ТалихIалде нуцIа рагьулеб кIул

ЧIужугIадан гIолохъанго йигебгIан, ЭКОялъул хIасилги лъикIаб ккола

 

Щибаб анлъабилеб хъизан

ГIемерал лъимал гьарулеб бакI­лъун Дагъистан рикIкIаниги, ни­лъе­р гьанибги соналдаса соналде цIи­кIкIунеб буго лъимал гьаруларел хъи­замазул къадар. Лъимал гьарулеб ри­гьалда бугеб щибаб анлъабилеб хъи­замалъе гьабулеб гьечIо лъимер.
Жакъайин абуни лъимал гьаруларезе рес буго пробиркаялда жаниб бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги жинсиял клеткаби цолъизарун лъугьараб хьонтIи чIужугIаданалъул тIон­чIорокъобеги биччан, гьелъ лъи­мер гьабулеб хIал лъугьинабизе. Гьелда абула ЭКОйилан, ай экстракорпоралияб оплодотворение абун. Дагъистаналда гьелъие ругел ресазул, тохтурзабазул махщалил ва церечIарал масъалабазул хIа­къа­лъулъ бицун, дица гара-чIвари гьабуна медицинаялъул гIелмабазул кан­дидат, республикаялъул хъизан цIуниялъул ва репродукциялъул централъул отделениялъул заведующая, ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул репродуктивияб сахлъиялъул штаталда гьечIей бетIерай специалист Муъминат Хархаровалъулгун.
«Нижер отделение хIалтIизе бай­бихьана 2010 соналда. 2013 сонал­де щвезегIан тохтурзабаз унти чIе­забулаан, лъимер гьабунгутIиялъе ру­гел гIунгутIаби сахгьарулаан ва тIадегIанаб технологиялъул кумек хIажатал чагIи ЭКО гьабизе Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул клиникабазде ритIулаан. Гьелъие аслияб гIилла букIана отделениялда ЭКОялъе къваригIунел алатал гье­чIолъи. 2012-2013 соназда отде­ление хьезабуна гьаб заманалъул алатаздалъун ва байбихьана ЭКОялъул операциязде. 2012 соналда отде­лениялъул специалистаз гьабураб ЭКОялъул хIасилалда гьабуна тIоцебесеб лъимер. 2014 соналда отделениялда байбихьана генетикияб материал нахъе цIунизе ва хIалтIизабизе. ЦIорозабун, нахъе цIунараб хьонтIиялдаса лъимер лъугьана гьединго, суррогатияб эбеллъи абулеб программаялъул баракаталдалъун тIоцебесеб лъимер гьабуна. 2015 соналда цIорозабураб жинсияб клеткаялдаса тIоцебесеб хьонтIи лъугьана ва лъимер гьабуна», — ян бицана М. Хархаровалъ.

