ХъахIаб халгIат ретIарай «хIурулгIин»

 

  

 

    Дунялалда ругелщинал махщелазда гьоркьоб гьебгIан хIикматаб цониги батиларо. ХъахIал халгIатал ретIарал «малаикзаби»… Къасикъалъи гьечIого гIадамал сах гьарулел, хвалил кIичIикье ккараб гьезул гIумру хвасар гьабулел… Гьабулищха нилъеца гьезул хIалтIул къимат, бичIчIулищ гьезул захIматаб ишалъул кIвар?

Жакъа бицен гьабизе бокьун буго республикаялъул рагъул ва хIалтIул ветеранал сах гьариялъул госпиталалда хIалтIулей Хунзахъа тохтуртерапевт Мадина Качаловалъул хIакъалъулъ. Гьей ккола ДРялъул мустахIикъай тохтур. ГIемер бицунеб рагIун букIана Мадинал унтараз- дехун бугеб хинаб бербалагьиялъул хIакъалъулъги, гIезегIан дандчIвана гьелъул хIалтIудаса разиго хутIарал унтаралги. Гьале жакъаги, гьей хIикматай тохтуралъулгун гара-чIвари гьабизе поликлинникаялде щведал, гIемерал унтарал ратана гьелъул кабинеталъул кIалтIа.

 

— «Щиб кканиги дун Мадина Качаловалъухъе йортула. Гьелде гIадаб божилъи дир лъидего букIунаро», — ян абуна гьений ятарай цо гIаданалъ.

— «ХIакъикъаталдаги гьей йиго унтаразда гьимун гурого кIалъаларей тохтур. Гьелъ цIакъ мухIканго халшалги гьабула. Гьелъул дару-сабабги цIакъ рекъола. Гьединал тохтурзаби гIемер гьечIо», — ян жаваб кьуна гьелъие цоги гIаданалъ

УнтарасгIан ритIухъаб къимат тохтурасе кьелебдай?

 

— Мадина, кин пикру ккараб гьадинаб захIматаб, жавабчилъи цIикIкIараб махщел тIаса бищизе?

 

— Дир эмен МухIамадги имгIал Саху Дибирчуевги тохтурзаби рукIиндал, дидаги гьитIинаб къоялдаса нахъе гьеб пиша цIакъ берцин бихьана. ЧIахIиял классазде яхъиндал, эбелинсулгунги дандбан, хIукму гьабуна тохтурлъи тIаса бищизе. Хунзахъ росдал школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. Гьений цIалулаго, пикру ккана терапия тIаса бищизе. Терапиялда гIемерал чагIазе кумек гьабизе рес букIуна. Щиб унтаниги гIадамал, тIоцебесеб иргаялда, рачIуна терапевтасухъе. Гьезул гIузрабиги, гьел раккиялъе гIиллабиги лъазарун, терапевтас гьел ритIула жидерго батараб унтул гъваридго хал-шал гьабизе цогидал специалистазухъе. Дица институт лъугIизабуна 1986 соналъ. ХIалтIана шагьаралъул кIиго-лъабго батIи-батIияб больницаялда. 1997 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго гьаб больницаялда.

— Духъе щибаб къоялъ рачIунел ратила батIи-батIияб гIамалхасияталъул гIадамал. Киназдаго рекъезабизе захIмат букIунарищ?

— Узухъда, дандчIвала нусго батIияб гIамал-хасияталъул, психологиялъул гIадамал. Хасго унтарал чагIи, жидерго чорхолъ ругел гIунгутIабазул ургъалица, дагьал манзил къокълъун лъугьун рукIуна. Унтиялъул захIмалъиялда бан, гьезул психологияб рахъги загIиплъун букIуна. Байбихьуда, ругьунлъизегIан, захIмалъулаан киназдаго хIал рекъезабизе. ГIемерал соназ хIалтIун, хIалбихьи щведал, дида гьанже лъала лъидехун кинаб нух батизе кколебали, лъие кинаб хабар бицине кколебали. Гьеб нижер хIалтIулъ цIакъ кIвар бугеб жолъунги ккола. Берцинго кIалъараб кIалги гIола гьезие.

