Берал «цIодораллъун» хутIизе

Компьютералъ гьабулеб зарал лъазе ккола

 

Телефоназдаса яги компьютераздаса пайда босуларел гIадамал къанагIатги гьечIо. ГIемерисел Интернеталъур рукIуна сордо рогьинегIанцин. ЦIиял технологияздаса битIун пайда босизе лъалеб гьечIолъиялъ, канлъуе заралги гьабулеб буго. Лъималазул берал цIунизеян абун, эбел-инсуца гьел компьютералда нахъа гIодор чIолеб заман дагь гьабула, амма гьелда нахъа хIалтIулез щиб гьабилеб? Гьединго канлъи дагьлъизе рес буго бокьараб ригьалъул гIадамазул. Компьютералда нахъа гIемераб заманалъ гIодор чIедал, берал сваказарула, цо-цо мехалда ссудизарула ва унтула. Кинха цIунилел компьютералъул заралалдаса берал? Щибаб жо рекъараб хIалалда хIалтIизабуни, зарал кколаро, гьединго, компьютераздаса битIун пайда босани, берзул канлъи цIунизе бажарулин абулеб буго гIалимзабаз.
Канлъи цIунизе бокьани, щибаб сагIаталдасан беразе хасаб гимнастика гьабизе ккола, амма гIемерисезда гьеб гьабизе ракIалдецин щоларо. Канлъи цIунулеб гимнастикаялъул хIакъалъулъ цебеги хъван букIана гьаниб.

Киналха ругел канлъи загIиплъиялъул гIаламатал?

ХIалтIулелъул берал ссудула ва унтула; жаниса берал багIарлъула; компьютералдаса берал цогидаб ра­хъалдехун ралагьани, загIипго би­хьула; къасимехалъ канлъи дагь­лъула, хIалтIулелъул ва хадуб гIемерисеб мехалда бетIер унтулеб букIуна; кIигъуждул, габур ва мугъ унтула.
Компьютералъ канлъи хвезабиларедухъ хIалтIулеб ва хIалхьи гьабулеб къагIида гIуцIизе ккола, хIалтIулеб бакIги цо ккараб хIалалда рекъезабила. Гьелда рекъон, тохтурзабаз гьадинал малъа-хъваял гьарулел руго:
— хIалтIулелъул, компьютералда­са 50-70 сантиметралъ рикIкIад ру­кIине лъикIаб буго;
— экран беразда дандбитIун букIи­не бегьуларо, гьелъул гIаксалда компьютералъухъ тIаса-гъоркье балагьизе лъикIаб буго;
— компьютералъул экраналде цIи­кIкIун канлъи речIчIизе бегьуларо, кабинеталъуб цIакъго гвангъун бугони, лъикIаб буго компьютералда тIад тIадхъел гIадаб жо гьабизе;
— тIасабищизе ккола компьюте­ра­­лъул гьоркьохъеб гвангъи ва хIар­­пазул роцен рекъезабизе ккола, цIакъго гIисинго тезе лъикIаб гье­чIо;
— компьютералда нахъа битIун гIодор чIела, квералги ритIун лъела, тIад кIусараб бакIалъулги столалъулгун борхалъи рекъезабила;
— щибаб 20 минуталдасан компьютералдаса берал цогидаб рахъалде руссинарила, тIаде рахъинчIониги, цогидаб рахъ-рахъалде ралагьаралги гIола;
— берал гIемер паркъезаризе ккола;
— хIалтIизаризе лъикIаб буго компьютералъул канлъудаса берал цIунулел цIоробералги.
Лъималазул канлъи цIуниялъе гIоло тохтурзабаз бихьизабун буго заман: 3-4 сон барал лъимал телевизоралда цере рукIине бегьула сордо-къоялда жаниб 20 минуталъ, 5-6 сон барал 30 минуталъ, 7-8 сон барал 40 минуталъ, гьебги гьоркьоб заман биччан.