ЧIобого гьабизе рес щвана

— Гьел соназда жаниб Дагъистаналда чан хъизан талихIаблъун лъугьараб?
— 2013 соналда нижер отделениялда ЭКОялъул кумекалдалъун яс гьаюна. Гьей ккола Дагъистаналда пробиркаялдалъун гьабураб тIоцебесеб лъимер. Жакъа къоялде нижер кумекалдалъун гьабун буго 250 лъимер, гьабизе хIадурулеб буго жеги 80 лъимер.
— ЭКО хираго чIолищ?
— ЭКО учузго чIезе рес букIунаро. Гьелъие къваригIуна хириял препаратал, хьонтIи гIезабулеб тIабигIат, гьаб заманалъул алатал ва лъайги махщелги бугел специалистал. Тохтур-эмбриолог хIадуризе гIемераб заман уна, ва гьеб хIалтIи Россиялъул клиникабазда гьабун тIубаларо.
Жакъа мискинал хъизамазеги рес буго ЭКО программаялъул кумекалдалъул сахгьаризе. 2013 соналдаса байбихьун, РФялда ЭКО ОМСалъул программаялде гьоркьобе бачана. Гьединлъидал лъимер гьабулареб хъизамалъул ихтияр буго ОМСалъул фондалъул харжаздасан чIобого ЭКО гьабизе.
— ЧIобого ЭКО гьабизе бокьарас киса босизе кколеб направление?
— 2012 соналъул 30 августалда къабул гьабураб РФялъул Сах­лъицIуниялъул министерствоялъул №107н «О порядке использования вспо­могательных репродуктивных технологий, противопоказаниях и ограничениях к их применению» абураб буюрухъалъул тIалабалда рекъон, лъимер гьечIого букIиналъе рос-лъадуе бугеб гIилла тIатинабизелъун, цIех-рех гьабизе ккола гIумру гьабун гьел ругеб бакIалъул медицинаялъул идараялда, руччабазул консультациязда, Хасавюрт ва Дербент шагьаразул «Хъизамалъул ва репродукциялъул план гьаби» абулел центразда. Гьединаб хъизан нижер централде бачIине бегьула. Акушер-гинекологас гьарурал цIех-рехаздаса хадуб, медицинаялъул документазул кьучIалда хъвала выписка ва гьеб битIула ДРялъул РЦОЗСиРялъул тохтурзабазул комиссиялде. Сахгьаризе кколин комиссиялъ хIукму къотIани, гьезул документал ритIула ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялде. Гьениб гьединазул цIар хъвала министерствоялъул сайталда бугеб электронияб сияхIалда.
— ЛъагIалида жаниб чан ЭКО тIобитIулеб?
— Республикаялда соналдаса соналде цIикIкIунеб буго ЭКО-операциязул къадар. Масала, 2016 соналда нижеца ЭКО гьабуна 300 пациенталъе, 2017 соналда гьезул къадар 350 бахана. Гьайгьай, нижер отделениялъул хIал гIоларо ЭКО хIажатал киналго чагIи къабул гьаризе ва гIемерисел ритIула улкаялъул регионазул медицинаялъул центразде. Ниж разияб хIалтIи ккана, 2017 соналдаса нахъе МахIачхъалаялъул руччабазул консультациязда гуребги, республикаялъул цоги шагьаразул ва районазул тохтурзабазги пациентал ЭКОялде хIадуризе байбихьи.

ЭКОялъул цIиял къагIидаби

— ЭКОялдалъун лъимер ккезе бу­кIиналда кинаб божилъи бу­кIу­неб, ригьалда бараб жо бу­кIу­нищ?
— ЭКОялъул хIасил бараб букIуна гIемерал хIужабазда. Гьайгьай, гьеб бараб букIуна гьаб заманалъул алатаздалъун клиника хьезабиялъул даражаялда. Нижер отделениялда руго цIиял медицинаялъул алатал, гьелъ рес кьолеб буго ЭКОялъе цIи­ял къагIидаби хIалтIизаризе. Нижеца кIудияб кIвар кьола специалистал хIадуриялде, хIаракат бахъула кIванагIан гIемер конгрессазде ине, гьеб гуребги, лъайги махщелги борхизабиялъул курсазде ритIула гIо­лохъанал специалистал. Ахираб лъаб­го соналда жаниб отделениялъу­л тохтурзаби ана Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул центразде гу­­релги, Англиялъул, Даниялъул, Че­­­хиялъул, Франциялъул, Италия­лъул, Испаниялъул, Япониялъул, Син­­гапуралъул ва Бельгиялъул клиникабаздеги.
КIочене бегьуларо, чIужугIадан гIо­лохъанго йигебгIан ЭКОялъу­л хIа­сил лъикIаб кколеблъи. ГIоло­хъа­наб черхалъ кьола сахал ва лъикIаб даражаялъул клеткаби, унтабиги гьезда дагьал гурони рукIунаро.
Киназего ва кидаго ЭКОялъухъа кумек гьабун бажарулин абулеб пик­ру мекъи буго. Цо-цо мехалъ нижехъе рачIуна цIикIкIараб ригьалде рахарал руччаби, гьезул чорхолъ жидерго жинсиял клеткаби лъугьунарого рукIун, хIалтIизаризе ккола доноралъулал.
— Рос гьечIей гIаданалъул рес бугищ ЭКОялдалъун лъимер щвезе?
— Буго, рос гьечIей гIаданалъул ихтияр букIуна ЭКОялдалъун лъимер гьабизе. Гьединал руччабазе нижеца рес кьола бихьинчи-донорасул хьон хIалтIизабизе.
Росасда гьечIел яги кинаб бугониги гIиллаялдалъун жакъа лъимер гьабизе рес гьечIел руччабазул санагIалъи буго жидерго биологиял жинсиял клеткаби, нижер отделениялда цIорозеги гьарун, нахъе цIунизе ва бокьараб мехалда ЭКОялъе хIалтIизаризе. Дица росасда ругел руччаби ахIулел гьечIо лъимал гьари нахъе тIамиялде. Амма, жакъа лъимер гьабиялъе кинабгIаги квалквал яги къварилъи батани, гьезие рес буго, санагIат ккезегIан, жидерго генетикияб материал нахъе цIунизе.