— Дуца гьабураб кумек бичIчIичIого, разилъичIого хутIарал пациентал рукIанищ?

— ГIиси-бикъинаб жо камилищха. Амма разилъичIого нахъе арал унтарал ракIалда гьечIо. Дица кидаго хIаракат бахъула гьезие бажарараб кумек гьабизе, гьезул къваригIел тIубазе.

— Дур пикруялда, кинал хасиятал чара гьечIого рукIине кколел тохтурасулъ?

— Тохтурасе бищунго къваригIунеб хасият ккола жиндаго тIад бугеб жавабчилъи бичIчIи. Сах гьавизе кIолеб гIадин, тохлъукьего ккараб гьитIинаб гъалатIалдалъун, инсанасул чорхое кIудияб сакъат ккезабизеги рес букIуна. Гьединлъидал, гьитIинабниги хIукму гьабилалде цебе, ургъизе ккола. Жиндир квераздалъун чияр гIумруялъе зарал ккезе бегьулеблъи киданиги кIочон тезе бегьуларо. Чара гьечIого къваригIунеб жо буго сабруги. Дагьаб мехалъцин, цогидал лъугIизегIан нуцIил кIалтIа рахъун чIезе кканиги, хIалги бачIун, къулкъудулел рукIуна цо-цоял. Амма кигIан ццин бахъун, манзил къокълъун гьел лъугьаниги, дица хIаракат бахъула сабру гьабизе.

— Жакъа сунца дур хIалтIуе квалквал гьабулеб? Щиб бищунго бокьулареб?

— Бищунго захIматабги бокьуларебги жо буго кагъат-хъарщиялда хурхараб хIалтIи. Гьелъ бахъула заманги рухIги. Гьанжени, гIемерисеб жо компьютералдасанги гьабулеб буго, амма кагъат-хъарщи дагьлъунго бугищали лъаларо.

— Коронавирусалъ квегъулеб заманалда нужер больницаялда кинаб хIал букIараб?

— Доб цIакъ захIматаб мех букIана. Тохлъукьего вахIшияб унти тIаде бачIиндал, нижер хIалтIи чанго нухалъ цIикIкIана. Къойидаса къойиде цIикIкIунеб букIана унтулезулги холезулги къадар. Амма «багIараб зонаялде» инчIого чIезе ракIалдецин ккечIо нижеда. Нижер ресги букIинчIо гьенире инчIого, щайин абуни, нижецаги гьабичIони гьаб хIалтIи гьабизе щивха вачIинев? КIудияб хIинкъи букIана нижерго гIумруялъеги. Амма гьеб киналъулго пикруги ургъелги гьабизецин регIараб хIал букIинчIо. Нижеда божун рукIана нус-нус гIадамал. Цадахъ хIалтIулезда гьоркьорги унтарал рукIана. Амма сундухъниги балагьичIого, бажарараб гьабуна.

— Цо-цояз нилъер тохтурзабазе лъикIаб гьечIеб къимат кьолеб рагIана. Мун рази йигищ нилъер республикаялда сахлъи цIуниялъул иш гIодобегIанаб даражаялда бугин абураб пикруялда? Халкъалда гьоркьоб гьединаб пикру бижиялъе гIиллалъун щиб дуца рикIкIунеб?

