Тохтурзаби рукIалиде рачIинарулеб центр

Каспи ралъдал рагIалда бугеб «Журавли» абураб гIелмиябгун сахлъи цIуниялъул комплексалда рагьана пандемиялъул заманалда бищун унти цIикIкIарал бакIазда хIалтIарал тохтурзабазе реабилитация гьабулеб центр. ЧIобого 500 чи къабул гьавизе вуго гьенив.

 

7 июлалда центр рагьулеб къоялъ гьенире рачIун рукIана республикаялъул хIукуматалъул т1оцевесев вице-премьер Анатолий Карибовги, сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовги, цогидалги.
Реабилитациялъул централъ тIоцере тIаде къабул гьарурал тохтурзабазе баркалаялъул калам гьабуна А. Карибовас.
«Бищун захIматаб заманалда, рухIалда барахщичIого, нуж рукIана унтул кор боркьараб бакIалда гъеж гурун хIалтIулел. Гьеб кIудияб бахIарчилъи буго хIакъикъаталдаги. Бокьараб лахIзаталда гIумруялъе зарал ккезе букIинги лъалаго, нуж нахъе къай гьечIого хIалтIана. Баркала киназего», — ян абуна Карибовас.
Гьес, гьединго, кIудияб баркала загьир гьабуна «Журавли» комплексалъул бетIергьан МухIамад МухIамадовасеги.
Гьединаб центр рагьизе ракIалде ккараб куцалъул ва гьенир тохтурзабазе гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес «ХIакъикъаталъе»:
«БитIун бицани, гьединаб центр рагьизе ниж гьесизарурай г1адан ккана эбел. Жийгоги 45 соналъ медсестралъун хIалтIулей йикIарай гьелда лъидасаго цIакъ бичIчIана пандемиялъул заманалда гIадамазе бугеб захIмалъи. Унтуца рецун ралел гIадамазул хIакъикъат лъарабго гьелда чIун букIараб къо. «Кин йигей, эбел, мун, щиб кумек дуе гьабилеб?» — ан нижеца, лъималаз гьикъи­дал, гьелъ кидаго абулаан: «Дие щибниги гьабичIониги кIваричIо, холел ругел гIадамазе гьабе кумек», — илан.
Щибаб нухалъ гьедин эбелалъ абидал: «Валлагь гьабилаха, эбел, щай гьабулареб», — абун ургъана дун ва дандбана гIагарлъиялда, гьудулзабазда. Гьез киназго рахъ ккведал, рагьана нижеца гьаб центрги.
Эбелалда нижеца жибго центр рагьизегIан гьеб хIадурулеб бугилан бицун букIинчIо. Сон-церекъад бицана гьелда гьелъул хIакъалъулъ. Гьей йохараб куц щибха! БитIараб бицани, нужеца гьеб гIадахъ босиларилан хIинкъун, жийго гьесунцин йикIанин нужеда гьединаб бакI щай рагьуларебилан абизе. Нужго рекIеда ратун ругин гьелъиейинги абун, гIурхъи букIинчIо гьелъул рохалие», — ян бицана МухIамадица.
Реабилитациялъул централде къабул гьарулел руго цохIо республикаялдаса гурелги, Россиялъул шагьаразда пандемиялъул заманалда хIалтIулел рукIарал тохтурзабиги.
Цо сменаялда 60 чи гурони къабул гьавизе рес букIунеб гьечIо. Амма щивго нахъчIвазеги гьечIин абуна МухIамадица.
Гьедин цохIо тохтурзаби гурелги къабул гьарулел руго гьез, мисалалъе, пандемиялъул заманалда унтул хIакъикъат лъазабурал чагIи, хIатта журналисталгицин.