РекIелъ ругънал лъураб макруяб унти

ХIажие их цIакъ бокьула. Кидаго гIадин, исанаги хIалакун вукIана гьев, ихдада дандчIвай гьабизе. ТIабигIат цIилъиялдаго цадахъ цIилъула гьесул пикрабиги, ихалъ санайил цадахъ бачIуна тохтурасул хIалтIизе бугеб шавкъалда куркьбал гъолеб цо балъгояб къуватги. Амма ХIажида жеги лъалеб букIинчIо ихалъ исана щубалъул бакIалда саву бачIине бу­геблъи. Ва гьеб савуялъ кватIичIого гIумру чIурхIизе хIаракат бахъизе букIин.

 

 

Къвалакь хвелгун щвараб

ихдалил бакънал

Ва гьале доб рекIелъ ругънал лъу­раб ихдалил байбихьи. Апрелалъул байбихьуда коронавирусалъ гьабу­раб гучаб гьужумалъ рихха-хочиза­руна ихалъухъ чIалгIарал тохтурасул пикраби. Ургъизе заман букIинчIо — къойидаса къойиде цIикIкIунел ун­таразул угьи-зигараги, жал хвасар гьарейилан ахIи балеб гьезул гьа­риги, ихдалил пашманал саринал­ги – гьеб кинабго тIухьилъун бегун букIана тохтурасул пикрабазулъ. Унтуе къуркьизе, гьелъукьа къезе за­ман букIинчIо. Гьасде кIудияб хьул­гун балагьун чIун букIана савуялъ хъахI гьабураб гIумру.

ХIажи Идрисов хIалтIулев вуго республикаялъул урологиялъулаб централъул анестизиологиялъул ва реанимациялъул отделалъул заве­дующийлъун. Тахшаралъул кинал­го больницабаздего гIадин, уроло­гиялъулаб централъги апрелалъул байбихьудасанго къабул гьаруна унтарал. Гьенир рукIарал унтарал цогидал хас гьарун гьезие рихьиза­рурал батIи-батIиял больницабазул отделениязде рикьана.

 

РекIелъ гъваридаб пашманлъигун бицана дие гьеб къоялъги ХIажица дол къоязул къварилъиялъул хIакъалъулъ. Гьевги вихьизе гьесулгун лъай-хъвайги гьабизе дун щвана урологиялъулаб централде.

Лъала ва бичIчIула ихалъе­ги бигьаго букIинчIеблъи, цадахъ вахIшияб унтигун бачIине. Гьеб бачIана гIодилаго, жиндирго хIайранал саринал бакIаб магIуялъги хи­сулаго. Щибаб къоялъул гьоркьоса къотIиго гьечIел къваридал лахIзатал жакъа цереса унел гьечIо тохтурас­да. Кидаха цебеса инеб жидер гIумру хвасар гьабеян ахIи балел унтаразул сипат. Гьел рукIана ХIажи Идрисо­васул гIумруялъулги хIалтIулги би­щунго захIматал къоял. ТIоцересел къояз гIолел рукIинчIо больницаял­да кислородалъул аппаратал. Цо-цо унтараз гьел, жидедасаго захIматал рихьидал, жидедасагоги рахъун, гьезухъе кьолел рукIана. Цо-цоязин абуни, цIакъго цIакъ унтуца хIал гьабидал, цогидаздасаги рахъун, жидехъего тIалаб гьабулел рукIана. ХIисаб гьабеха – кинаб хIал букIун батилеб тохтурзабазул. Щивав унта­расе бицине кколеб гьесие данде кко­леб мацIги, бицунелъухъ гIенеккизе сабру тIагIарал унтаралги, унтаразул зигараялъ лъолел ругъналги…

 

Амма цо кинабалиго бигьалъи бачIунеб букIана ХIажил рекIелъе унтаразул цоцаздехун бугеб адаб би­хьидалги, гьезул гIага-божараз гьа­булеб кумекалъ хIайран гьавидалги, кумекалъулаб квер бегьизе хIадур ругел дагъистаниял рихьидалги.

