100 къо: ресал ва хIасилал

Лъабго моцIидаса цIикIкIараб заманалда жаниб гьаруна 411 вас ва 402 яс

 

Республикаялъул перинаталияб центр рагьаралдаса ва хIалтIизе байбихьаралдаса ана нусго къо. Гьеб заманалда жаниб централда гьабун буго 813 лъимер (411 вас ва 402 яс), гьездаго гьоркьоб 13 игизалги.
ГьабсагIаталда медицинаялъу­л гьеб центр букIине кколеб куцалда хIалтIулеб буго. Гьенир хIал­тIулел руго жидерго иш лъикI лъа­лел махщелчагIиги медициная­лъул хIалтIухъабиги. Гьеб хьеза­бун буго хIажатабщинаб къайи-къоноялдалъунги. Централъул хIал­тIухъабаз сах гьарула лъима­де ругел ва гьебго заманалда захI­матал унтабаз унтарал руччаби. Гьединго кIвараб кумекги гьабула жидее цIияблъун кколеб дунялалде рачIунел гьитIичазул сахлъиялъеги. ГьабсагIаталдайин абу­ни централда буго 500 грамм гу­рони цIайи гьечIеб чанго лъимер. Медиказ бицухъе, гьезул гIум­руялъе щибго хIинкъараб хIалги рагIуларо.
Центр хIалтIизе байбихьаралдаса араб нусго къоялда жаниб заман щвелалдего гьабун буго 54 лъимерги.

*** 

Цолъизаризе къасд ккана

Гьелъул аслияб мурад букIана информациязул технологиязулги, прессаялъулги, социалиял сетазулги кумекалдалъун гIисинабги гьоркьохъебги бизнес цебетIезабиялъе нухал рати.
Форум рагьана РФялъул бухьеналъулгун массовияб коммуникациялъул министр Николай Никифоровас. «Социалиял сетаз щулияб бакI ккун буго гIадамазул гIумруялда. ГIемерисев чиясул хIалтIул къо байбихьула цIиял харбазухъ халгьабиялдаса. ТIолабго Россиялда Интернеталъул бухьен гьабун буго «Цифровая экономика» абураб программаялда рекъон. Гьеб гIумруялде бахъинабулеб буго улкаялъул президентас Федералияб Собраниялде гьабураб хитIабалъул бихьизабиялда рекъон. Программаялъул аслияб мурад буго, социалиябгун экономикияб хIаракаталъул хIакъалъулъ киналго баянал тарихазулаб къагIидаялда хIалтIизари, ай гьелдалъун нилъер улкаялда цогидал пачалихъалгун къецбан бажарулеблъиги, гражданазул гIум­руялъул шартIал камиллъулел ру­кIинги, экономикиябгун милли­яб рахъаз лъидаго бачIеб улка бу­кIинги бихьизаби.
Тарихазулаб экономикаялъул суал форумалъул хасаб бутIалъун бихьизабун буго. Гьелда тIасан гьабулеб бахIсги пайдаяблъун лъугьиналда ракIчIола дир», — ан бицана гьес.
Форумалда бицана Интернеталъулги, маркетингалъулги, медиа-сурсатазулги рахъалъ тIобитIулеб бугеб пачалихъияб политикаялъул хIакъалъулъги, гьаруна стратегиял бухьеназул хIакъалъулъ къотIи-къаялги. Масала, ДРялъул Печаталъулги информациялъулги министерствоялъги Электроннияб пачалихъалъул экспертнияб централъги гьабураб къотIиялда рекъон, республикаялъул киналго пачалихъиял сайтазул цогояб информациялъулаб гIатIилъи гIуцIизе буго, ай Интернеталъул трафикги гIаммлъизабун, пачалихъиял идарабазухъе киналго баянал заманалда щвезарулеб къагIида букIине буго.
ДРялъул «Дир документал» МФЦялъги «Одноклассники» со­циалияб сеталъги гьабураб къотIи­ялда рекъон, машгьурлъизабизе буго МФЦялъул хIаракат.
Форумалъул пресс-хъулухъ

*** 

Маххул нухда цIодорлъи гьабе

Ахираб заманалда маххул нухазда цIакъго гIемер кколел руго талихIкъосарал лъугьа-бахъинал. Гьезул хIакъалъулъ гIемераб хъвала газетазда, бицуна телевидениялдасан. Амма ахIвал-хIал хисулебго гьечIо.
Араб анкьалдаги, нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хIасилалда, Р. Бекмамбентовас бачунеб машина дандречIчIана Адлер-Нижневаторск нухда хьвадулеб поездалда. Лъукъа-къотIана 15 чи. Машинадул шофер больницаялде ккана. Северияб Кавказалъул маххул нухазул нухмалъиялъулги рахIатхвезабун буго гьединаб ахIвал-хIалалъ. Исана республикаялдаги ккаралъулха микьго гьединабго хIужа. Гьелъул хIасилалда хвана лъабго чи.
ХIурматиял шоферзаби! Нужеца нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хIасилалда гIадамал балагьалде цIалел руго. ГIедегIун унел нуж рокъоре щвейги щакаблъун ккезехъин буго. Щай кIочонеб нуж рокъоре щвеялъухъ балагьун чIараб хъизан-лъимал рукIин. Нуж сабаблъун цIикIкIунеб буго цадахъ ругел гIадамазул гIумруялъеги хIинкъи.
С. Магадов,
МахIачхъалаялъулаб регионалъул инфаструктураялъул дирекциялъул начальник