Флекснерил шигеллаялъ хIал гьабулеб буго

ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас тIобитIараб Эпидемиязде данде къеркьолеб ко­миссиялъул данделъиялда бицана чехь-бакьазул рахунел унтабазул хIакъалъулъ.

 

 

Роспотребнадзоралъул регионали­яб хъулухъалъулги ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул­ги баяназда рекъон, 2020 соналъул анлъго моцIида жаниб бакьазул ра­хунел унтабаз унтана гIадамазул 13,3 %. Цебесеб соналде дандеккун, гьел унтабазул къадар дагьлъана 52,3 проценталъ.

 

Унтарал дагьлъиялъе гIиллалъун махщелчагIаз рехсолеб буго ко­ронавирусалде дандечIеялъул мурадалда гIуцIарал тадбирал. Амма, Потребителазул ихтиярал цIуниялъул ва инсанасул сахаватаб гIумру гIуцIиялъул рахъалъ Феде­ралияб хъулухъалъул ДРялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Ни­колай Павловасул баяназда рекъон, буго бакьазул рахунел унтабазул ахIвал-хIал хIалуцараб 14 муници­палитет. Гьезда гьоркьор рехсана Гъизляр, Хасавюрт, МахIачхъала шагьарал ва Хъумторхъала, Тару­мовка, Карабудахкент, Каякент райо­нал. ГIемерисел бакIазда гIиллалъун ккола лъикIаб даражаялъул гьекъ­олеб лъим гьечIолъи ва ралъдал рагIаллъабаздагун пляжазда чорок­лъи букIин.

 

 

Унтарал гIадамазда гьоркьоса би­щун гIемер руго 17 сон бачIел лъи­мал (75,6№), гьезда гьоркьосаги 49% ккола кIиго лъагIел бачIел лъимал. «Флекснерил шигеллаялъ (унти ккезабулеб бактерия – ред.) дизен­терия ккезабурал гIадамазул къа­дар бахана 76,1 проценталде. Гьелъ нугIлъи гьабула унти лъедасан бахунеб букIиналъе. ХIажат буго рогIразухъан чвахулеб лъел хал­гьабизе, хасго унтарал гIемер ругел бакIазда», — ян бицана Н. Павловас.

 

Эпидемиялъул цIех-рех гьабулаго загьирлъана: исана июлалъул къо­го къоялда жаниб унти бахиналъе гIиллабазул 16 процент ккола ралъ­дал ва рукъзабахъе бачараб гьекъолеб лъим. Май моцIалда букIана 7,2%. Дербент, Гъизляр, Буйнакск, Избербаш ва Каспийск шагьара­зул гIадамазул рукъзабахъе лъим бачIуна радал-бакъанида, ай пулу­нал сагIтазул заманалда. Гьелъги цIикIкIинабула лъим чороклъиялъул ва гьелдалъун бакьазул унти ккеза­биялъул хIинкъи.

 

 

ДРялъул сахлъи цIуниялъул ми­нистрасул ишал тIуралей Татьяна Беляевалъ абуна Хасавюрт ва Гъиз­ляр шагьарал ругин бакьазул унтаби рахиналъул рахъалъ цебесеб кьерда.

 

Гьенибги аслияб гIилла буго чоро­каб лъим хIалтIизаби. Камуларо ква­нил нигIматал цIуниялъулъ хашлъи теялдалъун унтиялъул хIужабиги.

 

 

Ралъдал лъим чороклъиялъе гIиллаги рехсана данделъиялда: ка­нализациялъул ва цIадал ралеб зама­налда къватIаздаса чвахулел лъара­зул лъим гъорлъе бачIин.

 

Лъел инфраструктура къачIаялъул рахъалъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДРялъул БакIал раялъ­улгун ЖКХялъул министерствоялъ­ул управлениялъул нухмалъулесул ишал тIуралев СупигIумар Аслано­вас. Гьесул баяназда рекъон, республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон, ункъо млрд гъурщихъ базе буго 102 лъел объ­ект. ГьедигIанасебго гIарац бачIине буго «БацIцIадаб лъим» абураб федералияб программаялда рекъ­онги (гьеб проекталъе бихьизабун буго анлъго лъагIел). 61 объект ба­леб буго исана, лъагIалил ахиралде хIалтIизе байбихьизе ккола 29 объ­ект. Республикаялъул нухмалъи­ялъул берзукь буго Дербенталдаги, МахIачхъалаялдаги, Каспийскалда­ги ралел ругел лъим бацIцIад гьаби­ялъул объектал.