Унтаразул ургъелаз берцин гьабураб къисмат

Доб заман ракIалде щведал, гьанжеги сири балеб бугоан Аминатил черхалда. Унтулел-холел  гIадамалги, хвалил кьер чIвараб сверухълъиги, сихIкъотIун гIенеккун чIараб тIабигIатги. «БагIараб зонаялда» хIалтIизе ккечIониги, гьелдаги цIакъ хехго бичIчIана цIар лъезе лъалареб унтуца гьабулеб бугеб гьужумалъ чангиясул гIумру лъукъизе букIин.

ЛъукъунгIаги толеб букIарабани гьеб – тIутIун балеб букIана нухда бата-батараб, цIарал, ригь, хъулухъ цIехечIого. Хвалие ургъел букIинчIо гIумруялъул сариназул, гьелъул хIалхьолароан, гIадамазул угьи-зигара рагIичIого. Телевизоралдасан кьолел цIиял харбазухъ гIенеккизе кIолеб букIинчIо халкъалда — цIоб гьечIеб унтул кверщаликье ккараб загIиплъараб гIумруялъул гIажизлъиялда цадахъ гIодун свакан букIана халкъ. Дунялалъул киналго пачалихъазда щущазегицин къуват гIуна гьелъул. Гьеб унтуца жидеда малъ бан ругел бичIчIичIел ва лъаларел унтаралги къойил рачIунаан Аминат ГIабдулмажидова хIалтIулей йигел МахIачхъалаялъул №№ 3 ва 5 поликлиникабазде.

ГIажизлъараб гIумру,
свакараб магIу

— Жегиги бетахъе хутIун буго дол лахIзатазул магIу дир бадиб. Къойил рачIунел рукIана нижехъе унтарал. Лъалеб, бичIчIулеб букIинчIо щиб унти гьебали. Байбихьуда гриппилан тараб гьелъ дагьаб заманалдасан цIакъго кутак гьабуна. Унтаралги тохтурзабиги – киналго рихха-хочун рукIана. Ва цо заманалдасан рагIана коронавирусилан абураб унти Китаялда батун рагIулилан. Вас-васдизе лъугьана нижги – цощинабин абураб хIинкъиги рещтIунеб букIана рекIелъе. Амма ракIалдецин ккезе тезе бокьун букIинчIо гьеб нилъехъеги бачIинин абун. Ва гьале дагьаб заман ана гьоркьоб – гьелъ байбихьана Россиялде гьужум гьабизе. Гьедин букIаниги божизе бокьулеб букIинчIо гьелъ Дагъистаналдеги ишан босилин абун. КватIичIо гьеб нилъехъе бачIинеги. Гьелъул ругьел щведал, рукIкIана дунял, лъалеб букIана ахIичIого бачIараб гьеб «гьобол» нахъе хехго ине гьечIеблъи. Дун хIалтIулей йигел поликлиникабазда рагьана хасал кабинетал, температурагун ва гьеб унтул цогидал гIаламаталгун рачIарал унтарал къабул гьаризе. Гьелин абуни, къоялдаса къоялде гIемерлъулел рукIана. Цо гьадинаб хIужаги унеб гьечIо цебесаго:
— Цо къоялъ вачIана бадире ралагьизе барахщараб берцинлъиялъул гIолохъанчи. Бихьулеб букIана унтуца гьесиеги «салам» кьун букIин. РакIалдецин ккелароан, гьединаб гьайбатлъиялдаги гурхIичIого, хвелалъ гIумру бас-басун балилан. КIиго-лъабго нухалда вачIана гьев нижехъе. «Виун» унев вугев гьесухъги ялагьун, ракIги букIана дир бихъ-бихъун унеб. Ана гьевги вачун больницаяде. Зама-заманалдасан кIалъалаан дун, гьесул ахIвал-хIалги цIехон, гьев вегун вукIараб республикаялъул киникияб (Централияб больница) больницаялде. Гьесул мадар бугилан абидал, йохулаан. Васасде гIадаб рокьи бижун букIана дир гьесде. ЦIакъ бокьун букIана гьесухъе тIад руссине гIумруялъул талихIал лахIзатал. Амма бечIараб гIумруялда цIилъи чIвачIо – дихъе щвана гьесул гIумруги хвелалъ даимлъиялде битIанин абураб ругьел. ГIодана дун гьесда хадуй гIорцIизегIан. КигIан хIаракат бахъаниги, чIолеб букIинчIо магIу. Свакан — баскан букIана гьеб. БукIаниги, гьелъул чвахи чIолеб букIинчIо. Гьединаб магIил къадар, цIикIкIун гурони, дагьлъулеб букIинчIо,- ян ракIалде щвезаруна тIадегIанаб категориялъул тохтур-ревматолог Ами­нат ГIабдулмажидовалъ дол лахI­затал.
Дие гьеб хабар бицунелъулги, гье­лъул рахIатхвей хIалуцунеб бу­кIана. Бихьулеб букIана жеги гьей дозухъ, согIаб унтиялъ хвалил рагIдукье хъамун аразул гIумруялъухъ инагьдилей йикIин.