Аслияб мурад – хъизан цIуни

— Рес букIунищ лъимадул жинс тIасабищиялъе ва хьонтIиялда ру­кIине бегьулел ирсалъе кьолел лъи­кIал гурел унтаби, гIаламатал тIа­тинариялъе цIех-рехал тIори­тIизе?
— Жакъа рес буго, тIончIорокъоб лъелалде цебе, хьонтIиялъул хромосомазул гIунгутIаби ругищали балагьизе. Гьелъ рес кьола лъалаго ЭКОялъул хIасил лъикIлъизабизе ва ирсалъе кьолел унтаби ккечIого рукIиналъе. Амма нилъер республикаялда жеги гьечIо гьединал цIех-рехал тIоритIулеб цониги генетикияб лаборатория. Гьел анализазе хIажалъулел алатал цIакъ хираго чIола. Нижер отделениялда босараб биоматериал Санкт-Петербургалъул генетикияб лабораториялде цIех-рех гьабизе битIиялъул хIакъалъулъ нижеца гара-чIвариял гьарулел ругелдаса лъагIел унеб буго. Хьул буго, кватIичIого гьеб масъала тIубазе батилин абураб.
ХьонтIиялъул жинс батIабахъия­лъе буго цо къагIида, цIех-рехал тIоритIун, гьениб Y-хромосома бугищ яги гьечIищали балагьи. Медицинаялъул хасаб бихьизаби гье­чIони, РФлъул законалъ гьукъула хьон­тIиялъул жинс балагьиялъул цIех-рехал тIоритIизе.
— ЭКОялъухъа бажарулищ лъимал гьарунгутIиялъул масъала тIу­базабун?
— Улкаялдаго бугеб лъимал гьарунгутIи гIадаб кIудияб масъала тIубазабун ЭКОялъухъ бажаруларо. Нижер масъалалъунги кколаро ЭКОялъул кумекалдалъун Дагъистаналда лъимал гьарунгутIиялъул бугеб ахIвал-хIал хисизаби. Нижеца, масала, лъимер гьечIеб хъизан ЭКОялъул кумекалдалъун цIунула.
ЭКОялдалъун гьарурал лъимал рикIкIуна рокьун гьарураллъун, гьединлъидал гьел тIадчIун гIезарула, гьезул сахлъиялда ва лъаялда кидагосеб тIадчIей букIуна. ГIемерисел пациентал гьединал лъималги рачун, баркала кьезе нижехъе рачIуна. ТалихIалъул цIурал гвангъарал гьезул гьурмал рихьидал, нижгоги талихIаллъун лъугьуна.
Нури Нуриев