— Дагъистаналда хIалхьезегIан руго лъикIал тохтурзабиги клиникабиги. Дица абиларо, гьаниб медицина нахъе ккун бугинги. Россиялъул церетIурал регионазда ялъуни къватIисел пачалихъазда гIадал, клиникабазда чIезарурал гIемерал шартIал ратичIониги, жибго сахлъи цIуниялъул иш гIезегIан лъикI буго. Нилъерго гьаниб лъикIаб хIалалда цIех-рехги гьабичIого, захIматаб унти бугел чагIи къватIиреги ун, гьениб батараб хIал бихьидал абула гьез, гьаниб кумек щвечIин абун. ГьацIулъ хIеги хIанилъ расги каму- ларин абухъего, цо-цо тIаса-масаго, кIвар кьечIого хал-шал гьабун толел тохтурзабиги камуларо. Гьеб мехалъги бижулеб батила гьединаб пикру.

— Мадина, дурго хIалтIулъ бищунго сунца мун йохизаюлей?

— Дун кутакалда йохула дицаго гьабураб кумекалъул ва хIалтIул хIасил бихьидал. Гьеб мехалъ дир рекIелъеги жеги цIикIкIараб рохалил асар лъугьуна. Гьелъ жеги цIакъ хIалтIизе гъираги бижизабула. Йохула гьабураб хIалтIуе тIад ругез лъикIаб къимат кьураб мехалдаги. Амма диего щварал шапакъатаздасаги, бищун цебе дие къиматаблъун буго дирго квербагъариялдалъун ун- таразул гьурмада гьими кунчIизабизе бажари. БатIи-батIиял газет-журналазда рахъарал баркала кьун хъварал макъалабиги щола дихъе. ПалхIасил, унтарасул баркалаялъги, гьесул гьурмада букIараб пашманлъи хисараб гьимиялъги дида свакги захIматги кIоченабула.

— Мадина, нужер кабинеталъул къадада хъван руго Демокритил “Медицинаги философияги кидаго цадахъ рукIуна” абурал рагIаби. Медицинаялда гъорлъги букIунищ философия?

— Гьелдасанха байбихьулеб медицинаго.

— Тохтурасул махщел тIаса бищизе бокьаразда ва гьанжего гьанже хIалтIизе лъугьунел гIолохъанал тохтурзабазда щиб абилеб?

— Къо бахъанагIан медицина цебетIолеб буго, раккулел руго цIицIиял сах гьариялъул къагIидаби, дараби ва гьединго унтаби. Гьединлъидал, кидаго лъай борхизабиялда тIад хIалтIейин абилаан дица. Гьеб махщел тIаса бищизе бокьараздаги, гьанжего гьанже хIалтIизе рачIунездаги бищун цебе бичIчIизе ккола жидер гъуждузде бегизе бугеб жавабчилъи. Тохтурасул квералдаги дару-сабабалдаги божунлъидалха унтарал гьесухъе рачIунел. Тохтурасул хIалтIи щолеб гIарцухъ балагьун гьабулеб жоги букIунаро. Гьаб буго ракI-ракIалъ бокьун, рекIелъе биччан гьабизе кколеб иш.

— Мадина, нахъа тараб хIалтIулаб нухалъе кинаб къимат дуцаго кьолеб?

— Дир гIумруялда цIакъ кIудияб бакI ккола гьаб ишалъ. Гьаб буго дир гIумруялда жаниб бугеб цоги гIумру. Дица абила, нахъа тараб нухалдаса рази йигилан. Цониги унтарасда цебе гьумер нечолеб иш ккечIо. Узухъда, дие къимат дихъе рачIунез кьела, щайин абуни, гьезда лъикI бихьула. Амма дунго разияй йиго. Дица дидаго цебе кидаго лъун букIуна гьадинаб масъала: кинаб букIаниги гIузругун дихъе вачIарав чи рази гьавун гурого нахъе виччангутIизе. Рес буго, масала, ракIалдацин гьечIеб захIматаб унти батизе. Гьеб мехалъгицин, ракIмакIги гьабун, гьесул лъикIалде хьул бижизабизе хIаракат бахъула.

Цониги къоялъ ракI бухIичIо тохтурасул махщел тIаса бищиялдаса ва киданиги ракIалде ккечIо гьаб рехун тезе.

Гара-чIвари гьабуна МухIамад Манаповас.