РагIизе бокьани…

Дагъистаналда 65-70 процент гIадамазул буго гIиндабакIлъи

 

Ахираб заманалда СМИяздасан бицунеб букIана МахIачхъала шагьаралъул тIоцебесеб больницаялда, операцияги гьабун, тIубанго гIинкъав лъабго чи сах гьавунилан. Масала, отосклерозалъул хIасилалда 30 соналъ тIубанго гIинкълъун йикIарай цо гIадан, гIинзуниб титаналъул протезги лъун, сах гьаюна.
Гьелъул цIех-рех гьабун щвана рехсараб больницаялде ва гара-чIвари гьабуна хирург, лор-отделениялъул заведующий Ясудар АхIмадовасулгун. Гьес бицана гьанжелъизегIан гьединал операциял гьаризе гIинкъал чагIи Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул клиникабазде ине кколаанила. Жакъайин абуни рес бугила кинабго кумек республикаялдаго гьабизе. «Гьединал, ай малоинвазивниялин абулел операциял нижеца гьаризе байбихьана гъоркьиса сентябралдаса нахъе. Гьел къагIидабаздаса дица пайда босулеб буго Екатеринбургалда хIалтIулеб мехалдаса нахъего (гьабуна 400 операция). Гьанже щибаб анкьалъ гьабула лъабго-ункъо операция. ГIинкъасда рагIизе байбихьула операциялъул заманалдаго ва лъабго моцIидаса хал гьабизе нижехъеги вачIун, гьес ругьунабго куцалда гIумру гьабизе бегьула», — ян бицана хирургас.
— Ясудар, гIинкълъиялъул гIун­гу­тIи бугев чи чан вугев республикаялда?
— ТIолгодунялалъул сахлъи цIу­ния­лъул организациялъул баяназда рекъон, дунялалъул халкъалъу­л 12 процент гьеб талихIалдаса махI­румлъун буго. ГIинкълъиялъе аслиял гIи­ллаби ккола: рахунел унтабаз унти, цIикIкIараб бидул тIадецуй, габуралъул гьодил остеохондроз, стрессал, лъукъа-къотIиял, дарабаз кьураб аллергия… Гьел гIунгутIаби хехго тIатинарунагIан тохтурзабазе бигьалъула гIинкълъарал чагIи сахгьаризеги.
Жиндир заманалда цIех-рех гьа­би­чIолъиялъул хIасилалда, Дагъис­таналъул халкъалъул 65-70 проценталъул буго гIинкълъи. Къадарго рагIиялде ругьунлъун, гIемерисез тохтурасухъе хитIабго гьабуларо, гьединлъидал хIинкъи букIуна тIуранго гьел гIинкълъиялдаги.
— Унтаразе гьел операциял цIакъ хираго чIолел ратила…
— Москваялъул ва Санкт-Петер­бургалъул клиникабазда гьединаб цо операция гьабиялъул багьа 100-200 азарго гъуршиде ба­хуна. МахIачхъалаялъул жалго бе­тIер­гьанал чагIазул клиникабазда гьабураб гьединаб операциялъухъги гIага-шагарго 100-180 азарго гъуруш босула. Гьаб больницаялде полисгун вачIарав чиясе операция чIобого гьабула. Сентябралдаса нахъе гьаниб гьабураб 51 операциялъухъ нижеца унтаразухъа капек гIарац босичIо.
— Сундалъун инсан гIинкълъизе бегьулев?
— Аслияб гIилла ккола, гIиналде жанибе рецIцI бакIариялдалъун, гьенир рукIунел рукьби цоцада хъваларого рукIин яги гьел рукьбузе зарал ккун бугони, гьез гьаракь рагIизе биччангутIи. ТIуранго гIинкъал чагIазе ва щуго сон тIубазегIан лъи­малазе гьединал операция­л гьа­рула Москваялда ва Санкт-Пе­тер­бургалда. Германиялд абуни, 90 сон баразецин гьарула.
