Витаминазул нахърател

Огь баркаман, бакъвараб пихъ

 

ГIемер кванани, бидулъ чакар цIикIкIи

ЛъаратIа росулъа АхIмадов ГIумарица редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «КигIан къасд тIамуниги, къанагIат гурони щоларо нилъерго ахикьа бетIараб пихъ, бичун босизеги гьеб хираго чIола. Дун гIадав рекIелгун бидурихьазул ва ургьисалабазул унтабаз кIвекIулев чиясе тIабигIиял витаминал хIажалъула. Цо-цояз абула витаминалги, сахлъиялъе гьечIого гIоларел цогидал жалги бакъвараб пихъилъ цIунун рукIунин. Бокьилаан гьелъул хIакъалъулъ газеталда хъвани».
ГIумарил мурад тIубазелъун щвана 31 соналъ фельдшерлъун ва ахираб ичIго соналъ даруял чIахIазул ва бакъвараб пихъил кумекалдалъун унтарал сахгьарулев вугев МустIапа Ибрагьимовасухъе.

— Бакъвараб пихъалъ лъикIлъизабула чорхол жанго. Масала, бакъвазабураб гIечулъ цIунун букIуна кальций, бор, железо. Гьеб лъикIаб буго рекIелгун бидурихьал унтаразе ва рахунел унтабаздаса цIуниялъе. Гьелъ квербакъула ургьиб квен бигьинабиялъе, лъикI хIалтIизарула ургьисалаби, бидулъ дагь гьабула заралияб холестерин.
Бакъвараб генулъ рукIуна гIадалнах хIалтIизабиялъе пайдаяб бор абураб микроэлемент, гьединго клетчатка, А, С, В1 витаминал, пектинал ва заралиял микробал чIвалел фитонцидал.
ЧIегIераб коконалъулъ букIуна фруктоза, глюкоза, сахароза, гIемерал органикиял къанцIаби, пектин, А, С, В1, В2, Р витаминал ва минералал. Гьединлъидал чIегIераб кокон цIакъго пайдаяб буго чорхолъ би ва витаминал гIоларого ругезе. Гьелъ щула гьабула черх, цIунула чехь-бакьазул унтабаздаса.
Инжиралъулъ рукIуна квен бигьинабулел белкаби-ферментал, калий, натрий, кальций, фосфор, В-каротин, В1, РР, В3, С гIадал витаминал. Бакъвараб инжир пайдаяб букIуна рекIел унтаби ругезе, гьуъразул мащабазул астмаялъ кIвекIулезе, чорхолъ би дагьлъиялда хIинкъи бугел чагIазе. Инжиралъ рукIалиде ккезабула щитовиднияб железаялъул хIалтIи, цIунула рак унтудаса. Кванилъ хIалтIизабуни, инжиралъ лъикIлъизабула гьурмал кьер, щула гьабула ракI ва бидурихьал, рукIалиде ккезабула рекIел хIалтIи. Инжиралъ кумек гьабула кутакаб гъиз свари инабиялъе, кIващ бачIинабиялъе ва бидул тIадецуй гIодобе ккезабиялъе.
Бакъвараб ахбазаналъ инсанасул черх кальциялдалъун ва железоялдалъун хьезабула, бидулъ гемоглобиналъул даража цIунула. Зама-заманалдасан кванилъ бакъвараб ахбазан хIалтIизабулеб бугони, рак унти ккеялда бугеб хIинкъи дагьлъула. Куракалъ рес кьола бидулъ холестериналъул къадар ва бидул тIадецуй рекъезабизе. Куракалъ лъикIлъизабула канлъи, берцин гьабула гьурмал кьер, щула гьабула рас.
ЧамасдакIилъ цIакъго гIемер руго углеводал, беэнлъаби, витаминал, минералал ва, масала, гIечулъ, апельсиназулъ, бананазулъ гьечIел батIи-батIиял аминокислотаби. ЧамасдакIилъ буго бидулъ глюкозаялъул кьариял къанцIабазул даража рекъезабулеб пантотеновияб къанцIа. Гьелъ квербакъула черх рак унтудаса цIуниялъе. Гье­лъулъ гIемер фтор букIиналъ, цаби-гIусал цIунула кариесалдаса, селен букIиналъ щула гьабу­ла иммунитет ва цIунула рекIел унтабаздаса. НекIо чамасдакI хIалтIизабулаан ботIрол ва къватIул унтаби сахгьария­лъе. Гьелъ чорхолъе къуват ба­чIинабула, ургьимес бацIцIад гьабула заралиял жалаздаса. Макьу щоларого ругони ва бетIер хIалтIизе кколеб захI­матаб хIалтIи гьабулеб бугони, щибаб къоялъ кваназе ккола 8-12 чамасдакI.
Жага бечедаб буго батIи-батIиял витаминазул, органикиял къанцIабазул, макро- ва микроэлементазул, гьединго би лъугьиналда гIахьаллъулел – железоялъул, медалъул ва, кобальталъул къадаралъул ра­хъалъ. Гьеб хIалIизабулеб бугони, хехго сахлъула ругъун, гIо­лохъанлъула черх, — ан бицана МустIапаца.
— Бакъвараб пихъ кванилъ хIалтIизабизе бегьуларел чагIи рукIунищ?
— Промышленнияб къагIида­ялда бакъвазабураб пихъалъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабула. Хехго бакъвазабиялъул ва гIемер заманалъ цIуниялъул мурадалда гьенир хIалтIизарула заралиял жал. Гьениб пихъ бакъвазабула газалъул ва бензиналъул печазда жаниб. Гьедин бакъвазабураб пихъил хъалалъ рукIуна кьватIелал ва гьелдаса букIуна лъикIаб гуреб махI. Берцинаб кьер гьабиялъе гIоло пихъида бахуна глицерин, кьер гьабулел жал ва чакаралъул сироп. Гьел руго черхалъе заралиял жал. Бакъвараб пихъ гIемер кваназеги лъикIаб гьечIебха. Гьез кьаралъизарула, бидулъ чакар цIикIкIинабула. Бакъвараб пихъалдаса инкар гьабизе ккола хехго кьаралъулез, аллергия кьолез, чакрил унти ва кванирукъалъуб ругъун бугел чагIаз.
— Бакъвараб пихъ бичун босулаго, сунде кIвар кьезе кколеб?
— Базаралдаса бакъвараб пихъ босулаго балагьизе ккола гьезда гьоркьоб хIапара бараб ва цIакъго бакъвараб бугищали. Босизе бегьуларо цIакъго кьер берцинабги пихъ. Щайгуре­лъул, бакъвазабулаго пихъ ча­ра гьечIого бецIлъула ва гьелъул хъал букIкIуна. Цоги кIвар кьезе кколеб хIужа: кваналалде цебе гьеб цIорораб лъеца лъикIго чуризе ккола. Цинги, бигьинабизе бигьалъиялъе, цо-кIиго сагIа­талъ цIорораб лъелъ лъун тела тамахлъизе. Бакъ­вараб пихъ лъикIаб бу­кIу­на цогидал нигIматалгун жу­ра­заричIого кваназеги.
Нури Нуриев