Хамиз – «хехаб кумек»

Кверал меседилай, калам гьуинай

 

«ЛъикIав чиясул лъикIлъи ралъдалъ бугеб ччугIиеги щола», — ян абураб кициялъул магIна тIубанго бичIчIана дида, «Талги» санаториялда хIалтIулей медсестра СагIидова Хамизилгун лъай-хъвай ккедал. Гьей ккола Шамил районалъул Гьолокь росулъа рагъул ветеран Расул ГIумаровасул щуго васги цо ясги йигеб кIудияб хъизамалда тарбия щварай яс. Лъимерлъиялдасаго гьей йикIана жигарай, сундулъго цее йикIине хIаракат бахъулей гIадан. Гьединабго жигарчилъи бихьизабуна Хамизица Гъизляралъул медучи­лищеялда цIалулагоги: цIалана ункъил ва щуйил къиматазда, нухмалъи гьабуна «ГурхIел-рахIмуялъул клубалъе», гIахьаллъулаан спортивиял къецазда. Лъабго соналъ хъулухъ гьабуна лъимал гьечIел, жалго жидецаго тIубан бажаруларел херал чагIазе. Масала, гьелъ хъулухъ гьабулаан захIматалъул фронталъул гIахьалчIужу Ялинова Валентинае. Хамизица абуна, эбелалъулги ясалъул­ги гIадаб гьуинлъиги хинлъиги букIанила жидеда гьоркьоб, гьелъ малъанила жинда ретIел букъизеги квен гьабизеги, тIадежоялъе медсестралъиялъул хIалтIул лъикIаб хIалбихьиги щванила.
Медсестралъун Хамиз хIалтIана Гьолокь росдал консерваби гьарулеб заводалда. Гьениб чанги кколаан хIалтIухъабазе жагъаллъи ккарал лъугьа-бахъинал. ЙиххичIого, хIинкъичIого, гIолохъанай медсестраялъ унтаразе махщалида гьабулаан тIоцебесеб медицинаялъулаб кумек. Хадуй медсестралъун хIалтIизе ячана Гьолокь росдал участковияб больницаялде. Гьеб хIалтIуда цадахъго гьелъ бачунаан рукъарулеб цехалъул начальникасул хъулухъги. ГIолохъанал ясал ругьун гьарулаан рукъаризе, хьухьаризе ва угьаризе. Гьелъул хIалтIуе къимат кьолеб цо мисал бачина. Доб букIана 1993 сон. ГIемераб мех букIана Хамизил вукIарав учитель ГIалихIажиев ХIажисул чакрил унтиялъ кIвекIулев вугелдаса. Къаси кватIараб гIужалъ ахIун бачIана гьев захIматго вугилан. Жиндир заманалда гьабураб кумекалъул хIасилалда, унтарав хвасар гьавизе кIвана. 1999 соналдаса нахъе Хамиз медсестралъун хIалтIана республикаялъул консультативияб поликлиникаялда, ЛОР ва нефрология отделениязда.
ХIеренаб каламалалдалъун, берцинаб рагIудалъун гьабула Хамизица унтаразе хъулухъ. Гьелъги батила, кIиабилеб нухалъ гьей хIалтIулеб отделениялде вачIарав унтарас: «Хамиз йигищ?» — абун гьикъулеб.
«Талги» санаториялде хIалтIизе лъугьиналъул хIакъалъулъ гьелъ гьадин бицана: «Хасаб операция тIобитIулаго, тIубанго щущазабун батана нижер мина. ЦIидасан гьеб балаго, гьабизе ккараб захIматаб хIалтIиялъ илагьиялдаса инабуна дир мугъзал гьод. ЗахIматго гурони хьвадизе кIолароан, гьодил унти хIехьезе кIвеялдаса ун букIана. КиналгIаги дарабазул пайда ккечIо. Лъалел чагIаз гIакълу кьуна «Талги» санаториялда бугеб даруяб лъел хIалбихьизе айилан. Гьениб цо курс гьабун хадуб, саламатаб мадар лъугьана.
ЛъагIалидасан унтана наку, гьебги добго даруяб лъеда гурони сахгьабизе кIвечIо. Дун налъулай йиго гьаб санаториялъе. Дие бокьана, дунго гIадин, захIматго унтарал чагIи сах гьарулеб санаториялда хIалтIизе. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисал бачина. Ралъад бихьизе анищалда вукIарав Нижний Новгородалдаса 17 сон барав гIолилав Малик АхIмадов МахIачхъалаялде вачIун вуго. Гипсалъулъ жиндирго квер букIиналъухъ балагьичIого, гьес ралъдалъ гъанкъулей йикIарай яс хвасар гьаюна. ГIемераб мехалъ лъеда гъоркь хутIарав Малик, хIалалъ хвасар гьавун вуго. Гьелдаса хадуб, вилълъанхъизе кIоларого вукIун, гьабичIеб даруги, Китаялде гIунтIун, щвечIеб бакIги хутIун гьечIо, амма щибго хIасил ккун гьечIо. Гьабизе жо тIагIарал эбел-инсуца гьев Талгиялде вачун вачIана. Добго сероводородалъул ваннабаз гьев бохдузда эхетизавуна».
Жинцаго харжалги гьарун, Хамизица санаториялда унтаразе ракIгъеялъе тIоритIула батIи-батIиял байрамал, машгьурал чагIазулгун дандчIваял, херал чагIи рохизарула, суратал рахъун ва чIорого гьел рикьун.
Гьакьал руго ахихъаби. Гьелъги батила, кий йигониги, Хамизица, жиндирго харжазда жийго хIалтIулеб бакIалъул минаялда сверухъ бугеб ракь тIугьдуз, хъархъаз ва гIурччинлъиялъ берцин гьабулеб.
ГIадамазда жий йичIчIулей гье­чIила, баркала кьолареб хIалтIи бугилан абун, бадирчIваял гьарулелги камуларилан бицана Хамизица. Жиндие бокьун бугила дунго гIадин унтун, гIумруялдаса ракIбуссун бугел чагIазе кумек гьабизе, гьел сахгьаризе бажарулеб санатория Дагъистаналда букIиналъул хIакъалъулъ бицине.
ЛъикIлъи гьабурасе баркала кьейги мухьалда бащалъулаян абураб кициялъухъего, Хамизие баркала кьун гьарурал гIемерал хъвай-хъвагIаял руго санаториялъул хасаб тIехьалда. Киналго унтараз гьелда загьир гьарурал пикраби гъорлъ рессун руго ЧIиркъатIаса ГIалиева ПатIиматил гьал жугьабазулъ:
Кверал меседил руго,
Калам гьуинаб буго,
Жийго накIкIигъветI гIадай, —
Хамиз, мун, супер йиго.
Хамизил мадугьалзабазги гье­лъу­л гIагаразги абула гьей йигила Аллагьас ракьалда гIадамазе лъикI­лъиялъе йижарай гIадан, гьей йигила жидер «хехаб кумек».
Хамизица абула, щиб кканиги, киве кканиги, медицинаялъул хIалтIухъан хIадурго вукIине кколила унтарасе кумек гьабизе. Жинцаго гьеб борч тIубазабулеб букIиналъул хIакъалъулъ бицунеб цо мисалги бачина. Росулъе унаго, гьелда МахIачхъалаялдаса рикIкIад гьечIеб шагьранухда автоавария ккун батана. ЗахIматго лъукъарав чи вугилан ахIи-хIуралда ругоан гIадамал. Машинаги чIезабун, Хамиз лъукъарасда аскIое ана ва, хехаб кумек тIаде щвезегIан, аскIоса кьуричIо.
Нури Нуриев