Нижеца гьабулеб цоги операциялда цIар буго «типанопластика» абураб, ай бихъараб яги багьараб гIинзул пардав цIилалдалъун цIигьаби. Жакъа больницаялда гIурал шартIал гьечIо херлъиялда­лъун гIинкъал чагIазе операциял гьаризе.
Титаналъул протез лъолеб операция тIоцебе гьабуна немцазул хирургаз. ГIиналда жаниб хвараб, жагъаллъараб ракьа хисун лъураб титаналъул протезалъул (гьелъул багьа 40 азарго гъуруш) кумекалдалъун 85-90 процент унтаразул гIинкълъи инабула. Масала, Гъуниб районалдаса 67 сон барай ГIабдулхаликъовалда 38 соналда жаниб щибго рагIулеб букIун гьечIо. Лъана гьелъул кIиябго гIиналъул пардавазда картIал лъугьун рукIин. Нижеца багьараб гIинзул пардав цIилалдалъун гьабуна ва лъурал титаналъул протезазул кумекалдалъун гьелда саламатго лъикI рагIана.
— Дуца абуна, жиндир заманалда цIех-рех гьабичIолъиялъул хIасилалда, нилъер халкъа­лъул 60-65 проценталъул гIинда­бакI­лъи бугилан. Гье­лъие гIилла щиб?
— Аслияб гIилла ккола гьеб ра­хъалъ республикаялъул поликлиникаялъул хъулухъ цIакъго нахъеккараб букIин. Къокъго абуни, нижер больницаялъул, РКБялъул ва жалго бетIергьанал чагIазул поликлиникабазда гурони республикаялъул цониги муниципалияб поликлиникаялда гьечIо я специалист-сурдолог, я рагIи рагIиялъул даража борцунеб алат (аудиометр). Гьебин абуни, щибаб муниципалияб поликлиникаялда чара гьечIого букIине ккола. Гьеб ккола цIакъ багьаяб немцазул аппарат ва гьелда хIалтIизе къваригIуна лъикIав специалист.
Нижер отделениялъул базаялда гIуцIана сурдологияб хъулухъ. Гьениб буго рагIиялъул даража борцунел алатал — аудиометрги типометрги. ГIинкълъи бугев чи отделениялдаго сах гьавиялъе гIурал шартIал руго.
— Гьел операциял гьаризе бегьуларел чагIи рукIунищ?
— 70 соналдаса тIаде арал чагIазе гьел операциязул мукъсанаб гурони пайда букIунаро.
— Нилъер республикаялда ругищ лъикIаб даражаялда гьединал операциял гьаризе бажарулел хирургал?
— Руго, жалго бетIергьанал чагIазул клиникабазде къватIиса рачIуна операциял гьаризе лъайги махщелги бугел хирургал. Республикаялъул муниципалиял больницабазда абуни дун гурони гьеб махщалил хирург гьечIо.
— Цо милъиршоялъ их гьабуларин абула, дурго гIадаб махщалил хирургал хIадуриялъе щиб гьабулеб бугеб?
— Жакъа нижер больницаялъул базаялда хIадурулев вуго ичIго ординатор. Гьел хIалтIизе руго цогидал больницабаздаги.
— Операция гьабизе духъе ккезе бегьулел чагIазда щиб малъилеб, кинаб гIакълу кьелеб?
— ГIундузда жаниса рецIцI бачIи­нал­далъун яги гIундузда жаниса унареб сасалдалъун, рагIиялъе ки­наб­гIаги къварилъи бугони, нахъбахъун течIого, цIех-рех гьабизе нижехъе рачIине ккола. Къварилъи гьечIинги абун, лъагIалида жаниб цо-кIиго нухалъгIаги халгьабизе сурдологасухъе инчIогоги чIезе бегьуларо.
Нури Нуриев