чиясухъа гьеб бажаруларо ва гьесул кIалалъул цояб рахъ далунги букIуна;
— унтиялде щаклъи бугев чиясда гьарула кверал гIебеде ритIеян (90° бокIон лъугьунедухъ – гIодов чIун вугони ва 45° — вегун вугони). Инсульт бугев чиясул цояб квер далухъе хутIула;
— гьаре гьесда цо щиб букIаниги абизе, дуда хадубниги такрар гьабизе – инсульт бугесухъа бажаруларо магIна бичIчIуледухъ предложение бицун;
— ахIе хехаб кумек – 4-4,5 сагIаталда жанив тохтурзабазухъе щварав чиясул сахлъи цIунизе гIемерго бигьалъула. Инсульт ккараб мехалда аслияб зарал щола ботIрол гIадалнахуе, ай жагъаллъула гьенир ругел бидурихьазул хIалтIи. Гьелдаго цадахъ гIадалнахулъ лъугьуна «пенумбра» абураб зона – гIадалнахулъ хIалтIи цIилъизабизе рес кьолеб бакI. Гьебги гьабизе бигьалъула инсульт ккаралдаса хадусеб 4-4,5 сагIтил заманалда. Гьединлъидал бищунго лъикIаблъун рикIкIуна инсульт ккеялъул щаклъи бугев унтарав хехаб заманалда кардиологиялъул больницаялде щвезави.

Кин цIунилел инсульталъукьа?

Киданиги инсульт ккечIелги ва цогIаги нухалда гьеб ккаралги гIадамазе гьабулеб кумек букIуна батIи-батIияб. Профилактикаялъул мурадалда цин чIезаризе ккола инсульт ккеялъул хIинкъи бугел хIужаби: чиясул жинс, ригь, хъизам- тухумалда инсульт ккарав чи вугищали, артериалияб гипертония, хъалиян бухIи, чакрил диабет, рекIел кьабиялъул ва липидазул обменалъул хиса-басиял, кIудиял бидурихьазул
(сонная артерия) атеросклероз, кванил гIадлу хвезаби, кьаралъи (хасго абдоминалияб тайпа), цо бакIалдаса щуричIого хIалтIи. Рехсарал хIужаби жиндилъ тIатарав чи ине ккола тохтурасухъе ва халгьабизе
ккола бидулъ чакрилгун холестериналъул къадар хисун бугищали. Тохтурас малъизе буго кванил низамги гьекъезе кколел дарабиги. ЦIех-рехазул хIасилалдалъун, бищунго тIибитIараб ва кIвар цIикIкIараб хIинкъилъун ккола гипертония. Бидул тIадецуй цIикIкIарав чиясул инсульт ккеялъул хIинкъи гIемерлъула 2,5 нухалъ. ГIалимзабаз абулеб буго, профилактикаялъул тадбираздалъун гIадамазул 80 процент хвасарлъизе бегьулила инсульт ккеялдаса. Инсульт ккарал гIадамазул 10 процентниги бажарула тIубанго сахгьарун. Гьелъие гIоло къеркьезе ккола неврологалги, логопедалги, психологалги,
эрготерапевталги ва цогидалги махщелчагIиги. КIудияб кIвар буго щивав унтарасе реабилитациялъул хасаб программа чIезабиялъулги. Хехго сахлъизави бараб букIуна гIадалнахул жагъаллъараб бутIаялъул
роценалдаги, ригьалдаги, цогидал унтаби рати-ратунгутIиялдаги ва унтарасул рекIел хIалалдаги. Инсульт ккаралдаса лъагIелгIанасеб заманалда жигаралда цIилъула гьеб ккеялъул хIасилалда «риларал» аслиял функциял: кIалъазе бажари, кверал щуризаризе кIвей ва гь.ц.