Нилъ киналго руго -бат|и-бат|иял

Нилъ киналго руго -бат|и-бат|иял ва хасго гьел бат|алъабаз буго нилъее цоцада рич|ч|изе квалквал гьабулебги.Ва амма, нилъер цогосеб к|удияб, киназего г|аммаб рокъор нилъ киналго цоцае ккола мадугьалзаби. Нилъер рокъобе балагь-къварилъи бач|индал, гьеб киназдаго хъвала Жакъа дица къват|ибе биччалеб буго ц|ияб кеч| «Рач|а лъутизе» абураб.  Гьаракь хъвалеб @universalmusicru абураб дир идараялъ, гьеб коч|охъ дие цебеккун кьуна мухь, бащадаб миллион къадаралъул бут|а. Дица гьеб г|арац буссинабуна тохтурзабазе кумек гьабулеб @vblagodarnost абулеб идараялде. Гьез кумек гьабула ц|акъго ц|ик|к|ун короновирусалъ т|адецуй гьабураб, нилъер миллатал г|емераб пачалихъалул Дагъистаналъе. Больницабазде тохтурзаби ц|униялъе гьез рит|ана гьал хадур рехсарал алатал.
 
Кумекалъул къадар:
 
1. ГБУ РД Лаказул ЦРБ —  берал ц|униялъе ц|ороберал.
2. РКБ г|аммаб реанимация — хасаб партал, гьурмада ралел пардавал, ц|ороберал.
3. Сергохъалаялъул ЦРБ — партал, гьурмада ралел пардавал, гьурмада ххолел ц|орол экранал.
4. Ч|арада район — партал, ц|ороберал, гьурмада ралел пардавал.
5. Агулазул ЦРБ — ц|ороберал, гьурмада ралел чума унтуда данде рет|унеб партал, пардавал FFP3, х|ат|азда рет|унел рорхатал х|ет|еххелал.
6. Ахтыялъул ЦРБ — гьурмада ралел пардавал, квердаххелал.
7. ГБУ ДРКБ — гьурмада ралел пардавал, гьурмазда ххолел ц|орол экранал, квердаххелал.
8. Гъизляр мухъалъул районалъул больница — партал, ц|ороберал, квердаххелал, гьурмада ралел пардавал.
9.  ГБУ РД РКБ 2 — партал, гьурмада ралел пардавал, ц|ороберал, квердаххелал.
10. ФКУЗ МСЧ МВД — хасаб ц|униялъе алатал.
11. ГБУ РД РКБ — партал, ц|ороберал, гьурмада ралел пардавал.
12. Гъаякенталъул больница — ц|ороберал, партал, гьурмада ралел пардавал.
 
Рекъел нужер рокъоб ва сахлъи нужер г|ага- божаразе. Г|орхъи гьеч|еб баркала жидерго ургъелги рехун тун, чияр г|умру хвасар гьабизе т|аде босаразе ва т|аде бач|араб балагьалде данде ах|уд рахъаразе.