Берзул нур сваниги, ракIал гвангъарал

Жакъа нилъер улкаялда вуго 275 азарго беццав ва загIипго канлъи бихьулев чи

 

1745 соналъул 3 ноябралда Франциялда гьавуна Валентин Гаюи — Парижалда ва Петербургалда канлъи бихьуларел гIадамазе чанго школа рагьарав машгьурав педагог. ТIолгодунялалъул сахлъицIуниялъул гIуцIиялъул хIукмуялдалъун, гьев гьавураб къо чIезабуна канлъукъал (беццал) гIадамазул къолъун.
Канлъукъал гIадамазул ракIазулъ рещтIун букIуна гIажаибаб берцинлъиялъул нур. Гьел ккола сахлъи бугезе кIудияб мисаллъунги. Дагьа-макъаб жоялдасагицин ракIбуссунел гIадамаз мисал босизе мустахIикъал руго дунялалъул берцинлъиги, бакъул кунчIиги, гIурччинаб гIидраги, гIаздалал мугIрулги, чвахулел гIорал-лъаралги рихьизе рес жидехъа согIаб къисматалъ бахъарал гIадамал. Гьезда гьоркьорги ратула пагьму-гьунар бугел художникал, спортсменал, скульпторал, шагIирзаби, хъвадарухъаби. Ахирал соназ пачалихъалъ кIудияб кIвар кьолеб буго гьединазде. Хас гьабун гIуцIараб «Доступная среда» федералияб программаялда рекъон, канлъукъазе кумек хIисабалда, шагьаразда гIемерлъулел руго светофорал, хасал гьаркьазул сигналал, дандекколел шрифтаз хъварал таблицаби, ургъулел руго гьединал гIадамазе гIумру бигьалъиялъе шартIал чIезарулел цIиял къагIидаби.

Гъизилюрталда бугеб
гIуцIиялъе — 25 сон

ТIолгороссиялъул загIипго канлъи бихьулезул Гъизилюрталда бугеб цолъи гIуцIана 1992 соналъул ноябралда. ТIоцеве гьенив вукIана 90 чи. Гьелъул председательлъун вукIана МухIамадхIанапи ХIусенов, хадув — Шамсулвара Шамсулвараев, цинги — ГIабдула ГIабдурахIманов. 2008 соналдаса нахъе гIуцIиялъе нухмалъи гьабулеб буго АхIмад ГIабдулаевас. Жакъа гьеб гIуцIиялда вуго Гъизилюрт районалдаса ва шагьаралдаса 400 чи. Гьезда гьоркьоса — КIудияб ВатIанияб рагъул ичIго ветеран, 13 ВОСалъул ветеран, 12 захIматалъул ветеран, рагIи рагIуларев ва канлъи бихьуларев 8 чи, тIубанго канлъи бихьуларев 12 чи.
Гьенир тIоритIула гIемерал тадбирал. Масала, санайил кIодо гьарула ВатIан цIунулезул, Микьабилеб марталъул, херазул, эбелалъул байрамал. Жигараб гIахьаллъи гьабула районалда ва республикаялда тIоритIулел батIи-батIиял тадбиразда. Хасго лъикIал хIасилал руго спорталъулъ. Цолъи гIуцIаралдаса 25 сон тIубаялъул байрамалде республикаялъулаб даражаялъул гIемер батIи-батIиял тадбирал, байрамал тIоритIана шагьаралда, хасго спортивиял. Масала, мини-футболалъул, шашкабазул къецал. Жигараб гIахьаллъи гьабула Россиялъул канлъукъазул спорталъул гIуцIиялъ тIоритIулел тадбиразда. Ахираб щуго соналда жаниб тIобитIун буго 90 тадбир. Республикаялда тIоритIулел тадбиразда гIахьаллъун вуго 60 чи.
— Цолъи «чIаго» букIинароан, гьелъие кумек гьабулел сахаватал гIадамалги батIи-батIиял гIуцIабиги рукIинчIелани, — ян абуна гьелъул председатель АхIмад ГIабдулаевас. Гьединазда гьоркьор АхIмадица рехсана «Конгломериат» ЗАО, «Дагнеруд», «Кизилюрткарьерстрой», «ЮГСГЭМ» АОял. Гьединго гьес рехсана сундуего кумекалъе ратулел КъурамухIамадова Рабиятилги ХIасанова Асиятилги цIарал.