Дица гIумру тела гIадада инчIин…

Гьеб заманалда жиндирго унтаразул гьабураб адабалъухъги бихьизабураб къохIехьеялъухъги Аминатги мустахIикълъана «Дагъистаналъул мустахIикъай тохтур» абураб тIадегIанаб цIаралъе. Гьелда шапакъат баркизе дун щвана гьей хIалтIулей йигеб «Медианс» медицинаялъул централде.
Дунги гIурабго мехалда чIезе ккана Аминатихъе ине иргаялда. Гьелъухъ рачIарал унтаразул къадарги цIикIкIараб бугоан гьенибги. Унтараз цIехолей тохтур – гьелдаса кIудияб шапакъат кинабха букIине бокьарав тохтурасе. Киназего бицине берцинаб рагIиги батулеб бугоан гьелда. Коронавирусалъул бицунелъулги, жиндирго унтаразулги бицен ккезабулеб букIана гьелъ.
— ГьабсагIаталдаги ургъел букIу­на дие рищалаби унтаразул. Щайгурелъул гьезие хIинкъи цIи­кIкIараб буго гьаб унтиялъул. Гьединлъидал социалиял гьиназдасан ма­лъа-хъваялги гьарула дица гьезие. Дица хIаракат бахъула къойил цIияб жо лъазе. Тохтур даим цIал­делевлъидалха вукIине кколев. Лъара-лъараб дица унтаразеги бицуна, — ян абуна гьелъ.
Унтиялъулги бицун, дицаго пашман гьаюрай Аминатихъе цIидасанги гьими тIад буссинабизе бокьарай дица лъималазул, хъизан-рукъалъул цIехана гьелда.
Дида щаялиго кколаан гIицIго творческиял гIадамазул гурони рукIунарилан берцинал пикрабийи­лан. Амма дунго мекъи йигеблъи бичIчIана дида, тохтурзабазул хIа­къалъулъ хъвазе лъугьиндал. Гьездаса дие щванщинал дарсал, цоялдаса цоял цIакъал, тIокIал.
Кьуна дие гьел Аминатицаги. ЦIакъго рекIелъе бортараблъун ху­тIана дие гьелъул гьаб хадусеб каламги:
— ГIолохъанлъиялда нилъеда лъималазул гьаракь рагIулеб гьечIони, херлъараб мехалда гьезда нилъер гьаракьги рагIуларо.
Аминатида аскIоса индалги, гьел рагIабазул пикру гIемер гьабуна дица. Гьедин гьелъ абуна, лъималазул бицунелъул.
— Дие бокьун букIана цохIо вугев васги тохтурлъун вахъине. Дица гьев цеве чIезавулаан, хъахIаб халгIатги ретIун. Амма дида кIвана васасул гьаракьалъухъ гIенеккизе. Гьес тIаса бищана юристасул махщел. Жиндирго махщалидаса ракI регьун, талихIалъ кенчIолел гьесул берал рихьидал, бичIчIана васасул гьаракь дида заманалда рагIун букIин. Аминатил йиго кIиго ясги. КIиялъго тIаса бищана тохтурлъи.
— ГьитIинай ясалъ тIоцебе лъу­гIизабуна медучилище. Дица гьелда абуна гьеб гIелин гьанже дуейилан. ЦIалдезе захIмалъизеги бугин дуе, хIалтIизе лъугьайилан абун. Ясалъ дида абуна: «Эбел, дица бигьаяб нух тIаса бищулеб гьечIо. Биччанте захIмалъизе. Дида лъала дицаго бищараб махщалил багьаги. Гьедин гурищ малъараб дуца дида, — ян гьелъ жаваб кьедал, жий йохараб куцилан абуан Аминатица.
— Дир гIумруялъулги махщалилги магIна – гIадамазе талихI ва лъикIлъи бикьи. Гьелъго батила инсанасул гIумруги берцин гьабулеб – лъикIал къасдазги гьединалго ишазги.
Дир кумекалдалъун цохIогIаги унтарасда талихI батун батани – гьеле диеги талихI. БитIараб буго – чIужугIаданалъе талихI хъизан-рукъалъулъ буго. Амма гьелда дагьабги нур базабула цогидазе дуца гьабулеб лъикIлъиялъ. Дица дирго гIумруги гIадада инчIилан тела, дир хъизамалъул талихIалда хьолбохъ гьединаб талихIги рещтIун батани,- ян тIадеги жубана Аминатица.

Гьуинаб тIагIамалъул
талихIалъул гьаракь

Рорхатал мугIрузда гIурай Аминатил гIамалги гьединабго борхалъиялда буго. Бугониги, батIияб тIагIам букIуна мугIрул руччабазул талихIалда. Гьелъул гьуинлъиялъ жиндирго хасал расеналги угьун рукIуна магIарулалъул гIумруялда. Гьеб талихIалъул гьаркьихъе кьурдула къисматги, гогьдарула гIумруги. Гьеле гьединаб буго Аминат ГIаб­дулмажидовалъул талихIалъул магI­наги. Бокьулебцин букIинчIо гьелда аскIоса нахъе ине. Амма Аминатихъ ралагьун чIун унтарал рукIана.

Киналха рукIарал Аминатие гьеб талихIалде гьей ячунел нухал

Гьаюна Аминат БежтIа росулъ. ГьитIинго рекIелъ тIирщараб тохтурлъун яхъине йигеб анищ соналдаса соналде тIегьалеб букIана. ЛъугIана гIолилалъул школа. Ва 1990 соналда цIализе лъугьана Рос­­това­лъул мединституталде. ТIоце­бесеб курс лъугIидал, тIад юссана Да­гъистаналде. ЛъугIизабуна Да­гъистаналъул мединститут. Ва гьелдаса нахъе хIалтIулей йиго тох­тур-ревматологлъун. Ва къойил — унтаразул ургъалида… Гьез бер­цинги гьабун буго Аминат ГIаб­дул­мажидовалъул къисмат.