Нилъер гIадамазул сахаватлъиялъул бицунаго, гьес ракIалдещвезаруна «Инсан» фондалъ Рамазан моцIалъ жидее, ай тохтурзабазе, кIалбиччаялъе чIезарун рукIарал шартIалги. МоцIаца рокъоре ине рес ккечIел тохтурзабазе гьеб букIана кIудияб кумек.

 

Унтаразде унти бищунго тIаде къалеб рогьалил гIужалъ, ХIажил ракI гIеккезе лъугьунаан – гьес­да лъалаан унтараз гьаб нухалда­ги жал хвасар гьарейилан хвалил квачIалъукьайилан гьаризе букIин. Ккун гъежгун, чIезавулаан гьез тох­тур. Биунеб ракIгун валагьулаан гьев унтаразухъ гьел минутаз. Гьединаб букIана гьел къояз щивав тохтура­сулги унтаразулги кьогIаб къиса.

Дагь-дагьккун рукIалиде бачIине лъугьана ахIвал-хIал. Унтарал сах гьариялъе шартIалги чIезурана, гьеб макруяб унти кин сах гьабилебали хадурги гъуна. Ккана гIемерал ка­миялги. Бугониги, гьаб нухалдаги гIумру бергьана. Централда хварал­ги цересаго унел гьечIо ХIажида. Унтун рокъов вугеб заманалдаги, гьев живго ругьунлъараб рогьалилъ ворчIулаан ва вихха-хочун тIаде вахъунаан. Гьесда бичIчIулебцин букIинчIо жив рокъов вукIин. Иса­на мединститут лъугIарав васги вукIана ХIажи Идрисовасул батIи- батIиял больницабазда волонтерлъи гьабулевги гьелдаго цадахъ унтарал сах гьарулевги. Гьелъги ракI бохи­забула ХIажил-хъахIаб халгIаталъе ритIухъавлъун вукIине вугев ирси­лав гIун вачIунев вукIиналъ. Гьеб ритIухълъиги гьес ритIухъ гьабуна тохтурлъиялде тIамурал тIоцересел галабаз.

 

ХIажи Идрисовасулги гье­сул отделениялъул тохтурзаби­ги мустахIикъал руго бищунго тIедегIанаб рецц-бакъалъе, амма гьелъукьаги нечолев вукIана ХIажи. Гьебги ккола тохтурасул гIадатлъи – кигIанги тIадегIанлъиялда вугев жив гIодовегIан вихьи. Россиялъул пре­зидентасул указалдалъун ХIажи Идрисовасе Н. Пироговасул орден.

 

 

 

Бокьулеб хIалтIуе кьурал сонал

ХIажи Идрисов ккола ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъа. ГIагараб росдал гьоркьохъеб шко­лаги лъугIизабун, цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, мединституталде. Гьебги лъугIизабун, ХIажи ана Пер­малде. Гьесие цIакъ битIккана Рос­сиялда хIалтIизе иналъ. ГIолохъанав хирургасе щвана кIудияб хIалбихьи.

1988 соналда тIадвуссана гIагараб Дагъистаналде. ХIалтIизе лъугьана республикаялъул клиникияб боль­ницаялде (Централияб больницаял­де). Гьелдаго цадахъ хIалтIана санавиациялдаги. ГIемер щвезе ккана республикаялъул шагьаразде ва ро­сабалъе, захIматго унтарал хвасар гьаризе.

 

1993 соналда республикаялда рагьана урологиялъулб центр ва ХIажиги ана гьенив хIалтIизе. Цо соналдасан гьениб рагьана реани­мациялъул отделениеги. Ва гьелдаса нахъе ХIажи Идрисовас нухмалъи гьабулеб буго гьелъие. Гьениб­го буго операциял гьарулеб ункъо блокги. Лъеберго хIалтIухъанги вуго гьенив. Гьезда гьоркьов вуго анкьго тохтурги.

ХIажи ккола тIадегIанаб кате­гориялъул тохтурги. Буго гьесул Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул отличник абураб цIарги. Амма гьеб киналъулго тIогьиб байрахълъун парпалеб буго тохтурас хвасар гьа­бураб нус-нус гIумруялъул баркала.