Бусаде ккарал гIадамазул черхалда ругънал лъугьинчIого рукIине

ТIоцебесеб иргаялда, бусаде ккаразул черх зама-заманалдасан биччараб катаналъ бацIцIина.

 

Гье­лъие, тIарсинибе хинаб лъелъе тIела цо кIудияб гъуд шампуналъулги 45 % спирталъул бащдаб стаканги ва багъарила. Гьелда гъорлъ ччураб катаналъ, ругънал лъугьунел бакIазде хасаб кIварги кьун, тIолабго черх бацIцIина. Цинги черхалда ругънал лъугьарал бакIазда бахина мазь ва эмульсия.
Мазь гьабула гьадин: босила щарил нахул 200 г, семечкадул нахул 200 г, цIибахъараб накIкIигъотIол пицIцIил 100 г ва найил хIедул 100 г. Кинабго лъела чинидал цIарагIалъуб. ГьитIинаб цIаялда гьализабила 30 минуталъ. Цинги, бухIилаго, мазь тIела банкаялъубе ва, тIад тIалъелги къан, цIорораб бакIалда лъела. ЛъикIаб букIуна мазь, ругънал лъугьинегIан чIечIого, цебеккунго бахунеб бугони.
Эмульсия хIадур гьабулеб къа­гIида: цо кIудияб гъуд шампуналъулги, кIиго кIудияб гъуд спирталъулги, кIиго кIудияб гъуд талькалъул яги лъималазул присыпкаялъулги, аспириналъулги стрептоцидалъулги лъикI хъурараб цо-цо таб­летка цоцалъ журазарила. ХъахIаб эмульсия лъугьинегIан лъикI багъарила. Гьеб бахина ругънал лъугьарал бакIазда. Заманалдасан эмульсия ругънадаса, макъарги лъугьун, бортула. Цинги гьеб цIидаса бахуна. Щибаб нухалда эмульсия цIияб гьабизе ккола.