Планал гIемерлъун, гIарац дагьлъун

 

   Гьидерида хъахIаб халгIат ретIарав чи тIоцеве вихьана 1927 соналда. Гьев вукIана гIолохъанав тохтур, асатIинав Михаил Никалаевич Багулов. Дол соназда райцентр букIана ГIурада росулъ. ХъахIав пачаясул полковник Дибирасул МухIамадил букIараб кIитIалаяб минаялда жаниб районалда тIоцебе ТIидиб росулъ Багуловас рагьана 12 койка лъураб больница. Цо чанго соналдасан гьеб гочана ГIурада росдал Габдану абулеб бакIалде. ДРялъул сахлъи цIуниялъул министрлъун хIалтIулев вукIарав Ибрагьим Ибрагьимовасул жигаралдалъун, сероводород ва сода гъорлъ бугел даруял лъинал ругеб санагIатаб бакIин абун, гьениса больница цIидасан гочана ТIидиб росдал ГорцIохъ абулеб бакIалде. Гьениб бана кIудияб больница ва 2013 соналда, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министрлъун вукIарав Танка Ибрагьимовасул хIаракаталдалъун гьабуна капиталияб ремонт.

 

 

ХIалтIул хIасилазул, цере­чIарал масъалабазул ва гьаризе ругел хIалтIабазул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьа­буна Гьидалъ участкаялъулаб боль­ницаялъул бетIерав тохтурасул ишал тIуралев ХIайбула МухIамадовасулгун.

— Кинаб даражаялда бугеб боль­ницаялъул материалиябгун техникияб база?

— Больницаялда буго 30 унтарасе вегизе бакI, гьездаса 20 койка – сордо-къоялда жаниб регулеб ва анцIго койка – къад заманалъул стационар. Руго терапевтияб, педиатрияб отделениял, гьединго лъабго койка буго акушер-гинекологияб хIалтIуе. Буго УЗИ-аппарат, циф­ровияб рентген, цаби-гIусал къачIалеб кабинет. ГIунги тIокI буго компьютерияб техника. Амма больницаялда бугеб гIе­мерисеб къайи-къоно, алатал руго басралъарал. 2013 соналдаса нахъе цониги цIияб алат нижер больницаялъе кьечIо. Чара гьечIеблъун ккола хехаб кумекалъул автопарк цIигьаби, гьединго цебего заман щун буго медицинаялъул цIиял алатаздалъун больница хьезабизе. КъваригIун руго микроскопал, автоклав, лаборатория, физкабинеталъул аппаратура, гастроскоп, бакI-бакIазде босулеб флюорограф, ростомерал, цIадираби… 

Хехаб кумекалъе хIажалъулел дараби руго, амма цогидал дарабазул къанагIалъи буго.

— БетIерал тохтурзабазул гIарз букIуна медицинаялъул хIалтIу­хъаби гIолел гьечIин, ругезулги мукъсанаб гурони лъай-махщел ва хIалбихьи гьечIин абун…

— Больницаялда вуго 70 хIал­тIухъан, гьездаса 56 медицинаялъул хIалтIухъан. КъваригIун вуго неврологиялде гьетIи бугев терапевт. Нижер гIолохъанал тохтурзаби ккола УЗИялда хIалтIулей МухIамадова Альбина ва цаби-гIусазул тохтур Багъужалов МухIамад. Гьел ккола шагьаралъул больницабазда хIалтIул хIалбихьи щварал махщелчагIи.

ГIаммаб куцалда абуни, гIе­мерисел хIалтIухъаби ккола 20-30 соналъул хIалтIул хIалбихьи бугел, хIалтIи лъалел, бокьулел ва унтаразул баркалаялъе ва адабалъе мустахIикъал чагIи. «ХIакъикъаталдасанги» барка­ла кьела акушер-гинеколог ХIа­би­булаева Маринае, терапевт Гьи­тIиномухIамадова ПатIи­матие ва участокалъул тохтур-терапевт ХIа­жиев МухIамадие.

— ЦохIо гьидерил росабазул гIа­дамазейищ нужеца хъулухъ гьабулеб?

— Нижеца хъулухъ гьабула 4500 чиясе. Гьидерил росабазул гIадамазе гуребги, нижеца медицинаялъул хъулухъ гьабула больницаялдаса 30 километралъ рикIкIад ругел ЦIекIоб, Лъануб ва Хучада росабазул гIадамазеги. Нижер жавабчилъиялда буго ункъо амбулатория, щуго ФАП ва лъабго фельдшерасул пункт.

— Кинаб даражаялда гIуцIун бугеб диспансеризациялъул хIалтIи?

— Нижеца тIокIлъиялда тIуба­забуна диспансеризациялъул план. ТIалабазда рекъон, 40 со­нал­даса тIаде арал чагIазул хал-шал гьабула щибаб соналъ, 18-39 сон базегIан ругел чагIазул – лъабго соналда жаниб цо нухалъ; исана гьеб хIалтIи тIубазабуна нусабго проценталъ. Коронавирусалъ унтун рукIарал чагIазе щибаб соналъ гьабула диспансеризация.