Кванил нигIматазги
щула гьабула канлъи

Гимнастикаялъ гуребги, берал цIунизе кумек гьабула массажалъ, дарабаз, халкъияб медицинаялъ, канлъи лъикIлъизабулел нигIматаз.
ГIемерисезда лъалеб батила беразе лъикIаб нигIматлъун чIегIерка-ри кколеблъи. Гьеб гъорлъ бугел хасал дарабигицин хъвала, канлъи цIунизелъун окулистаз. Канлъи цIуни гуребги, берзул жанисеб тIадецуялдасацин цIунизе кумек гьабула цо-цо кванил нигIматаз. Мисалалъе, томаталъул сокалъ глаукома лъугьиналдаса цIунула берал.
НигIматазда гъорлъ ругел А, В къокъаялъул витаминазги лютеиналъги бидул хьвади лъикIлъизабула. Беразде би ва кислород лъикI хьвадулеб бугони, гьел унтиялъул хIинкъиги дагьаб букIуна. Амма гьел витаминал гIолел гьечIони, масала, щаринах, ханал яги ччугIа кунеб гьечIони, канлъи дагьлъизеги рес буго. Пайдаял нигIматал кунин абун, киданиги берал унтизе рес гьечIин абураб пикруги мекъаб буго. Кваница гIицIго канлъи лъикIлъизабизе кумек гьабула.

Кинал нигIматалха
беразе «рокьулел»?

Ламадуралъулъ букIуна канлъи «цIодор гьабулеб» А витамин. ЛъикI букIина гьебгун цадахъ беэнлъи квани, масала, ламадуралъул салаталъулъ тIорахь жубазабун.
ТIулалъги букIуна А ва В витаминал. В витаминалъ беразул нервабазул хIалтIи лъикIлъизабула, беразул свак чучизабула.
Кьарияб тайпаялъул ччугIадулъ (лосось, скумбрия, сельд) букIунеб А витаминалъги беразул нерваби цIунула, кIудияб ригьалде рахараб заманалдагицин канлъи лъикIлъизабула, берзул жанисеб хъал (сетчатка) унтиялдаса цIунула. Анкьида жаниб кIиго-лъабго нухалдагIаги ччугIа квине лъикIаб буго канлъи цIунизе бокьаразе.
ЧIегIеркариялъулъ букIуна А, В, С витаминал ва лютеин (канлъи лъикIлъизабулеб жо). Риидал гьеб кунеб бугони, канлъи цIунизе кумек гьабула. Холодильникалъуб цIунараб чIегIаркариялъулъги киналго витаминал цIунун хIутIула.
Гьуинаб пуччалъулъ букIуна берзул жанисеб хъалалъул сахлъи цIунулеб ва капиллярал щула гьарулеб С витамин.
Киви буго витаминаздалъун цIакъ бечедаб. Гьелъулъ рукIунел А, В, Е, С, РР къокъабазул витаминаз, лютеиналъ, макро — ва микроэлементаз берзул канлъи лъикI гьабула.
ГIинтIи бечедаб буго аскорбиналъулаб, фолиялъулаб кислотаздалъунги, А, В, Е къокъаялъул витаминаздалъунги, микроэлементаздалъунги. Гьабун сордо-къоялъ тараб гIинтIидул компоталъ къасимехалда канлъи лъикI бихьизе кумек гьабула.
Помидораз канлъи гуребги, иммунитетги щула гьабула, рекIел унтабаздасаги рак унти лъугьиналдасаги цIунула. Петрушкаялъулъги руго беразе пайдаял А, В, С къокъабазул витаминал. Бидурихьал щула гьарула гьелъ. Компьютералда нахъа хIалтIун свакарал беразул свак чучизабула петрушкаялъул, сельдереялъул ва ламадуралъул сок жубазабун гьекъани.
ПатIимат СултIанмухIамадова