РекIел тIинда магIулъун бохьараб

Гьаб ахираб заманалда дун гIемер щола тохтурзабазухъе, гIенеккула рекIел тIинда магIулъун гIунараб гьезул хабаралъухъ. Хабарцин гу­ребха гьеб — угьиги зигараги жубараб гьеб рагIидал, кинаб хIалуцинха лъугьинеб гIенеккарасулги. Гьезухъа тIад юссунелъул, каранда бакI гIоларого ракIги лъугьуна, гIумруялъ тIамула жиндирго берцинлъи­ялда тIад ургъизе. Хасго хвел аскIоб рещтIиндал, гьелъул берцинлъи­ялдаса гIорцIуларо. Тохтурзаби-бихьиназегицин захIмат букIуна дол балагьал къоял ракIалде щвезаризе. КъватIибе загьир гьабизе рес гьечIеб магIу рещтIунеб батила рекIел тIинда. Руччаби- тохтурзабаз изну кьола магIуялъе, жидерго гIанабиги чурун, ракьалде тIинкIизе. Гьелдаго цадахъ гьез къватIибе гьурщула къварилъиги, пашманлъин­ги, угьи-зигараги. Гьаб нухалдаги гьедин букIана. Дун щвана С. М. МухIамадовасул цIаралда бугеб республикаялъул рахунел унтабазул (инфекционная больница) больницаялъул отделениялъул нухмалъулей Саида ГIумаровалъухъе. Телефоналдасан лъай-хъвайги гьабун, дица гьелда гьарана дандчIвазе заман батейилан. Сундул хIакъалъулъ бици­не кколебалъи лъайдал, гьелъул гьаракь сорона. Бугониги, разилъана.

 

 Гьалеха дун цо лахIзаталъ лъал­хъана чанго моцIалъ гIумруги хвел­ги цоцазе къуркьуларого букIараб больницаялъул кIалтIа. Гьаний лъалхъидал, дагьайги гIащикълъана гIумруялъухъ.

 

Гьалеха Саида ГIалигишиевна. Берцинаб гьурмада паркъелеб бугеб гьединабго гьимиялъ къабул гьаю­на дун. Харбиде ралалде, гьелъ дида рихьана хасаб формаги ретIун рахъ­арал жиндиргоги коллективалъулги суратал. РакIгъанцIизабулеб кьогIаб хIакъикъат. Гьале дол жакъасеб за­манаялъул багьадурзаби – гIумру тIегьаялъе, гьелда цIилъи чIваялъул нураллъун рукIинеги хутIизеги ТIадегIанас ракьалде ритIарал руч­чабазда цебе чIараб масъала букIана цIакъго жавабчилъи цIикIкIараб – хвалил квачIикьа гIумру бахъизе хIадур рукIана гьел киналго. Гьезда гьоркьой йикIана Саидаги.

 

 

— Бицун чи божулеб ахIвал-хIал букIинчIо. Беразда цадахъ гIодулеб ракIги букIана. Рихха-хочизеги за­ман букIинчIо. Унтаразда бихьи­зе бегьулароан нижер къварилъи, бичIчIизе бегьулароан рекIел хIал. Щайгурелъул гьел нижехъ ралагьула­ан гIумруялде кIудияб хьулгун. Гьел къояз ниж гьезие рукIана жидехъе гIумру тIад буссинабизе бажарулел сихIручагIилъун, — ан байбихьана Са­идаца диргун гара-чIвари.

 

Китаялда коронавирус тIатун бу­гилан лъаралдаса нахъе, хIадурун рукIана больницаялъул нухмалъиги киналго тохтурзабиги, гьеб «къа­бул» гьабизе. Россиялъул кавабахъе гьеб «лъугьанин» абидал, бичIчIана тохтурзабазда, гьелъ Дагъистаналъ­еги салам «кьезе» букIин. Больница, абизе бегьула, хIадур букIана гьел­да дандчIвай гьабизе. БукIана хасаб парталги, гьединго рукIана гIурал дарабиги.

 

Ва гьале тIоцевесев унта­рав, кIиабилев…, нусабилев…, кIинусабилев…

 

 

ХIалуцана хIалтIи больницаялда

ГIемерлъана тохтурзабазул ма­кьу бикъарал сардал. РукIана гьел Саидалги. Жиндирго лъимал гьелъ магIарухъе, эбел-инсухъе щвезаруна. Ва гьей унго-унголъунги тIаделъана унтаразухъе гIумруялъул кунчIи тIад буссинабизе…

 

РукIана гьел къояз Саидал къис­маталда хинал къоялги, ай сахлъа­рав унтарав рокъове нухарегIулел талихIал минутал. Гьединго зама- заманалдасан гьелъул къисматалъул бакъ хьухьикьеги кколаан – Саи­даца рокъоре нухарегIизе кколаан гIумруялъул бакъ сун арал, жидеда тIокIалъ гIумруялъул кунчIи бихьизе гьечIел… Гьеб мехалда Саидал ур­гьимесалдаго цIа рекIараб хIал лъу­гьунаан, тIун анин кколааан рекIел цо чIваги.