Централъул байрамалда

Араб анкьалда цолъи гIуцIаралдаса 25 сон тIубай кIодо гьабуна Гъизилюрт шагьаралъул «Калинка» банкетазул залалда. Байрам баркизе рачIун рукIана республикаялъул шагьаразул ва районазул гIуцIабазул вакилзаби. АхIмад ГIабдулаевас бицана цолъиялъ гьабураб хIалтIул ва тIуразаризе ракIалда ругел масъалабазул хIакъалъулъ. ГIуцIиялъул жигарал гIахьалчагIазе кьуна сайгъатал ва дипломал. Гьезул жидерго ругоан кочIохъабиги кьурдухъабиги. Гьезда байрам баркизе вачIун вукIана композитор, кочIохъан Каримулагь ГIабдулаевги.
Унго, цо берцинлъи
гьаб дунялалъул

Байрамалда гIахьаллъизе рес щварай дун рухIдаллъун йикIана, гьеб захIмалъи баччизе сабруги къуватги гIурал гIадамал рихьидал. РухIдаллъана гьезул ракIазда гIицIго лъикIаб гурони бихьулеб гьечIолъиялда. Ва ракIалде бачIана, чан нухалъ гIенекканиги, рекIее гIажаибго хIайранаб асар гьабулеб гьаб бицен:
— КIиго унтарав вукIуна больницаялда цо палатаялъув. Цояв радал хехго вахъунаан тIаде. Гордухъанги валагьун, гьес чанго нухалда такрар гьабулаан, унго, цо берцинлъи гьаб дунялалъулин абун. Ва хадубго абулаан машаАллагьиланги. Бакъуде данде кенчIолел рогьалил бацIцIадаб щуб тIад ккарал гIурччинал хурдулги, тIугьдузул цIураб сверухълъиги, сверухълъиялда, гIурччинаб гIалахалда кьурдулел кьагIиги, гьезие хъат чIвалел гIорал-лъаралги…
Бицунго бахъунароан гьесул палата тун къватIибехун бугеб, балагьун бергIорцIулареб берцинлъиялъул хIакъалъулъ. Заманалдасан унтарав хвана. Палатаялъув вукIарав цоги унтарасеги бокьана щибаб къоялъ гьеб берцинлъиялъухъ валагьизе, дов хварасул бакIалде вахъине. Гьес медсестраялда гьарула жив гьениве вахъинавейилан. Амма вихха-хочун лъугьана унтарав — гьесда цебе букIана чIобогояб авлахъги гьединго чIобогояб больницаялъул азбарги. Кибха бугеб дов херасда бихьулеб букIараб берцинлъи!? БетIер сверунцин букIанадай досул? Палатаялъуе ячIарай медсестраялъе бицана гьес херасда рогьалилъ бихьулеб букIараб хIикматаб берцинлъиялъул хIакъалъулъ. Медсестра дагьайги йихха-хочана — гьелда лъалаан херав беццав чи вукIараблъи…

ХадурагIи

ГIажаибаб жо буго гьаб дунял. Цо-цо гIадамал гьелъул берцинлъиялъухъ урхъун, цогидалин абуни, кодоб бугеб берцинлъи бихьуларого яги гьеб гIоларого.
Бокьун буго гьаризе къисматалъул кьогIаб ва согIаб квачIикье ккарал, амма гьелда цо лахIзаталъгицин таризаризе кIвечIел, сахаватал гIадамазеги гIумруялъул берцинлъи гурони бихьуларел гьезул ракIазеги талихIалъул бакъги бакъулаб гвангъиги.
Шамай Хъазанбиева