Диспансеризациялъ тIа­ти­наруна бищунго тIири­тIа­рал рекIел ва бидурихьазул унтаби, рак унти (Гьидалъ вуго 76 гьединав унтарав), гьединго рукьбузулгун рищалабазул унтаби рукIин. Соналдаса соналде цIикIкIунеб буго ракалъ унтулезул къадар, гIолохъанлъулел руго тIадехун рехсарал унтаби. ГIилла – химия гъорлъ бугеб квен, гIемер кванай, рагъа-рачари дагьлъи ва квешаб экология.

— Чан лъимер гьабулеб участокалда лъагIалида жаниб ва гьезул сахлъи кинаб бугеб?

— ЛъагIалида жаниб участкаялда гьабула 10-15 лъимер. Соналдаса соналде дагьлъулеб буго росабалъ гIадамазул къадар, херлъулеб буго халкъ, гьелдаго цадахъ дагьлъулеб буго гьарулел лъималазул къадарги.

Участокалда буго 960 лъимер, гьезул сахлъиялда хадуб хал­ккола лъабго тохтур-педиатрас. Аслияб куцалда тIатунел руго гьезул хIухьел цIалел лугбузул ва ургьисалабазул унтаби. Гьелъие бугеб гIиллалъун дица рикIкIуна лъималазул сахлъиялда хадуб эбел-инсул тIаса-масагояб бербалагьи букIин.

— Сунца квалквал гьабулеб бугеб нужер хIалтIуе?

— Медицинаялъул хIалтIухъа­базда дица тIадаблъун гьабун буго, унтараздехун жидерго эбел-инсудехунго гIадаб бербалагьи букIине ккей. Жакъа гьеб рахъ цIакъ лъикI буго гьаниб. Унтараздехун нижер хIалтIухъабазул бугеб хIурматияб бербалагьиялъул бицунеб рагIун, гьанире рачIуна сах гьаризе ЛъаратIа ва ГIахьвахъ районазул, БежтIа участокалъул росабалъа унтаралги.

— Росабазул администрациязул букIунищ нужее гьабулеб кумек?

— БукIунаро, киданиги цIехоларо нужее къваригIараб, камураб жо бугищ абун.

— Щиб батIияб-цIияб жо больницаялда гьабизе бокьун бугеб?

— Планал гIемерлъун, гIарац дагьлъун букIиналъул буго кIудияб квалквал.

Лъел буго къварилъи, бокьун буго километралъул манзилалда цIияб лъел мухъ бачине. Хьул буго гьидерил росабазул бутIруз гьелъие кумек гьабиялде. 

Лицензия гьечIин абун, 2013 соналдаса нахъе хIалтIулеб гьечIо гьаниб бугеб сероводородалъул лъим. Гьениб хIалтIи гьабун бахъунеб буго, лъел тIокъо гьабун, лъим бухIизабулеб бройлер лъун, бокьун буго рукьби, рищалаби унтарал чагIи сахгьаризе байбихьизе. Гьаб Талгиялда бугелдаса къураб гьечIо. 1964 соналда ТIидиса ГIанчIо ХIажихIмад абулев чияс, кипятильникалъ хинлъизабулаан гьеб лъим ва радал анцIго тIубараб мехалъ рачIунаан рукьби унтарал херал чагIи лъелъ регизе. Сахлъун, гьенирго гIунсбиги тун, рокъореги унаан. 

Больницаялъул ракьалда бугеб сода гъорлъ бугеб лъеца сах гьарула чехь-бакьазул унтаби, хасго ракI цIерхIей (изжога). КъваригIун буго, хинлъизеги гьабун, гьеб лъим унтараз гьекъолеб къагIида букIинабизе.

Киналго сурсаталги росун, ччукIун унеб бугеб больницаялъул кIкIалал рагIалдисеб рахъ щула гьабизе тIаде босун буго ХIотода росулъа инженер ГIабдулаев МухIамадица. Нижер коллективалъул рахъалъан гьесие баркалаги буго. 

Камуларо ток ун, хIалтIи чIун кколел лъугьа-бахъиналги. Нижеца валагьулев вуго больницаялъе электрогенератор босулев ва тIорччоца бакулеб котельная токалде бачине кумек гьабулев спонсор.

— Ниж ккола ФОМСалъул гIарцуда бадире балагьарал чагIи. Гьелъ бихьизабураб план тIубачIони, нижее мукъсанаб гурони гIарац бачIунаро.

ДРялъул ХIукуматалъул хIукмуялда рекъон, 2019 соналъул тIоцебесеб ноябралда районазул киналго участкоявиял больницаби цолъизаруна районазул больницабигун. Гьеб тадбиралъ нижер хIалтIуе гIемерал квалквалал гьаруна: харжал дагьлъана (тохтурасул гьоркьохъеб харж букIана 44, медсестраялъул — 22, санитаркаялъул — 17 азарго гъурущ. Жакъа гьел харжал кIиго нухалъ дагьлъана). Щиб къваригIаниги кьеян гьарун, ине ккола ЦРБялде, нижер гIарацги уна гъобего. Бокьилаан гIарцулаб сурсатгIаги нижерго ихтияралда букIунеб къагIида гьабуни.

Нури Нуриев