ГIажаибаб нигIмат

Добаса-гьаниса

 

ГIалимзабаз абулеб буго инсанасе бищун пайдаяб квен чамасдакI бугилан. Гьелда гъорлъ буго 23 аминокислотаги ва 15 минералги. ГIалимзабаз чIезабун буго анцIго чамасдакI квани, къойида жаниб чиясе хIажалъулеб кванил роцен гьелъ роцIинабулин абун. Гьединго чамасдакIалъулъ батун буго триптофан абулеб, ай гIадалнах хIалтIизабулеб «нигIматги». Гьеб хIажалъула бетIер хIалтIизабун хIалтIи гьабулезе. ЧамасдакIалъулъ бугеб селеналъ цIунула инсанасул черх рак унти ккеялдаса ва щула гьабула иммунияб система.
Лъимаде йигей гIаданалъ, ахираб ункъо анкьалъ чамасдакI кваналеб бугони, гьелда гъорлъ бугеб окситоциналъ квербакъулеб буго лъимер гьаби бигьалъизабизе ва чIужугIадан хехго рукIалиде ячIинайизе.