 

Гьедин ана хъахIаб халгIат ретIарай хIурулгIин Саида ГIумаровалъул тохтурлъиялъул бищунго захIматал лахIзатазул лъабго моцI. Гьебгощинаб мехалда гьей щвечIо рокъое, гIумру гьабун йикIана больницаялдаго.

 

 

Дагъистанияздаса дун цIакъго чIухIана

— Дол захIматал къояз дагьалъ­ги чIухIана дун дагъистаниязда­са. Нижер хьолбохъги чIун, къер­кьана гьелги унтуде данде. Кванан бахъунаребгIан гIемераб квен бачIунаан къойил нижее жалго бетIергьанал кафе-ресторанал ру­гезги гIадатиял гIадамазги. Гьа­нибго рехсечIого гIезего гIоларо ГIахьвахъ районалдаса Шамилил цIар. Гьесул эмен вегун вукIана ни­жер больницаялда. Гьединлъидал ни­жер лъикIаб гьудуллъи ккун букIана. Гьев сахаватав магIарулас нижее бачIанщинаб нигIмат. Гьеле доб гIаданлъиялъул унго-унгояб мисал. Гьелъго батила, дагъистаниязул цолъи бихьидал, нилъедаса лъутун ун букIараб гьеб унти. Амма гьанжеги тIад буссунеб бугоха гьеб. Гьеб тIад буссиналъе «квербакъана» дагъи­станиязул гIаданлъиялъ. Бертабалъ­еги хьвадана, магIирукъзабахъеги ана. Гьеб нилъер бидулъго бугелъ­улха – рохелги къварилъиги гIахьал гьаби, — ян бицана Саидаца. Гьедин­го гьелъ рехсана МахIачхъалаялъул «Турист» ва «Спорт» гостиница­базул ва больницаялда аскIобго бугеб «Панацея» медицинаялъул централъул нухмалъулелги. Гьенир чIобого гIумру гьабизе рес щва­на рокъоре-нахъе ине санагIалъи гьечIел тохтурзабазе. Гьеле инсана­сул гьединаб рухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабулеб ва цIунулеб батила дуниял квешабщиналдаса. Унтара­зул къадар дагьлъизегIан, гьоркьоса къотIичIого, щвана больницаялде Москваялдаса тохтурзабиги, гьез­да гьоркьов вукIана вирусалъул за­маналда машгьураблъун лъугьараб Коммунаркаялъул бетIерав тохтур Проценкоги. Жидехъа бажаранщи­наб кумек гьабуна гьез унтаразе.

 

Нахъа тана дол жавабчилъи цIикIкIарал къоял. Россиялъул президентасулги Дагъистаналъ­ул бетIерасулги рахъалдасан ша­пакъатал щвана тохтурзабазе. Гьезул сияхIалда кенчIана Саида ГIалигишиевналъул цIарги. Гьелъ­ие кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъай тохтур» абураб тIадегIанаб цIар.

 

 

Диргун гара-чIварулеб заманал­дагицин, хIалхьи толеб букIинчIо Саидае телефоналъ – унтарал гьан­жеги ругелъулха больницаялда. Гьале цо заманалдасан – цоги звар­гъи. Гьаб нухалда – гьанжего гьан­же магIарухъа тIад юссарай ясалъул эбелалъухъ урхъараб гьаракь.

 

Гьеб гьаркьихъе гIедегIана Саи­даги. Гьез гIураб заман байдалха цо­цаздаса рикIкIад.

 

ХъахIаб халгIат ретIарай ва гьелъул бацIцIалъиялъе даим ритIухъайлъун йикIине ва хутIизе гьа барай хIурулгIиналда хадуй ялагьи­дал, рухIдаллъизе бачIунеб букIана – гьелъ цогидазул гIумруялъе кьун­щинаб кунчIи. Гьелдаса кIудияб талихI бугебдай ракьалда…

 

 

ТIегьараб мурадалъул тIогьий

Саида ГIумарова ккола Хун­захъ районалъул БуцIра росулъа. ГьитIинго рекIелъ рещтIараб гьелъ­ул анищалъе кунчIи щвана 1998 со­налда. Росдал школаги лъугIизабун, гьей цIализе лъугьана Дагъиста­налъул пачалихъияб мединститу­талде. 2003 соналда гьелъул тIубараб мурадалда тIегь бана. Ва институт лъугIаралдаса нахъе гьей хIалтIулей йиго гьеб больницаялда. Макьу тун, квен тун, тохтуралъ рорчIарал сар­дазда нур базабулеб буго хIалтIуде гьелъул бугеб кIудияб рокьиялъги, унтараздехун гьанжеги гьелъул бу­геб адабалъги, тIалаб-агъазалъги. Гьелъул рекIелъа жеги хIинкъиги гьурмадаса пашманлъиги лъугIун гьечIо, цIидасанги тIаде щолеб бу­геб унтиялъул сас рагIидал. Гьей хIадурго чIун йиго… Бигьалъаги Саидаеги гьелдаго цадахъ киналго тохтурзабазеги унтулгун гьабулеб къеркьей…