КIиго отделениеги рагьизе буго

15 январалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана №2 республикаялъул клиникияб больницаялъул (РКБ) бетIерав тохтур Ибрагьим МухIамадовасулгун дандчIвай. Гьес бицана №2 РКБялда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ.

 

«Ахираб заманалда улкаялъулги республикаялъулги нухмалъиялъ кIвар буссинабулеб буго халкъалъул сахлъи цIуниялде. Масала, гьабсагIаталда улкаялъул ФАПаздаса байбихьун больницабазде ва медицинаялъул центразде гIунтIун халгьабулеб буго материалияб рахъалъ гьел кин хьезарун ругелали, больницабазулгун ФАПазул минаби басралъун ругищали, тохтурзабазул рахъалъ къварилъи бугищали.
КIудияб рохеллъун ккана ДРя­лъул бетIер Владимир Василье­васулги ДРялъул сахлъи цIу­ния­­лъул министр Жамалудин ХIа­­жиибрагьимовасулги кверба­къиял­далъун гъоркьиса нижер боль­ни­цаялъе гьабураб кумек. Гье­нибе бачIана тIадегIанал техно­логиязул медицинаялъулаб къайи. Гьанже нижее рес щвана гинекология­лъул, урологиялъул, рекIел унтаби ругел гIадамазе Дагъистаналдаго операциял гьаризе. Рагьана гинекологиялъулги, кардиологиялъулги, геронтологиялъулги отделениял. Азаргоялдаса цIикIкIун операцияги гьабуна гъоркьиса.
Исана ракIалда буго геронтологиялъул цоги отделение рагьизе. Гьелде тIадеги бокьун буго химиотерапиялъул отделениеги рагьизе», — ян бицана И. МухIамадовас.
Гьес жавабал кьуна журналистазул суалазеги.
— Чанго соналъ цебе ахIи бахъу­н букIана улкаялда, гьелдаго цадахъ Дагъистаналдаги, гьересиял дараби гIемерлъун ругин абун. Кинаб хIал бугеб жакъа?
— Доб заманалда гIемерисел дараби рачIунаан къватIисел улкабаздаса. ГьабсагIаталда дарабазул 80 процент хIадурула Россиялдаго – гьезде дир божилъиги цIикIкIараб буго. Гьересиял дарабазе нух къан бугин абуни, мекъи ккеларо.
— Социалиял гьиназдасан бицунеб буго поликлиникабазда тIадкъан бугин пациентазул анкетаби ракIареян абун. Гьеб анкетаялда гъулбасарав чи захIматаб хIалалда больницаялде ккани, гьесул ихтияр бугинги абун, унтарасул лугбал рахъулила, цоги чиясда лъеялъул мурадалда. Дуца щиб абилеб гьелда бан?
— Дагъистаналда гьечIо трансплантациялъулаб медицина. Унтарасул яги гьесул цебесеб гIагарлъиялъул ихтияр гьечIого лугбал нахъе къотIизе гьу­къун буго законалъги. Лугбалги рахъула, унтарасул гIадалнах хIалтIуларого бугеб мехалда. Цогидал лугбал (ракI, ургьисалаби, тIул ва гь.ц.) хIалтIизарун рукIуна медицинаялъул аппаратазул кумекалдалъун. Унтарас яги гIагарлъиялъ изну кьун бугони, аппаратаздаса ватIагьавулеб мехалда рахъизе бегьула гьесул сахал, ай жагъаллъичIел лугбал.