Сахал цаби – берцинаб гьими

ГIусал хвечIого рукIине ккани, гьезда хадуб хъулухъ гьабизе ккола

 

Щай цаби хехго холел? ЛъагIалида жаниб чан нухалда хисизе кколеб цаби чурулеб щетка? Къаси-къаси цаби, чуричIого, хулун тезе бегьуларищ? Стоматологазул пикруялда рекъон, гIемерисез, цабзазда хадуб хъулухъ гьабулелъул, гъалатIал риччала. Гьединлъидал гIемер дандчIвала 50 сон балелде цабзазул бакIалда протезал яги имплантал лъурал, гьитIинаб къоялдаса нахъе цаби-гIусазул тохтурасухъе гIемер хьвадарал гIадамал. Кинха протезазул кумекалде ккеларедухъ цаби-гIусазда хадуб хъулухъ гьабилеб?
Стоматологазул пикруялда рекъон, цаби-гIусал хехго хвеялъе гIиллалъун буго цабзазда хадуб хъулухъ гьабизе лъангутIи ва, гьел рацIцIад гьарулелъу­л, риччалел гъалатIал.

Кванан хадуб чури

Кванан хадур цаби чуриялъ зарал гьабула гIусазе. Кванилъ рукIунел кислотабаз гIусазул эмаль тамах гьабула. Кванан рахъиндал, гьедингоги кваница тамах гьабураб эмаль щеткаялъги лъулъани, гIусал хехго хола. Амма кванан хадуб бащдаб сагIаталдасан, квенгун кIалдибе бачIараб кислота, хIацIугун гъорлъ жубан, рукIалиде ккола, гьединлъидал кванан хадуб бащдаб сагIаталдасан гурони цаби чуризе бегьуларо.
Къасимехалъ цаби чуричIого тей

Къаси кьижилелде цере чуричIого теялъ цабзазе кIудияб зарал гьабула. Кьижилелде цебе гIусазда гьоркьоб кванил хутIел хутIизе бегьуларо, гьеб буго кариес ва цогидал унтаби рижизарулеб жо. КIал хулунинги абун кIалдиса киналго бактериялги лъугIуларо.
Цаби чурулелъул, щетка гIебедехун лъулъазе бегьуларо, гьелъ дабал унтизарула, ва цаби рагIа-ракьанде щун рацIцIалъуларо. Гьоркьоса кинабго чороклъи нахъе гьабизе ккани, щеткаялъ цересаги нахъасаги киса-кирего чуризе ккола цаби. Чурулелъул, щеткаялде хIал биччазе бегьуларо, гьелъ цабзаздаса эмаль нахъе инабизе бегьула.

Цаби чурулеб алаталъе рацIцIалъи

Цаби чурулеб щетка хисизе ккола лъабго моцIида жаниб цо нухалъ. ГIемер хIалтIизабураб щеткаялъул «расал» ричIула, ва гьенир гьоркьоре микробал ракIарула. КигIан щетка чураниги, гьелда гьоркьоса микробал тIагIинарун бажаруларо. Амма, дабал унтун ругони, ялъуни бактериязулаб инфекциялъ унтани, гьеб унтудаса сахлъарабго, цаби чурулеб щеткаги нахъе рехизе ккола.

Цаби рацIцIунеб квар

Цаби хехго хвезе бегьула, гьел рацIцIунеб квар хIалтIизабулеб гьечIони. Цаби рагIа-ракьанде щун рацIцIад гьарулел гьечIони, гьезда гьоркьоб «цабзазул гамачI» лъугьине бегьула. Гьединго цаби рагIа-ракьанде щун рацIцIад гьаризе кумек гьабула ирригаторалъ (лъим речIчIизабун, цаби гьоркьоса рацIцIад гьаризе хIалтIизабулеб аппарат). Щетка ва цабзазул квар щолареб бакIалде лъел тIеренаб чIва речIчIизабуни, цабзазда гьоркьор бактериял хутIуларо, кIалдиса рокьукъаб махI бугони, гьеб тIагIинабула, дабаздаса би бачIунеб бугони — къотIизабула.

ХъахI гьарулеб паста

Цаби хъахI гьарулел пастаби гIемер хIалтIизаризе бегьуларо. Гьединал пастабазулъ рукIуна химикиял жал, ва гьез цабзазда тIад чIвараб кьер тIагIинабула. Гьединал жал гъорлъ бугеб паста гьоркьоса къотIичIого хIалтIизабулеб бугони, гьелъ сахал цабзазулги эмаль хвезабизе рес буго. ХъахI гьабулеб пастаялъулъ букIуна водородалъул перекись, карбамид ва цогидалги химикиял жал.